Аваргун Кахетиялъул нухлул исана15 км гурони бахъуларо

Аваргун Кахетиялъулин абулеб нухлул гIаммаб къадаралдаса 15 километра бахъун лъугIизе ккола исана соналда жаниб. Гьеб бахъула Шамил мухъалдасан ЛъаратIехун.

Щайин абуни ХIебдаса ЛъаратIе 45 км манзил буго. Гьедин санайилго 15-15 километраги бахъун, хъилги тIун, Аваргун Кахетиялъул нух бахъизе жидеде ирга гIицIго 2017 соналда гурони щвей щакаб бугин бицана ЭР-ялъе ЛъаратIа мухъалъул нухазул идараялъул кIудияв ГIумар Мусаевас.

ГIумар Мусаев: «Къваридал, магIарухъе унел нухал рукIана. Гьанже гьел гIатIид гьарулел руго. Аллагьас хъван батани, хъилги тIезе буго. Нижехъе гъоб щвезе жеги кIиго-лъабгониги сон бала. Республикаялъул бетIер гуревани, гьединго хутIулаан гьеб бахъичIого. Араб соналда хъачагъал тIаде кIанцIунилан, чIезе тун рукIана гьенир хIалтIаби гьари. Гьанже ихдал республикаялъул бетIерас чIванкъотIун тIадкъайги кьун, цIидасан байбихьун буго хIалтIизе».

Умумулъанго букIараб гьеб нух цIи гьабизе лъугьана гъоркьисала, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас тIадкъайги кьун. Гьедин «Дагъавтодоралъ» гьенир хIалтIаби гьаризе байбихьун чанго моцIалдасан изну гьечIого яргъид гIуцIарал кIанцIанин гьенире, хIалтIухъабазул вагоналги рухIанин, гьезие хIинкъабиги кьунин абураб баянал тIиритIун рукIана. Гьединго гьел тIаде кIанцIарал чIвараб хIужагицин ккана ХIебда. Гьелъул хIакъалъулъ бицана гьанив цевевхун рехсарав ГIумар Мусаевасги.

Амма гьеб хIужаялдаса хадуб республикаялда батIи-батIиял харбалги раккана. Республикаялда шаригIат билълъинабизейин лъугьарал чагIазе, хас гьабун дол изну гьечIого яргъид гIуцIаразе Гуржиялъе бахъулеб нухгIаги щайзейин къваригIараб? Гьедин цо-цоязда ракIалде щвана Аваргун Кахетиялъул нух бахъизе республикаялъул бюджеталда хас гьабун бихьизабураб гIарац гьечIолъиги. Гьединлъидал «Дагъавтодоралъ» гьеб кинаб гIарцуде гьабулеб бугебали жеги бичIчIулеб гьечIин, амма лъалеб жо бугин гьезие гьединан гIарацги биччачIого гьеб нух бахъиялъул кIвар гьечIолъиян тункизарулел жалги рукIана.

Аваргун Кахетиялъул нух бахъизе жал лъугьунел рукIиналда бан, «Дагъатодоралъул» кIудияв Загьид Хучбаровас гъоркьисала риидал МахIачхъалаялда журналистазулгун ва жамгIиял хIаракатчагIазулгун хасаб данделъи тIобитIана. Гьелъул хIакъалъулъ прессаялда хъвараб баян фейсбукалда лъун букIана ЦIоралдаса магIарулавги жамгIияв хIаракатчиги Бадрудин Ибрагьимовас. Гьелдаса хадуб жиндие нух къанин Гуржиялдеян бицана гьес ЭР-ялъе.

Бадрудин Ибрагьимов: «Гъолдаса хадуб фейсбукалда – Грузия-Онлайналда – Гуржиязул къватIисел бухьеназул министрасдаса хадусев чияс хъван бачIана гьеб нухлул кIудияб хIинкъи бугин Гуржиялъе. Гьеб мехалда дица хъвана кинаб хIинкъийин букIунеб, дунги ЦIоралда гьавурав, гIурав чи вугин, дида гIезегIан лъикI лъалин ахIвал-хIал. Гьеб нухалъухъ балагьун ругин гъора гIемерал чагIи. Гьезулго гIадаб гъира Дагъистаналда ругезулги бугилан хъван букIана дица фейсбукалда. Гуржи-ракьалда рагъ гьабизе Россиялъе къваригIани, жеги чанги нухал ругин гьелъие гьенире аскарал рачине, Аваргун Кахетиялъул нухдасан инчIониги. Гьанже рагъудаса ун бугин гуржиязулги магIарулазулги ишилан хъван букIана. БукIаниги щибха, гьеб жоги меъки бичIчIун тIубан нух къана гъоз дие Гуржиялде. Гьедин гъоркьисала октябралдаги декабралдаги ине хIалал рихьана дица, амма виччачIо».

ПалхIасил, Аваргун Кахетиялъул нух бахъани, кIиабилеб «лекIианоба» (I9 гIасруялда дагъистанияз чабхъеналги гьарун гуржиязул лъималги мал-мулкги хъамулаан, бахъулаан) байбихьулин абурал хIинкъаби руго Гуржиязул цо-цо политиказул. Гьедин гьав Барудиница цевехун рехсарав гIадав чи ккола Гуржиялъул ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул шураялъул секретарь хисулев Ивлианэ Хаиндрава. Амма гьезулго экономикаялъул министр Георгий Квирикашвилица лъазабуна Аваргун Кахетиялъул нух рагьани, гуржиязул экономикаялъе хайир ккезе бугиланги. Гьединго гуржиязул политолог, Кавказалъул цIех-рехазул централъул нухмалъулев Мамука Арешидзеца гъоркьисала декабралда Гуржиялда букIараб брифингалда абуна гьедигIан цIакъ Россиялъе къваригIун батани гьеб нух, Гуржиялъ гьелда цере хасал тIалабал лъезе кколин. Масала, Абхазиялдагун Бакъдалаб Гьириялда ругел Россиялъул аскарал дагьлъизари.

Амма гьаниб ракIалде щвезабизе ккола Аваргун Кахетиялъул нух бахъиялда бан Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас гурони, Россиялъул официалияб куцалда жеги лъазаби гьабичIилан. Гьединлъидал гIадатал гIадамазул хIинкъигицин буго республикаялъул бюджеталда гIарац гьечIилан багьанабиги ратун, бахъичIогоцин хутIиладайин нухилан.

Амма гьелдаго цадахъ Аваргун Кахетиялъул нух бахъулаго хIисабалде росизе кколин пачалихъазда гьоркьосел къотIи-къаялгиян абураб пикру буго Бадрудин Ибрагьимовасул. Гьелин абуни жеги гьечIо. ГIицIго Гуржиялъул рахъалдасан букIана цо лъазаби гъоркьисала гьабураб – Аваргун Кахетиялъул нух бахъизе квербакъи жидецаги гьабилин абураб.

Бадрудин Ибрагьимов: «Гуржи-хIукуматалъги ГIурус хIукуматалъги дандги бачIого гьеб суал тIубазе лъугьиналъул жо кколаро. КIиго батIияб хIукуматлъидал гьеб (нилъги Россиялда гьоркьор ругони) – кIиязго дандбазе ккеларищ гьеб нухдасан цоцахъе кин хьвадилелали».

Аваргун Кахетиялде бахъулеб нухлул жидее хIатталдаса ун пайда бугин бицуна ЦIоралъул магIарулаз. Щайин абуни чанго нухалъ къокълъулила Дагъистаналдаса Гуржиялъе нух. Масала, цIунтIал-бежтIадериеги лъаратIисезеги Тифлисалде щвезе гIемерго бигьалъулила, МахIачхъалаялде щвезеялдасаги. Советияб пачалихъ биххун хадуб, кIиябго рахъалда бикьун буго гьезул гIагарлъи.

Гуржиялъе унел магIарулазул нухин цIар чIваниги, гьеб нухлул цогидазеги пайда букIунин абула тIокIалъ чIечIого ЦIоралде хьвадулел дагъистанияз. Масала, къокълъулила Туркиялдегун Эрмениялде нух. Гьединго гьелъул кумек букIине буго гьадинаб рахъалъги. Гуржиялде буго Рагъулабгун гуржиязулин абулеб нух. Амма гъоркьисала риидал чанго нухалда ччукIун, кьуру тIаде биххун гIемераб квал-квал ккун рукIана гьенир. Гьедин Гуржияги Эрменияги Россиялъулгун дармилал гьоркьорлъаби гьаризе бугеб ресалдаса махIрумлъун рукIана. Аваргун Кахетиялъул нух рагьун букIарабани, гьел бигьаго гьенисан ине бегьулаан.