Россиялда гьарулел археологическиял хIалтIабазул гIемерисел Югалда ва хасго Шималияб Кавказалда гьарулел ругилан хъвалеб буго Дагъистаналъул гIелмияб централъул сайталда. Ахираб заманалда гьез гьарурал хIалтIабазги гIезегIан хIасилал кьолел руго. Мисалалъе, Чачан республикаялда ратун руго гIага-шагарго 40 млн соналъ цере рукIарал динозавразул ханал. Гьанже гIагар заманалда Дагъистаналдаги цIияб археолгияб балъголъе тIатун буго.
Дагъистаналда инсанас гIумру гьабулеб букIун буго гIага-шагарго 2 млн соналъ цебе. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул гIелмияб централъул нухмалъулев, археолог Амирханов Хизрица. Гьесул баяназда рекъон, ГIахъуша мухъалда ахираб заманалда гьарурал гIелмиял хIалтIабазул ва археологиялда хурхарал тадбиразул хIасилалда ратун руго гьеб тасдикъ гьарулел баянал. Инсанас гIумру гьабиялъул рищунго церегосеб заманаялъул лъалкIал ратун ругилан бицанеб буго гьес информалатазе кьурал баяназда.
Амма инсанас гIумру гьабиялъул лъалкIал гурони, живго инсанасул лъалкIал жеги ратун гьечIо. 80 метралъ гъварилъудаги ратулел руго рухIчIаголъиялъул рукьбузул, гIадамас гIумру гьабиялъул лъалкIал. Мисалалъе, ратулел руго цIа бакиялъул лъалкIал, гьединго инсанасул хIалтIул алатал. Щал рукIарал гьеб заманалда гьенир гIумру гьабулел гIадамал жеги чIезабун гьечIо, гьабсагIаталда кинабго хIалтIи цIех-рехалъул даражаялда бугоян бицана живго гIалимчи Амирханов Хизрица Эркенлъи радиоялъе.
Амирханов Хизри: «Нижеда жеги ратун гьечIо гьениб гIумру гьабулев вукIарав инсанасул рукьби. ГIага-шагарго гьадинав чи вукIине ккола абураб пикру буго, мухIканго лъалеб гьечIо. 2006 соналдаса нахъе гьоркьоса къотIичIого нижеца гьеб бакIалда кIудиял хIалтIаби гьарулел руго. Гьеб кколеб буго ГIахъуша мухъалда. Бухъун буго чанго батIи-батIияб кIодолъиялъул ва батIи-батIияб заманаялъул бакI. Амма гьел киналго руго ганчIил гIасруялъул заманаялъул бакIал. Гьезул рищунго церегосезде нижеца цIикIкIун кIвар кьолеб буго, щайгурелъул гьел тIубано цебегосеб заманалда данде кколел руго цохIо Кавказалда гуреб, тIолобго Евразиялдаго. ГьабсагIатала нилъеда лъалел, рищунго мухIканго рехсезе бегьулел гьединал бакIаздаса бищунго цебегосеб кколеб буго гьанже Дагъистаналда батараб. Гьеб кколеб буго 1,5-2 млн соналъ цебе букIараб. ТIадеги гъваридго бухъарабго, гьеб жеги цебегосеб батизеги рес буго, ниж жеги тIинде щун гьечIо. ГьабсагIаталда мухIканаб заман чIезабулеб буго».
Гьединго гIалимчияс бицана, гьенир ратарал жанаваразул лъалкIазухъ балагьарабго, тIубанго Кавказалъул регионалъе хасиятал гурел хIайваналги ратулел ругин, ва рехсараб хIужа Россиялъул гIелмияб тарихалда кIудияб лъугьа-бахъин бугин.
Амирханов Хизри: «ТIоцебе гьеб бакIалда гIумру гьабизе байбихьарал гIадамазул бицунеб батани, гьеб букIине ккола цIакъго цебегосеб заман, гьединал лъалкIал кирниги ратун гьечIо. Гьеб хIужа тIатинабиялъ цоги суал роцIцIунеб буго. Мисалалъе, гьелъ бихьизабулеб буго кинан гIадамал гочун ругел ва кисан кивехун тIоцевесев инсан аравали. Гьединлъидал, гьелъ рагьулебщинаб жо цохIого археологиялъул гIелмуялдалъунги лъугIуларо, цIакъго кIудиял, гьанжелъагIан рагьизе кIвечIел суалазде канлъи рагьулеб буго».
ГIелмияб хIалтIул рахъалъ Дагъистаналъул гIелмияб центр Россиялда лъикIазул цояблъун рикIкIуна ва хасго цебетIураблъун гьаниб рикIкIунеб буго археология абун бицана Эркенлъи радиоялъе тарихиял гIелмабазул кандидат Нугъаев МухIамадица. Гьесул пикруялда рекъон, гьанже гьеб хIужаялъ Дагъистаналъул гIелму тIадегIанаб даражаялде бахинабизе буго, ва дагъистаналъул тарихчагIазул къадру цIикIкIинабизе буго. Гьелъие кIвар бугеб хIужалъун гIалимчияс рикIкIунеб буго ГIелмияб централъул нухмалъуда тарихчи Амирханов Хизри вукIин.
Цойги археолог, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим, гIелмабазул доктор ХIажиев Муртузил пикруялда рекъон, гьеб лъугьа-бахъиналъулъ цIияб гIелмияб информация кьолеб буго жибго археологияб гIелмуялъе гуреб, гьединго этнологиялъе, зоологиялъе ва цоги батIиял гIелмабазе.
ГьабсагIаталда гьеб хIалтIи бащдаб гурони гьабун гьечIо ва хадурккун гьаризе ругел хIалтIабаз жеги кIуди-кIудиял гIелмиял балъголъаби тIатинаризе руго.
Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул Бакъбаккул факультеталъул декан, тарихчи МухIамадов Арсенил баяназда рекъон, Дагъистаналда цохIо ГIахъуша мухъалда гурел, цоги гьединал гIелмияб кIвар бугел бакIал рагьун руго Гъуниб мухъалда ва Ахты мухъалда. Гьединго цIидасан хIалтIи гьабулеб буго Дербенталъул некIсияб хъаладухъ. Гьесги тасдикъ гьабулеб буго Дагъистаналда архелогияб гIелму рикIкIунин цIакъго цебетIураблъун ва бечедаб букIинисеб бугеблъун.