Гъизляралда гΙахьалчагΙи кквеялдалъун гьоркьоб къотΙизабураб бертаде батΙи-батΙияб бербалагьи буго Дагъистаналда. Официалияб версиялда рекъон, бертин жидерго машгьурлъиялъул мурадалда хΙалтΙизабулеб букΙана ХΙизб-ут-Тахрир абураб гΙуцΙиялъ.
Полициялда гьеб бихьун буго санкция кьечΙого тΙобитΙулеб демонстрация хΙисабалда. Цо-цо дагъистаниязул пикруялда, гьеб кколеб буго ислам тадеги хΙакъир гьабизе рес рагьулеб провокация. Лъабабилезул пикруялда, автомобилазда тΙад ккун рукΙарал байрахъазул ХΙизб-ут-Тахриралде кинабгΙаги хурхен гьечΙо. ГьечΙониги, чегΙерал байрахъал бертадул атрибутика кколаро ва гьелъ гΙагсалда байрам чΙегΙераб къоялде буссинабиялъе багьанаби раккизаруна.
Жакъа бугеб ахΙвал-хΙалалде балагьичΙого, бертадул байрамалда чΙегΙерал байрахъал хΙалтΙизари провокация кколин риккунезул цояв ккола «Нурул Ислам» абураб газеталъул бетΙерав редактор ХΙажиев МахΙамад. Гьесул пикрялда, ислам хΙакъир гьабиялъул галабазе кьучΙ баккизабун буго гьеб бетΙадул гΙахьалчагΙаз. Гьесул пикрялда гьеб ккола унго-унгояб провокация.
ХΙажиевасул рагΙабазда дагъистаналда гьанжелъезегΙан ХΙизб-ут-Тахрир гΙуцΙиялъул кинабгΙаги асар букΙинчΙо. Аммайин абулеб буго гьес, гьединал гΙуцΙиязул вакильзабазул гΙорхъабаздаса рорчΙараб хьвада-чΙвадиялъ кумек гьабулеб буго исламалда чΙегΙераб тΙанкΙ лъезе.
Гъизляралда ккараб кΙудияб провокациялъун рикΙкΙунеб буго гьединго Гъизилюрт шагьаралдаса жамгΙияв хΙаракатчи Лабазанов ГΙабдулахΙажицаги.

Your browser doesn’t support HTML5