Шималияб Кавказалда ахираб заманалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул хIакъалъулъ гурел цIиял харбал дагь руго. Гьединазул цояблъун лъугьана 3 абилеб июлалда Хасавюрталда 40- ялдаса цIикIкIун чиясдаса гIуцIараб къокъа полициялъ кквей.
Хасавюрталда 3-абилеб июлалда сардилъ полициялъ ккуна гIага-шагарго 40 чи. Информациялъул алатазе полициялъ кьолел баяназда рекъон, ккуразда гIунтIизабулеб буго ункъго соналда жаниб гIадамал рикъиялъул, хIинкъизарун гIарац бахъиялъул гIайиб.
Гьез бицана гIадамал ккунин шагьаралъул щуго батIияб бакIалда, аскIор ругел рукъзабахъа гIадамазда лъазецин лъачIин гьенир хасал тадбирал гьарулел рукIин. МухIканго чан чи ккун вугевали лъазабулеб гьечIо. Ккуразул къокъаялъул нухмалъулев вуго 50 сон барав, цевеккун гIадамал рикъиялъул гIайибалдалъун туснахъалъув вукIарав чийилан баян кьолеб буго «Кавказский узел» сайталъ.
Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул официалияб сайталда лъураб информациялда рекъон, ккуразухъ батун буго кIиго рагъулал гулби кьвагьулеб хIалалъ къачIарал травматическиял пистолетал, гьезул цояб гьаракь къинабулеб алатгун цадахъ. Гьединго батана «Сайга» туманкI ва граната.
Рехсараб къокъаялъ гIадамал рикъиялъул лъабго хIужа чIезабун бугилан бицунеб буго ихтиярал цIунулел идарабазул вакилзабаз. Гьезул рагIабазда рекъон, ккурал чагIи унел рукIун руго жал «рохьил вацал» ругин ва жидее жигьадалъе гIарац кьезе кколилан. Щиваздаса бахъулеб букIана гIарац ва хIинкъизарулел рукIана. Гьез гIарац бахъаразул цонигияв полициялде гIарзалъ унгутIиялъ бицунеб буго гьез кутакалда хIинкъизарулел рукIиналъул.
Ахиралда рехсараб къокъаялъ гIарац бахъулеб букIун буго магъалодул инспекциялъул хIалтIухъанасдаса. Гьев хIинкъизавиялъул мурадалъ гьезда ракIалда букIун буго кьвагьи гьабизе. Гьедин лъазабулеб буго «Лента.ру» сайталъ. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул сайталда пресс-хъулухъалъ баян кьечIо рехсараб лъугьа-бахъиналда тIаса. Гьединго, баян кьезе инкар гьабуна Дагъистаналъул цIех-рехазул комитеталда.
«РИА Новости» сайталъ лъазабулеб буго, ккуразда тIад гьабун бугин I5 гоялде гIагарун уголовияб хIалтIи, гьезда гъорлъ гIадамал рикъи, къануналъ гьукъараб ярагъ бича-хиси, гIарац бахъи ва гьел гурел цогидал гIайибал гIунтIизарулал. Жалго ккуразул ялъуни гьезул вакизабазул, гIагарлъиялъул киналгIаги баянал гьечIо, ккуразул цIаралги балъго гьарулел руго.
Ахираб заманалда гIадамазда гъорлъ «рохьилалин» абулел, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъабазда сверухъ батIи-батIиял лъугьа-бахъинал руго. Чанго къоялъ цебе баккана жалго жидедаго «Робин Гудалин» цIар лъурал, яргъид гIуцIарал гIадамазул видео интернеталда. ТIад маскаби хурал гIадамаз бицунеб буго жал ругин «рохьилазда» хадуб чан гьабулел гIадамал, хIинкъаби кьолел руго гьезул гIагарлъиялъеги, гьез ярагъ гIодоб лъечIони. Гьелдаго релълъун буго рохьилазул цIаралдаса гIадамал хIинкъизарун гIарац бахъиялъул хIужа.
Журналист Светлана Анохиналъ «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналъулъ рикIкIунеб буго «рохьилазул» цIар хIалтIизабулеб бугин криминалиял къокъабаз, гьездаса гIадамалги, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги хIинкъулел рукIиналдаса пайдаги босун.
Светлана Анохина: «Рохьилал гIадамазда гьоркьол машгьурал ругилан абизе кIоларо. Цо-цо гIадамазда гьоркьор ратизеги бегьула. Гьездаса хIинкъулел ругилан абуни битIун букIина. ГIадатиял гIадамалги, ихтиярал цIунулел идарабазул хIалтIухъабиги. Рохьилазул цIар хIалтIизабулеб буго гIадамал хIинкъизариялъул мурадалда, гьанже бихьулеб букIахъе, гIарац гьабиялъул мурадалдаги.
Гьедин букIине бугеблъи бихьулеб букIана цебеккунго. Цо-цо мехалъ дида ракIалде ккола гьел рохьилал гьезего гьечIилан, гьезул цIаралдаса батIи-батIиял, цоцада релълъинчIел гIадамал цере рахъулел ругилан. Гьел рохьилал лъугIун хадурги гьезул цIар хIалтIизабизе буго.
Щай хIалтIизабулареб гьелдаса пайда цIикIкIараб бугони. «Рохьилалги» «Робин Гудалги» руго нилъер гьаниб бугеб динияб дандечIеялъул хIасил. Кидаго ватула цояв гIорхъабаздаса рорчIарал ишазде цIай бугев, захIматал ахIвал-хIалаздаса пайда босизе къваригIарав.
ГIадамал свакан руго киналдасаго. ХутIун гьечIо хIинкъи ялъуни балагьалъухъ ракI унти, свакай гурони тIокIаб жо гьечIо. ГIумруялъе заман хутIулеб гьечIо. Жиндие, гIадамазе, гIагарлъигун гьудул-гьалмагъзабазе заман гьечIо».
Рехсараб лъугьа-бахъиналда хурхун къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул баян щвечIо, гIицIаб официалияб информация гурони. Гьезие бокьулеб гьечIо рагьун кIалъазе. Официалияб информациялдаса цIикIкIараб баян кьезе ихтиярищ кьолеб гьечIеб тIадехун ругез, ялъуни информация гьезухъе гьечIогойищ бугеб бичIчIулеб гьечIо.