ГIалибег ГIалиев тIалаб гьавулев вуго халкъалъ

Пачалихъияб Думаялдеги Халкъияб Собраниялдеги къачIарал кандидатазул гIемер бицунеб буго ахираб заманалда. Бицунеб буго мандат щвезе ккани партиязул сияхIалде ккезариялъул.

Бицунеб буго лъай-хъваяз цоял Москваялдаса, цогидал ХъахIаб рокъоса мухIканго думаялде унезул ва республикаялъул парламенталде унезул кьерде ккезариялъул. Бицунеб буго кандидатазул бугеб ресалъул, сурсаталъул, къуваталъул, лъай-хъваялъул ва гIемерал цойги шартIазул. Сундулха бицунеб гьечIеб? Бицунеб гьечIо гьеле гьеб балъгояб гьаркьидалъун халкъалъ вищулев кандидатасул щив, кинав чи халкъалъе гьенив вихьизе вокьун вугевали. Халкъалъул пикруялъул хал гьабулев чиго вихьулев гьечIо.

Амма гьаб заманалъул азарго гIунгутIи бугониги руго нус-нус тIокIлъабиги. Масала, инсанасул пикру абураб жо кигIан власталъ информациялъул алатазда тIад монополия гьабуниги къватIибе бачIинчIогоги чIолеб гьечIо, гьукъизеги кIолеб гьечIо. Социалиял гьиназда загьир гьабун, интернеталдаса щивав чиясул кодобе щолеб буго информация. Гьединаб рагъа-рачари лъугьана рищиязде унел кандидатазда хурхун гьал къоязда. Чанго ресурсалъ кьуна информация Пачалихъияб Думаялде халкъалъул рахъалдаса кандидатлъун бищунго мустахIикъав чи вугин республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул ихтиярал кодосев вакил ГIалибег ГIалиев абун. Социалиял сетазда гьеб макъалаялда гъоркь хъвадарулезул 99 проценталъ рахъ кколеб буго Пачалихъияб Думаялде ГIалибег ГIалиев вихьизавизе мустахIикъав вугин.

Руго цо-цо ГIалибег вихьун лъалел гIадамал Дума гIемер бугин Халкъияб Собраниялъул депутатлъун рекъон вукIинин абулелги. Щай гьезул гьединаб пикру бугеб лъалищ нужеда? Щай гурелъул ахираб къого соналъ кьуризабураб нилъер психологиялъ ва гIакълуялъ къабул гьавулев гьечIо гIадатияв чи думаялъул депутатлъун бегьилин абураб пикру. ГIалибег вуго жеги живго бетIергьанаб рукъги, рекIине машинагицин гьечIев чи. Гьеб гьесие хIажатцин гьечIо, гьеб балагьулевги вихьичIо дида гьев. Гьев лъалезда кколеб буго бегьилищха гьединав чи Думаялдеян. Бегьилищха?

Бюджетги бикъичIев, гIадамалги чIвачIев, цониги терактги гьабичIев, республикаялъул тахбакIазда гIагарлъиги бугIичIев, вачIун киб ток гьечIеб, щай лъим бачIунареб, щиб гIиллаялъ унтарал лъималгун херал къварид гьарулел абурал суалал рорхулев чи бегьилищха гьениве? Гьениве ине ккола цо-цоязул пикруялда гIадамалги мерхьун, жаназабаздаса тIаса унев залим. Гьесул джипазул рехьедалъухъги ралагьун абула: "сильный чи вуго, гьадав бегьулин".

Гьединаб буго цо-цо чагIазул психология. Аллагьасе рецц, буго бижун бачIунеб батIияб пикруги, зулмучагIи гурел халкъалъул тIалаб гьабулел хIажат ругин абураб. Гьанже рачIа хIисаб гьабизе щиб гIиллаялъ гIадамаца къабул гьавурав ва жидер депутатлъун вихьулев вугев лъебелазул колохъа вачIарав ГIаликолоса ГIалибег?

СССР биххаралдаса нахъе тIоцеве халкъалда вихьана жидеца хъвараб гIарза, битIараб ругьел, гьабураб звонокалда рекъон жидер гIузраби лъазаризе республикаялъул бетIерасухъа кверщелги босун вачIунев чи. Гьеб цебехун букIараб жо гуро. ГIадамаца власталъухъе гIарз гьабиги кагътал хъвайги тун букIана хIасил кколарого. ГIалибег ваккаралдаса нахъойги байбихьун руго. Пайда щиб, ГIалибег цохIо вуго лъабго миллион чи вугеб республикаялда, киса-кибего гьесул кверги, гIинги щолеб гьечIо. Гьев халкъалъухъе вачIана гIадатияб, гIадамаз ретIулеб ратIлилъ, гьев кIалъана киналгIаги чиновниказул шаблонал гьечIого гIадамазул мацIалда, гьес чиновникал ахIана гIаданлъиялде тIоцебесеб иргаялда. Гьес телевидениеги бачун халкъалда цере гьел тIамула рагIи кьезе пуланаб болжалалде гьаб иш рагIалде бахинабилин.

ГIадамазул пикруялъ ва рахъкквеялъ тIамула гьел чагIи гIунгутIаби ритIизаризеги, намусалда рекъон хIалтIизеги. Гьеб къагIидаялъ бижараб буго ГIалибегил машгьурлъи. Гьесда релълъарал гьечIелъул хутIарал хIакимазаби. Гьез кIварабгIан хIаракат бахъула жалго халкъалдаса батIаго рихьизаризе. Гьеб тIокIлъиялъе гIоло росула багьаял машинаби, ретIуна къиматаб ретIел, бицуна микрофоналдаса гIадан хадув гъолареб чIамучIаб мацI: "руководствуясь кинабилаго закономила, как сказал наш национальный лидер ..." абун лъун бачунел рукIуна бюджеталда. Уна къеркьей тендеразда ва тахбакIазда сверухъ. Гьениб букIуна хIилла-макру, интригаби, мацIал гьари, цоцаде гьуси, мекъаб информация ва цогидаб хъублъи. Гьеб нилъеда бихьана унтарал лъималазул рукъ "Заботаялда" сверухъ. Гьезул гIузру ва жаниб бугеб чороклъи ГIалибегицалъидал тIоцебе къватIиб чIвараб.

Ахир макрабаца гIайибиявлъунги гьевго гьавуна. Дихъе щварал баяназда рекъон республикаялъул бетIерасдаса бугеб хIакъикъат бахчун букIун буго. Жакъа кинабгоги баянлъун гьес амру кьун рагIула "Заботаялъул" директор хъулухъалдаса нахъе йитIизе. ГIалибег ритIухъ гьавураб хIужалъун рикIкIине бегьула араб анкьалъ ГIабдулатIиповасул указалдалъун гьесие кьураб гIаламат "За любовь к родной земле" абураб. Гьесул гIагараб ракьалде рокьи бугин гIаламат кьураб гIадин, гIадамазул тIалабалда рекъон гьесие депутатасул мандатги кьуни камиллъилаан кинабго. Щивав чиясул ихтияр буго гьев вокьизеги рихинеги, амма халкъалъул тIалаб гьединаб буго ва гьеб хIисабалде босани битIун букIинин ккола. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.