Дагестанские Огни шагьаралда къватIибе биччалеб «Площадь Свободы» абураб газеталъул бетIерав редактор ХанмахIамад МахIамадовасде тIадекIанцIи гьабуна шамат къоялъул радалиса. Живго журналистас рикIкIунеб буго гьеб жив викъизе гьабулеб букIараб къасд букIанин кколин жиндайилан.
Газета къватIибе биччалин Дербенталдайилан бицана МахIамадица ЭР-ялъе, Даг Огниялдаса гьениве нахъе хьвадулин жив жиб-жиб къоялъ. ГIага-шагарго сагIат микьго тIубараб заманалда гьев рокъоса къватIиве вачIунеб мехалъ автомобилал хьвадулеб шагьранухде щвезе дагьабго манзил хутIун букIаго, гIарцул кьералъул «Приора» автомобилалъуса къватIире рачIун руго камуфляжалъул форма ретIарал, гьурмада маскабиги ххурал лъабгояв ва гьев вугеб рахъалдехун рачIине байбихьун буго. Гьездаса лъутизе къасд гьабидал цояс жинда зар кьабун бачIанин ва жив гIодов кканин абуна МахIамадица хадубги . Гьеб заманалда жаниб аскIоб бугеб минаялъуса къватIире рачIарал руччабаз ахIи-хIур бахъинабидал гьевги рехун тун жидерго автомобилазда рекIун гьениса нахъе ун руго.
ХанмухIамадовас гьеб хIужа хурхинабулеб буго гьесул жиндирго хъулухъалъулаб хIаракатчилъиялда. «Площадь Свободы» газеталда жидеца гIемер рорхулин Дербент шагьаралда лъикIаб гьечIеб ахIвал–хIалалъул, гьечIеб гIадлу-низамалъул хIакъалъулъ суалал. Такъсирияб иш гьабиялда щаклъи бугел гIадамазул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес жинцаго:
МахIамад ХанмахIамадов: «ТIоцебесеб иргаялда гьеб бухьараб буго хъулухъалъулаб хIаракатчилъиялда. Газеталъул кIиабилеб номер бачIана къватIибе, гьениб нижеца аслияб къагIидаялъ шагьаралъул гIунгутIабазул, гьабулеб гьечIеб хIалтIул бицуна. Дирго щаклъи буго гьел гIадамал республикаялъул цеве вукIарав прокурор Имам Яралиевасул васас нухмалъи гьабулеб спортивияб школалъул гIолохъаби рукIанилан. Гьелде тIадеги дица гьеб школа рагьараб мехалъго абулеб букIана гьенир хIадур гьарулел ругин рагъулаб махщалие куцалел гIолохъаби, гьез жидерго пиша кида- къадги загьир гьабизе бугилан. Гьелъул хIакъалъулъ хъвангицин букIана дица».
Гьаб тIоцебесеб хIужа гуро ХанмахIамадовасдехун къуват хIалтIизабураб. 2011 соналъул маялда Дербент шагьаралда букIараб Къарчахъ ханасул мина биххизабулеб бакIалъул сурат бахъулеб мехалдаги кьабун вукIана гьев. 2010 соналъул ноябралдаги гьев кьабун вукIана Дербент шагьаралъул администарциялъул минаялъув. Шагьаралъул нухмалъулев ХIалимов ХIасаница тIаса лъугьаян гьарун букIун буго гьесда доб мехалъ. ЛъагIелалъ цебе 2009 соналъул ноябралдаги вукIана гьев кьабун шагьаралъул нухмалъулев цIунулев чиясги, гьесул автомобил бачунесги.
ХанмахIамадовас нухмалъи гьабулеб «Площадь Свободы» абураб газеталъул гIицIго кIиго номер гурони бачIун гьечIо гьанжелъизегIан къватIибе. Гьеб къокъабго заманалда шагьаралъул нухмалъиялда тункулел макъалаби къватIире риччаялда хурхараб хIалтIи бугилан рикIкIунеб буго гьес шамат къоялъ ккараб лъугьа -бахъин. Гьелдаса цебеккун шагьаралъул нухмалъиялъул рахъалдаса щибниги хIинкъаби кьеялъул, ялъуни цогидал кинал ругониги лъазабиял рукIанищан гьикъидал рукIинчIилан абуна гьес. Гьалдаса хадуб дуца гьабулеб хIалтIуда жаниб, дурго гIумруялъе хIинкъи гьечIолъиялъул мурадалда щибниги хис -басиял гьаризе ракIалда ругищан гьикъидалги, гьечIилан абуна. Жив ракI-ракIалъго божарав вугин жидер позиция ритIухъаб букIиналда, газеталъ жицаго гьабулеб хIалтIи гьададинго цебе бачине бугин сундухъниги балагьичIого, гьелъие жидее квербакъи гьабизе хIадурал, жамгIиял гIуцIабазги жидер рахъкквезе бугилан тIаде жубана гьес хадубги:
МахIамад ХанмахIамадов: «Газеталъ тIасабищана битIараб стратегия, дун вохаравцин вуго газеталда рахъулел макъалабаз шагьаралъул хIакимзаби жидерго рекъечIел ишазде гьесизарулел ругеб куц халкъалда лъазе щвараб ресаладаса. Ниж битIараб нухда руго. Республикаялъул югалъулаб рахъалда ругел жамгIиял гIуцIабазги рахъкколеб буго нижер хIалтIул».
2008 соналда ХанмахIамадовас биччалеб букIана «Время действий» абураб газетаги, амма «Россвязькомнадзор» абураб гIуцIиялъ экстремизмалде халкъ ахIулеб макъалаби рахъулел ругила къан букIана гьеб газета.
ХанмахIамдов МахIамадида хурхун гьабураб такъсирияб хIужаялда сверухъ цIех-рехалъулал хIалтIаби байбихьун руго. Нагагь гьез лъикIаб хIасил кьечIони гьесул рахъкколел гIадамазда ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазда ракIалда буго гIагараб заманалда жидерго мурад загьир гьабураб митинг тIобитIизе.