Терактищ гьаб живго жинцаго чIвайищ?

Your browser doesn’t support HTML5

Дербент районалъул Джеменикент посталда бахъараб кьвагьиги чIварал ва лъукъарал гIадамалги теракт кколин цоязул, кколарин цогидазул бахIсал ва дагIбаял унел руго.

Официалияб тIалъиялъе, республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасе, МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовасе гьеб теракт букIин санагIатаб гьечIо. Щай гурелъул гьезул аслияб тIокIлъилъун ва нухмалъиялъулъ икъбаллъун ахирал соназда рикIкIунеб буго Дагъистаналда терактал лъугIизари. Гьелъул рагьун бицулебги букIана, хъвалебги букIана, абулебги букIана. Гьеле гьеб ахIвал -хIалалда цо къоялъ радал Югалдехун бугеб, цебехун гIемер рагIичIеб Джеминикент пост машгьур гьабуна тохлъукьего бахъараб кьвагьиялъ.

99 моделалъул лада автомобилалда жанив кьвагьун рагIула 23 сон барав А.Талибов абурав гIолохъанчи. Астраханалъул институталда цIалулаго ккун вуго гьев пропогандаялъул къорикье ва гьес рахъ кколеб букIанин Шамалда бугеб Исламалъул пачалихъалъулин кьолеб буго цIех-рехалъулаз.

Шамалъул рахъги гьес кколеб букIун батани, гьанив Кавказалдаги гьебго гьабизе кколин абурал пикрабазда вугев чи ватани гьеб ккола идеология ва политикияб тIалаб. Идеолгия ва политикияб тIалаб гIумруялде бахинабиялъул мурадалда гIадамал чIвани гьеб жо кколеб буго теракт. Дагъистаналда гьелда хурхун батIи-батIиял баяанал кьолел руго, чIварав ТIалибовасда абулеб буго террорист вугин, жибго кьвагьи теракт гуринги абулеб буго. РачIаха хIисаб гьабизе щиб жо кколеб теракт ва кина-кинал гьел рукIунищали.

"Теракт" буго цебехун абухъе политикиял ва идеологиял тIалабал тIураялъе гIоло дандиял хIинкъизари. Теракт букIуна пачалихъалъ оппозициялда данде хIалтIизабулебги гьез пачалихъалда данде хIалтIизабулебги.

Жибго терроризм буго батIи-батIияб: политикияб, социалияб, миллияб, территориалияб, жанисеб, халкъазда гьоркьосеб ва гIемерал цойги къокъабазде бикьулеб.

Цо-цо мехалда гьеб къеркьеялъулъ чанго тайпа цолъунги букIуна. Масала, цо такъсирги гьабун рохьоре арал чагIазул хиял лъола власть тIаса реххизе, гьелго чагIаз байбихьула бюджеталдаса гIарац бикъарал чиновниказухъе флешкаби ритIун хIинкъаби кьезе ва гIарац бахъизе, гьезулго бухьен батула цебехун букIараб Имарат Кавказ гIадал, жакъа Россиялда гьукъараб ИГИЛ гIадал гIуцIабазулгунги.

Байбихьула диниял лозунгазда гъоркь гъуризе къуваталъулал. ХIасил калам, гьаниб цолъун буго лъабго батIияб тайпа терроризмяалъул: политикияб - власть хисизе къеркьолеб, социалияб - бечедал чагIи хIулеб, халкъазда гьоркьосеб - ИГИЛалда нахъ рилълъун гьабулеб. Джеминикенталда кьвагьарав ТIалибов гьазул кинаб къокъаялда гъорлъе кколевали мухIканго лъалеб гьечIо.

БукIанищ гьасул политикияб, идеологияб, ялъуни цойги тIалаб букIинчIищ? Гьаб такъсир теракт бугин абулезулги гьечIин абулезулги руго жидерго далилал. Бугин абулез кьочIое босулеб буго гьев Астраханалда радикалияб Исламалъул чваххиялда гъорлъе ккей, чIухь барабго ратарал гьесул ИГИЛалъул рахъ ккурал гIаламатал.

Гьединго идеологияб аслу батичIони щай гьев кьвагьарав битIун полициялъул хIалтIухъаби ругеб посталда. Дагъистаналъул властаца абухъе хвезе бокьун вукIун ватани азарго нух бугелъул хвезе, чара гьечIого тротилгун посталдейищ ине кколев? Гьеб теаркт кколарин абулезул далил буго гьесул рес букIанин жиндир политикиял ва идеологиял тIалабал власталъухъе ва халкъалъухъе щвезаризе абураб.

Жакъа азарго рес буго гьел щвезаризе, ватсапалда, цогидал социалиял сетазда цо каламниги реххизе кIолаан гьесда жиндир тIалаб щвезабураб. Гьеб гьабун гьечIо, Астраханалда гьев "радикалияб исламалъул идеологиялда гъорлъе ккун вуго" абураб жо гурони цониги хIужа гьечIо. Рес буго гьев бетIер сверун живго жинцаго чIварв чи ватизеги кинабгIаги тIалаб гьечIого. ХIасил калам, юридическиял нормабазда рекъон хIужа, далил гьечIеб жоялда теракт абизе нух гьечIо.

Гьеб рахъалъ тIалъи кодосел ритIун руго. ГIакълуялдалъун босани, щибго гIилла гьечIого гIучIги багъаруларо абулелъул умумуз. ГIиллаго гьечIого, пикру, идеология, мекъаб, къосараб батаниги божилъи гьечIого чи машиналда жаниб тротилгун полициялъул посталде вачIунарелъул. Гьеб кьвагьулеб жоги базарлдаса босулеб картошка гуро, гьелъиеги хIадурлъи ва гьеб лъалел къуватал къварегIуна.

Гьединлъидал, "нилъ террроризмалдаса бергьана" абизе жеги цудунго букIин бичIизабуна гьеб кьвагьиялъ. Гьаб дагIбаялъулъ теракт бугин абулелги гьечIин абулелги кIиялго ритIунги руго, мекъиги руго. Щай ритIун ва мекъи ругелали нилъеца баян гьабуна тIадехун. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.