«Дагъистаналъул Авиалинии» компаниялда гIагараб заманалда рукIине бегьула гIиси-бикъинал хиса-басиял. Аслияб куцалда гьел хурхарал рукIине руго гьаваялдасан роржаралъухъ росулел багьабазда, тIадеги багьаял аэропланал росиялда, гьединго республикаялъул аэропорталде хIалтIизе бачIине буго цоги цIияб авиакомпанияги. Гьел ва цогидалги аэропорталъул хIалтIуда хурхарал кIвар бугел хIужабазул бицунеб букIана хамиз къоялъ гьеб идараялъул нухмалъиялъ тIобитIараб пресс-конференциялда.
Пресс-конференциялда рорхулел аслиял суалал рукIана лъабго. Гьаваялдаса роржаралъухъ босулеб гIарцул багьа эхеде бахин, гIадамал раччиялъул суал гьединго Дагъистанлъул аэропорталъул реконструкциялъул суалги. Жеги пресс-конференция байбихьлалдего «Дагъистаналъул Авиалиниялъул» нухмалъулев ГIумариев Мирзаца бицана журналистазе жинда бихьулеб бугин батIи-батIиял информалатаз хIаракат бахъулеб бугин жив квешав чилъунги гьавун, гьаваялдаса роржаралъухъ багьаби эехеде рахине риччайги жиндир гIайиб букIин чIезабизе. Лъугьараб ахIвал-хIалалда хурхун прессаялъе баян кьезе жив хIадурав вугилан бичIчIизабуна гьес.
Аэропланазда роржаралъухъ багьаби эхеда рахиналда тIасан баян кьолаго ГIумариевас бицана гьаваялдасан роржаралъухъ босулеб гIарац цIикIкIин бищунго цIакъ бараб бугин аэропланаз бухIулеб цIатариялъухъ харж гьабулеб гIарцуда.
2011 соналде щвезегIан цо чIара-хьараб хIал букIанин гьеб суалалда жаниб бищунго гIодобегIанаб багьа букIанин 3500 са бахъараб бизнес-классалда рекIаралъухъ босулеб 12 азарго гъурщиде щвезегIан. 2011 соналъ «Росавиациялъ» гьаваялдаса роржине ихтияр кьолеб лицензиялдаса ниж махIрум гьарун хадуб байбихьанин кинабго бада-гъудур. РачIанин батIи-батIиял авиакомпанияби. Гьез цоцалъ къацандулаго багьабиги эхеде рахинарун букIанин белтихъ кьолеб гIарцуда сверун гIала-гъважа унебилан бицана гьес:
Мирза ГIумариев: «Ред-вингз» ва «Вим-авиа», кIиябго компания букIана цоцалъ къацандун хIалтIулеб, кIиялъего бокьун букIана жидер компаниялъул аэропланазда цIикIкIун гIадамал роржине. Амма цоцалъ конкуренция цIикIкIанагIан ахир-къадги цояб нахъе ине кколелъулха, гьеб рахъалъ къуна «Ред-вингз», гьеб нахъе ине ккана».
Республикаялъул хIукуматалъул нухмалъиялъул тIадкъаялда рекъон «Вим-Авиа» компаниялъулгун къотIи-къай гьабун жидеца гIагараб заманалдаса байбихьун гьаваялдасан роржаралъухъ босулеб гIарац 6000 гъурщидаса тIаде унаредухъ чIезабизе.
Гьединго Омариевас бицана ракIалда бугин тIадеги Боинг «737» ва «767» абураб тайпаялъул кIигоги аэропланал росизе. Гьениб гьес хасго гьес тIадчIей гьабуна Боинг «767» аэропланалъ кьезе бугеб пайдаялда, рикIкIадал рейсазде, хIатта цIанбитIун Китаялдеги роржине рес кьолеб тайпаялъул аэропланал.
Гьеб куцалда гьаризе ругел хиса-басиязул баян кьуна ГIумариевас. ЦIиял къотIи-къаял гьединго рукIун руго «Руслайн» абураб компаниялъулгун, гьелда течIого татаразул республикаялдаса «Акбарс Сайра» абурабги авикомпания хIалтIизе рагIула Дагъистаналда.
Гьединго ГIумариевас бицана «Нафта-Москва» гIуцIиялъул гIахьаллъигун къотIи-къаял унел ругин цIияб «Суперджет 100» абураб гIемершартIазулаб аэроплан босиялда тIасанги.
Гьединаб аэропланалъул багьа рагIула 34 миллион доллар. Контракталда рекъон 25 миллион долларалъул суал тIубазе рагIула «Нафта-Москва» гIуцIиялъ. Журналистаз ГIумариевасе кьуна суал «гьелъул магIна кколищин Нафта-Москва» гIуцIиялъул букIине бугин «Дагъ.Авиалинии» компаниялъул акциязул цIикIкIарасеб бутIаян абураб, ГIумариевас жаваб кьуна кколарилан.
Мирза ГIумариев: «Яги щибниги щвезе гьечIо гьезие акциязул, ялъуни жидецаго лъураб гIарац тIадбуссун щвезе рес буго гьезул, аэроплан босизе тIоцебе кьезе кколеб 25 миллион гъурущ гьез кьезе буго, гьеб гIарац тIад буссун щвезе хIалтIиги гьабизе ккеларишха гьез».
Пресс-конференциялда хадуб бархарал суал букIана аэропорталда хIалтIулел гIадамазул харжалъул суалги. «Росавиациялъ» лицензиялдаса махIрум гьарун хадуб «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда «Дагъ Авиалинии» компаниялъул нухмалъулев хисулев ГIангутIаев ГIабдулаца абун букIана 500 гIан чи хIалтIи гьечIогун хутIизе бегьулилан. Амма цониги чи жидеца хIалтIудаса нахъе витIичIилан абуна Омариевас хамиз къоялъ букIараб данделъиялда, хIалбихьи бугел махщелчагIи жидеца гьанжеги къабул гьаризе ругин хIалтIудеян тIадеги жубана. КвачIакъаб ахIвал-хIалалъухъ балагьичIого аэропорталъул нухмалъиялъ жидерго хIалтIи цебехун бачине бугилан абулеб буго гьелъул нухмалъулес. ГIаммаб куцалда «Дагъистаналъул Авиалинии» компаниялда тIад гьабсагIат рагIула 520 бахъараб 750 миллион гъурщиде щвезегIан налъи.