Блогеразул даптар. 25 июнь - 1 июль.

Кинаб букІине кколеб экстремизмалъеги тероризмалъеги профилактика? Ришват ккола цо-цо кІвахІалал гІадамазеги данде кколеб гІунгутІи. Исламалдехун буссараб республикаялда, кин абортал рукІине бегьулел гьедигІан машгьурал? Гьединал темаби загьир гьарун руго дагъистаналъул блоггераз унеб анкьалда.
Блогер МухIамадов Нажмудиница хъвалеб буго, информациялъул алатаз кІвар буссинабулел хІужжабазде балагьун, ракIалда кколеб бугила, республикаялда рагъ унеб бугилан. Мисалал рачунел руго гьес Буйнакск мухъалда имам, МахІачхъалаялда полициялъул хIалтIухъаби чIваялъул. Низам цIунулезулун изну гьечIого яргъидгIуцIаразул тунка-гIусиял жиб-жиб къоялдагІадин кколел ругилан, жубалеб буго гьес. Дагъистаналда лъугьа-бахъунеб информациялъул алатаз, политиказ ва политологаз цебего абулеб буго гражданияб рагъ кколилан. Амма дагъистаниязухъ балагьун, абизе бегьула, гIадатиял гIадамаз гьелъул батIаго ургъелцин гьабулеб гьечІин. Гьел ругьун руго кьвагьдеяздеги, гІадамал холел рукІиналдеги. Метер бидул гIорал чвахханиги, ургъел букIинарин кколеб бугилан, хъвалеб буго блогерас. Амма гьесго жубалеб буго: «Чанги харбал руго раккун тунка-гIусиял гIагараб заманалде тIагIине ругин абурал. Путиница лъазабун рагІунила Сочиялъул Олимпиада бай-бихьилелде Шималияб Кавказалда ахІвал-хІал рукІалиде бачун букІине кколин абун.

Блогерас хъвалеб буго, гьел харбазда божизе бокьун бугин киназегойин. Амма жакъа республикаялда бугеб ахIвал-хIалалда балагьун, гражданияб рагъ гIагараб заманалда лъугьилин абуралда божизе захІматго буго.

Республикаялъул щибаб мухъалда терораде данде чIараб комиссия гIуцIи, республикаялда рагъулал аскарал цIикIкIинари ва гьездаго релъарал цогидал хIужабаз гьениб гьелъул ахир букІинарилан абураб пикрабазде рачунел ругилан абулеб буго МахІмадовас.

«Рагъалъ кьо­ла гIарац, машгьурлъи, цIваби, рагъуца хьихьулел руго гIемер чагIи. Терроралде ва экстремизмал­де данде къеркьей халат бахъине букІиналъе аслияб багьаналъун бихьулеб буго тIаса-масабгояб, махшел камурал гІадамаз гьабулеб, профилактикаялъулин абулеб хІалтІи.» - ян хъвалеб буго блогерас.

Мисал хІисабалда гьес кІвар буссинабулеб буго Дагъиста­налъул университетазда кьолеб «Динияб экс­тремизм» абураб дарсиде. Гьелъул аслияб масъала хурхараб рагІула, исламалда гъорлъ ругел гьаркьелазул «ритІарал» ратІа рахъизе ругьун гьари. «Тухумчилъиялъул­, ришватчилъиялъул, къо бахъанагIан цIикIкIунеб къанунал ва инсанасул их­тиярал хвезариялдалъул, экстремизм цIикIкIиналъе бугеб гІиллабазул бицунебго гьечIо», – ян хъвалеб буго блогерас..

Гьеб хъвай-хъвагIаялда хурхун лъураб баяналда блогер АхIмадов Мусаца хъвалеб буго терроралде ва экстремиз­малде данде бугила эффективияб кинабгІаги гІарац къваригІунареб профилактикаялъул къагІида. «КъваригIун буго гIицIго киналго гIадамазе ращадал ихтиярал чIезаризе – гIадатияв чиясеги, ца­дахъ анцI-анцI хъаравулгун хьваду­лесеги. Экстремизмги терроризмги щулалъулеб буго республикаялда тІоцебего пачалихъиял хъулухъчагІаз къанунал хвезарулел рукІиналъ. Киназулго ихтиярал рукІине ккола цокІалал. Гьеб буго бищунго бищунго лъикІаб про­филактика. ГІадамазда кинабго жо бянго бихьулеб буго ва бичІунеб буго. Божуларо гІадамал, мисалалъе, кІалгІабазда гёумру гьабулел ва джипазда рекІун жидехъе «профиклактика» гьабизе рачІунел диниял хІаракатчагІаздаги.», - ян хъвалеб буго блогерас.

Дагъистаналъул экономика цебетIеялъе бищунго квал-квал кІудияб жо кколила коррупциян, хъвалеб буго блогер Аслудинов Мурадица. Ришватчилъи бугила жамгІияталда жаниб щулаго бессун. Гьелдасан бергьине бегьуларлин абуралда гьев божулев гьечІо. Хасго мадугьалиб Гуржиялъ гьарурал реформаби ракІалдеги росун. Гьес хъваралда рекъон, ришватчилъигун Дагъистаналда дандчIвачIев чигIаги ватиларо.

«Щай бегьуларел гьединал реформаби Дагъистаналда гьаризе?» - абун суал лъолеб буго Аслудиновас. ЖамгІияталда жанир ругел цогидалщинал балагьал – инсанасул ихтиярал хвезари, къанунал хІатІикь мерхьи, тІадтаразул ва «гІарцазул таргьабазул» гІамал кІодолъи ва цогидаб - кинабго ришватчилъиялъ баккизабунилан, жубалеб буго гьес.

Цо рахъалъан балагьани, кколеб буго ришватчилъи жалг гІадатиял гІадамазеги данде кколеб бугин. Киналго гІадамазе бокьани, ришватчилъи тІагІинабизе бегьула Дагъситанаола. Гьединаб пикру загьир гьабулеб буго блогер МахIамадов МахIамадица.

Мах1амадов Мах1амад: «Мисалалъе босилин пачалихъияб экзамен. Гьелъул аслияб пикрулъун букIана лъай бугел лъималазе нухал рагьи гуребги, гьеб сфераялда ришватчилъи тIагIинабиги. Амма щибха гьелъул ккараб? Жидерго лъималазе лъикІ цІализариялъул, репетиторалги ккун экзаменалде гьел хIадур гьариялъул бакІалда эбел-инсуца мухIканав чиясе гIарацги кьун рагІалде бахъинабулеб буго экзаменалъул проблема. Гьанже абизе бегьула, университетаздаса школаздеги бачIанин ришватчилъиян. Цогидал мисалал хурхарал рукІине бегьула долго гаишниказда, тохтурзабазда, пачалихъиял хъулухъчагІазда.

ГIадамаздаги гIайиб щибха букІинеб, гьел жибго пачалихъалъ ккезарун ругелъул гьединал шартIазде. ЖамгIияталъ ахIи-хIур багъаризаби бегьулааан ришватчилъиялда, коррупциялда бан, амма гьеб жибгоги къан бугелъул гьеб коррупциялда гъорлъ. Цо рахъалъан балагьани, цо-цо гІадамазе ришватчилъи дандецин кколеб буго».

Абортазул хIакъалъулъ хъвалеб буго блогер НурмухIамадова Басираца. Гьелъул рагІабазда, абортал жакъаги гІемер гьарулел руго. Жинда бичІчІунареб жо кколила, щивав дагъистаниясул пикрабалъги, ишазулъги, гIумру-яшавалъулъги бес­сараб Исламалъулгун кин гьеб данде колебали, абун тамашалъулей йиго блогер.

Цере дагъистанияз абортал гIумруялъул шартIал захIматал ва миски­нал рукIиналъ гьарулел рукIун рата­ни, жакъа «лъимал чIваялъе» аслияб гIиллалъун лъугьунеб бугила лъиме­ралъул жинсила. Дагъистаналда, гIадатазда рекъон бихьинал кIодо гьарулел рукIиналъ, киназего бокьулеб буго вас, ирсилав гьавизеян, хъвалеб буго гьелъ.

Ахиралда блогералъ абулеб буго киназдаго гьоркьоб тIибитIараб пикру бугин абортазул аслияб гIайиб руччабазде ва тохтурзабазде кколин, сахай чIужуялъ киданиги аборт гьа­биларин абураб: «Амма кIочонеб буго гьел лъимал бихьиназул гIахьаллъи гьечIого лъугьунареллъи ва бихьина­зулги гьениб жавабчилъи букIин».