Дагъистаналъул авиалиниязул офисалда документазул хал гьабизе байбихьана цIех-рехчагIаз. Авиациялъе цIатари босулаго кIинусго миллионалдаса цIикIкIун гъурщил багьаяб хIилла гьабунин рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз.
Гьелъул гIайиб гIунтIизабулеб буго гьабсагIаталда Дагъистаналъул авиалиниязе нухмалъи гьабулев Абакаров Жабиридеги гьесде щвелалде гьенив вукIарав ГIумариев Мирзадеги. ГIайибияллъун гьелги гьарун авиалиниял банкроталде ккезабиялъе хIалтIулев цойги чи ватилин гьеб дагIбаялда гьоркьовин абураб пикруги буго Дагъистаналда.
Жанисел ишазул министерлъиялъ тIибитIизабун букIана гъоркьисала августалдаса декабралде щвезегIан гьабсагIаталда авиалиниязул вугев нухмалъулес къанунги хвезабун авиациялъул цIатари бича-хисулеб бакIалда гьоркьоса жиндиего 33 млн гъурущ тIокI гьабун бугилан. Гьесда цеве вукIарас - кIинусиде гIагарун млн тIокI гьабун бугилан.
Дагъистаналъул авиалиниязда гьеб цIех-рех гьабеян гIарза кьун буго Дагъистаналъул хIукуматалдаса цо хъулухъчияс.
Авиациялъе цIатари босулаго жинца жиндиего гIарац тIокI гьабун букIиналда бан, яги цогидаб гIайиб гIунтIизабиялъул хъвараб документ щун гьечIо Абакаров Жабирихъе. Гьедин бицана гьес ЭР-ялъе.
ЦIех-рехалъул чагIаз жидер офисалда документазул хал гьабулеб бугин абиялда тIасанги гьадин лъазабуна Абакаровас: «Иш къануналда рекъон гьабулеб бугони, риччан те хIалтIизе, нижер щибниги дандечIей букIине гьечIо».
Хас гьабун гьел тарихал кисайин росарал жанисел ишазул министерлъиялъул цIех-рехчагIазин гьикъидал, Абакаров Жабирица жаваб кьуна гьел ругин цо яги кIиго полициялъуласул пикру, аскIобе гIагарун, рагIа-ракьанде щун лъай-хъвайги гьабичIого къотIараб хIукму кколин гьеб.
Абакаров Жабир: «Гьез гьенир кьолел тарихал ккола цо лъие букIаниги къваригIараб гьадингосеб чIанда. РакIалде кканщинал жал рицунел чагIазул гIадаб трюк ккола гьеб. Гражданияб авиация щибали лъалел чагIи гуро гьел».
Гьел авиалиниязда сверухъ ахIи-хIур бахъана гъоркьисала. Москваялъ лицензияги кьечIого гIадамал доре-нахъе раччизе аэропланал къватIиса рачIунаан. Гьединго лицензия гьечIони жидехъа хьихьун бажаризехъин гьечIин гьабсагIаталда гьенив вугевщинав хIалтIухъанин бицун букIана доб мехалда Абакаров Жабирица. Масала, 500 чи нахъе рехизе кколев вукIанила. Лицензия щунгутIиялъул магIна авиалиниязда тIад 400 млн гъурщил налъи ккей букIана. Абакаров Жабирил пикруялда рекъон, политика буго гьениб. Дагъистаналда бицуна олигарх Сулейман Керимовасе къваригIун рагIулин Дагъистаналъул авиалиниял росизе. Амма Абакаров разилъичIо гьелда тIасан пикру загьир гьабизе.
Россиялъул транспорталъул министрасулгун гьеб суал гьоркьоб лъезе чанцIулго Москваялде ун вукIана Дагъистаналъул нухмалъулевги. Жидер компаниялда сверухъ лъугьараб ахIвал-хIалалдаса рази гьечIел авиатораз МахIачхъалаялда митингалги тIоритIана.