МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировасда бараб цIех-рех гьабизе тIадкъан буго Алексей Сердюковасда. Гьев ккола Россиялъул ЦIех-рехалъул БетIераб Идараялъул цIех-рехчи. Цереги терроралда хурхарал, цIакъго захIматал ишазул цIех-рех гьабулеб букIун буго гьес.
Исана ихдал Алексей Сердюковас байбихьана ахираб заманалда Дагъистаналда ккараб вахIшияб анкьго такъсир жанибе бачараб ишалъул цIех-рех гьабизе. Гьел ккола цIех-рехчи Арсен ХIажибеговги, Каспийскалъул лъел каналалъул нухмалъулев МухIамадхIажи ГIалиевги, ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан Нурлан ГIашурбеговги, прокуратураялъул хIалтIухъан ГIабдулбасир ГIумаровги чIваялъул такъсирал, гьединго прокурорал Наталья Мамедкеримовагун ГIали Сулейманов чIвазе къасд гьабиял.
Гьел киналго такъсирал цадахъ къаялъул магIна рагIула МухIамад ГIабдулхIалимов абурав чиясул къокъаялъ гьел гьариялда щаклъи букIин. Гьев ккола цеве Гъизляралъул прокурорасул вукIарав кумекчи. «Колхозник» абураб тIокIцIарги буго гьесул. Аптекабазда наркотикал ричиялъе квербакъулеб батунилан, ГIабдулхIалимов туснахъ гьавуна гъоркьисала октябралда. Цинги Пятигорскалде «Белый лебедь» абулеб туснахъалде вачана. Цо-цо баяназда рекъон, гьес хIалбихьулеб батун буго живго жинцаго гъанкъизе.
Низам цIунулез абулеб буго СагIид Амировасда бараб цIех-рехалъулъ нугIлъи гьабулеб бугин гьес. Амма Дагъистаналдаса авокат Сапият МухIамадова гьелда божулей гьечIо.
Сапият МухIамадова: «Гьеб тIубанго гIантаб жо буго. Щайин абуни 51 статьяялда рекъон щибниги жо бицине разилъичIого чIун вуго гьев. Щибниги жо бицунарев чи нугIлъун кин вихьизавулев? Гьев цохIо мукIурлъараб жо ккола гьереси-документ ал гьариги, рецепт бихьизабичIониги трамал бичизе биччайги».
ГIабдулхIалимова сул къокъаялда гъорлъе хъвала гьанже низам цIунулез цо заманалда МахIачхъалаялъул полициялъул нухмалъиялда вукIарав Раип ГIашикъовги. Исана 22 марталда лъабго къоялъ хIухьбахъизе унев вугилан кагъатги босун арав ГIашикъов жакъа къоялде щвезегIанги лъаларо кив вугевали.
Прессаялда руго баянал МахIачхъалаялъул мэрасда цадахъ Раип ГIашикъов туснахъ гьавизе Москваялде вачун анин абурал. Амма адвокат Сапият МухIамадовалъ ЭР-ялъе абуна гьесул адвокат хIисабалда жинда лъалила гьев лъицаниги кивениги вачун инчIолъи. ЦIех-рех унголъунги къануналда рекъон гьабулеб бугони, къватIиве вахъине хIадур вугила гьев. Амма адвокатаздагицин ругеб бакIги лъазе биччачIого, жинда релълъарал цогидазул гIадин лъалкI къосинабилин низам цIунулез жиндиргиян абураб щаклъиялъ чIун вугила ГIашикъов цо хасаб бакIалда.
МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амиров туснахъ гьавун вуго цIех-рехчи Арсен ХIажибегов чIваялда бан. Амиров туснахъ гьавилалде гьеб гIайиб гIунтIизабулеб букIана Раип ГIашикъовасде. Адвокат Сапият МухIамадовалъ бицунеб буго хIакъикъаталда гьеб такъсиралъе мукIурлъанин Амировасда цадахъ Москваялде вачун арав чияс.
Сапият МухIамадова: «Гьесул тIокIцIар ккола «Горец», хасал хъулухъаз ккун, туснахъ гьавун вуго гьев. Гьев мукIурлъун вуго Арсен ХIажибегов чIвай жиндир пиша букIиналъе. Гьединлъидал я ГIашикъосул, я ГIабдулхIалимова сул, ялъуни цогидасул кинабгIаги гIахьаллъи гьечIо гьеб такъсиралъулъ. Гьел руго жанисел ишазул министерлъиялда Раип ГIашикъовасе тIадегIанаб хъулухъ кьеладайин хIинкъун, гьесда бугьтанал лъолел чагIаз ургъулел жал. Гьанже Амиров туснахъ гьавун вукIиналдаса пайдаги босун, долго чагIаз цIидасан байбихьун буго ГIашикъовасул цIар рехсезе, Амировасулгун гьесул бухьен букIин чIезабизе. МахIачхъалаялъул полициялъул нухмалъулевлъун вукIиндал, шагьаралъул данделъабазде хьвадулев вукIун ватилаха гьев. Лъие къваригIун батаниги, къваригIун буго Амировги гьевги цоцада рухьарал чагIи рукIанин чIезабизе. Гьеб гьабун бажаруларо».
ЦодагьабгIаги квер базе бакI щварабани, Амиров гIадин Москваялде вачун унаанин ГIашикъовгиян рикIкIунеб буго Сапият МухIамадовалъ. Гьединго Амировасулгун данчIваялги, кIалъа-басаялги ГIашикъовасул гурелги, жеги гIезегIан чагIазулги рукIанин абулеб буго гьелъ. Масала, цо бичулеб ракь сабаблъун жиндирги букIанила гьесдехун къваригIел.
СагIид Амировасдаги Раип ГIашикъовасдаги бан жиндир цIар рехсолев вугев цIех-рехчи Арсен ХIажибеговас тIатинабунин чанго соналъ цебе Гъизляралда гьабураб терактилан абулеб буго низам цIунулез. Амма адвокат Сапият МухIамадовалъ ЭР-ялъе щаклъи загьир гьабулеб буго гьелда тIасан. Гьеб батулила дагьалъ цеве Дагъистаналдаса нахъе арав ЦIех-рехалъул комитеталъул вукIарав нухмалъулев Алексей Саврулиница ургъараб жо.
Сапият МухIамадова: «Саврулинилги ХIажибеговасулги цIакъ кIудияб гьудуллъи букIана. Гьанже кIуди-кIудиял шапакъаталги генерал-лейтенант абун цIарги кьун (сундухъгlаги гьев гьелъие мустах1икълъаравали), Саврулин Дагъистаналдаса цойги бакIалде анаха вачун. ЧIварав жиндир гьудул кутакав цIех-рехчи вукIанин чIезабизе бокьун батилаха гьанже гьесие. Амма Гъизляралда гьабураб теракт ХIажибеговас гуро тIатинабураб. Дида лъала гьеб лъица тIатинабурабали».
4 июналда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкиница лъазабуна МахIачхъалаялъул мэр туснахъ гьавиялда тIад жал кIиго соналъ угъулел рукIанилан.
Гьел киналго такъсирал цадахъ къаялъул магIна рагIула МухIамад ГIабдулхIалимов абурав чиясул къокъаялъ гьел гьариялда щаклъи букIин. Гьев ккола цеве Гъизляралъул прокурорасул вукIарав кумекчи. «Колхозник» абураб тIокIцIарги буго гьесул. Аптекабазда наркотикал ричиялъе квербакъулеб батунилан, ГIабдулхIалимов туснахъ гьавуна гъоркьисала октябралда. Цинги Пятигорскалде «Белый лебедь» абулеб туснахъалде вачана. Цо-цо баяназда рекъон, гьес хIалбихьулеб батун буго живго жинцаго гъанкъизе.
Низам цIунулез абулеб буго СагIид Амировасда бараб цIех-рехалъулъ нугIлъи гьабулеб бугин гьес. Амма Дагъистаналдаса авокат Сапият МухIамадова гьелда божулей гьечIо.
Сапият МухIамадова: «Гьеб тIубанго гIантаб жо буго. Щайин абуни 51 статьяялда рекъон щибниги жо бицине разилъичIого чIун вуго гьев. Щибниги жо бицунарев чи нугIлъун кин вихьизавулев? Гьев цохIо мукIурлъараб жо ккола гьереси-документ
ГIабдулхIалимова
Прессаялда руго баянал МахIачхъалаялъул мэрасда цадахъ Раип ГIашикъов туснахъ гьавизе Москваялде вачун анин абурал. Амма адвокат Сапият МухIамадовалъ ЭР-ялъе абуна гьесул адвокат хIисабалда жинда лъалила гьев лъицаниги кивениги вачун инчIолъи. ЦIех-рех унголъунги къануналда рекъон гьабулеб бугони, къватIиве вахъине хIадур вугила гьев. Амма адвокатаздагицин ругеб бакIги лъазе биччачIого, жинда релълъарал цогидазул гIадин лъалкI къосинабилин низам цIунулез жиндиргиян абураб щаклъиялъ чIун вугила ГIашикъов цо хасаб бакIалда.
МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амиров туснахъ гьавун вуго цIех-рехчи Арсен ХIажибегов чIваялда бан. Амиров туснахъ гьавилалде гьеб гIайиб гIунтIизабулеб букIана Раип ГIашикъовасде. Адвокат Сапият МухIамадовалъ бицунеб буго хIакъикъаталда гьеб такъсиралъе мукIурлъанин Амировасда цадахъ Москваялде вачун арав чияс.
Сапият МухIамадова: «Гьесул тIокIцIар ккола «Горец», хасал хъулухъаз ккун, туснахъ гьавун вуго гьев. Гьев мукIурлъун вуго Арсен ХIажибегов чIвай жиндир пиша букIиналъе. Гьединлъидал я ГIашикъосул, я ГIабдулхIалимова