Антимонополистаз лъагIалил «бачIиналъул» баян кьуна

Кубасаев Къурбан

Республикаялъул ва федералияб бюджеталде чанго миллион гъурущ тIадбуссинабизе кIун буго араб соналда Дагъистаналъул монополиялда дандечIараб хъулухъалда. Гьедин лъазабуна гьеб хъулухъалъул нухмалъулев Кубасаев Къурбаница талат къоялда МахIачхъалаялда букIараб пресс-конференциялда. Амма гьелдаго цадахъ гьес абуна жеги гIемер ругин рагьичIого хутIарал такъсиралгиян.
Журналистазул тIоцебесеб суал букIана араб соналдаса байбихьун республикаялда чадихъ ва ролъухъ багьаби эхеда рахунел рукIиналда бан. Ахирисеб нухалда гьелъул багьа хиралъана моцIалъ цебе гIадин. ГьабсагIаталда ролъул хъапалъул багьа буго 1000 са 1150 гъурщиде щвезегIан.

Араб соналда декабралдаса байбихьун ролъул хъапалъул багьа циндаго 300 гъурщица хиралъидал монополиялда дандечIараб хъулухъалъ абун букIана жидеца гьелда бан халгьабиял тIоритIизе ругин ва гьезул хIасилазул халкъалдаги лъазабизе бугилан.

Талат къоялъ букIараб пресс-конферанциялда Къурбан Кубасевас абуна гьелъие аслияб гIилла бугин республикаялда гIураб къадаралда ролъ гIезабулеб гьечIолъи ва гьеб гIемерисеб аскIор ругел регионал Краснодар, Ставрополь икълималдаса баччулеб бугеблъи ва гьединлъидал гIиллаго гьечIого ролъухъ ва чадихъ багьа бахинабун бугилан Дагъистаналъул ролъ бичулел чагIазда гIайиб чIвай мекъаблъун рикIкIунин жидецаян тIаде жубана Кубасаевас.

Пресс-конференциялда журналистаз кьурал суалазда гьоркьоб бищунго кIвар кьураблъун ккана пачалихъиял идарабазе хIажатаб къайи цIа босиялда сверун гьарулел монополиял такъсиразул хIакъалъулъ суалал. Ахирал соназда жидер идараялде рачIунел гIарзабазда ва халгьабиязда рекъон гьеб бищунго актуалияб къанун хвезабиялъул хIужа бугилан бицана Кубасаевас.

Мисалалъе гьес бицана пуланаб мухъалъул нухмалъулес жидер идараялъе пуланаб къайи-цIа хIажат бугилан абураб лъазаби кьолеб бугин сайталда. Амма цохIо жидедаго гурони лъалареб куцалъ цогидазда гьеб сайталда раккизе кIолареб сихIру ургъулеб бугин гьез. Славяназул букIараб алфавиталдаса пуланаб хIарпги хъван нух къалеб бугин цогидазе. Гьанжениги киназего гIахьалаб федералияб сайт рагьидал ахир лъунин гьел киналго сихIрабазе.

Кубасеваc абунf бищунго квеш ккараб жо бугин жалго гIадамазул гьединал хIужабазда хурхун рачIунел гIарзал гIемерал гьечIолъиялде. Араб соналде дандеккун халкъалъул рахъалдаса гIарзал цIикIкIаниги цIикIкIунел ругин тIадехун рехсарал гIадал монополиялда дандечIарал къанун хвезабиялъул хIужабигиян:

Кубасев Къурбан: «Руго спекуляциялъул мурадалда гIарзал хъвалел макручагIиги. Гьединал чагIи тамихIалде цIазе рукIинелъун дица чанцIулго абуна пуланаб къайи-цIа босизе заказ гьабурав чиясда дол макручагIи тамихIалде цIазе кколин, гьезул хIакъалъулъ низам цIунулезда лъазабеян. Амма нилъер гIадамазул менталитет буго намус-яхIалда тIаса галиги тIамун гьединал лъазабиял гьаризе намусалъ изну кьоларел. Гьелъул щибха кколеб ахиралда, гIарза хъван букIарасги гьав цоясги цоцада гьоркьор къотIи къайги гьабун, гIарацги бащад гьабун ракълида тIубалеб буго иш. Амма нижеца гьедин течIо гьеб лъугIизе. Къанун хвезабурал чагIазул мухIканаб цIех-рехги гьабун нахъе босана гьез босараб къайи-цIа».

Монополиялда дандечIараб комитеталъул нухмалъулесе кьурал суалзда гъорлъ рукIана гьеб идараялъул жавабчилъиялда гъоркье кколарел хIужабазда хурхунги суал. Мисалалъе цо журналистас абулеб бугоан гьабсагIаталда ралел минаби ралел ругин цере ккара-ккарал бакIазда, бегьулел бегьуларел бакIазул сверухъ бугеб бакIалъе гьелъ гьабизе бегьулеб асаралъул ва цогидалги кIвар бугел хIужабазул лъицагIаги цIех-рехго гьабулеб гьечIин. Гьединал хIужабазда хадуб хал кколел хасал пачалихъалъул идараби ругилан бичIчIизабуна Кубасаевас

Журналистаз Кубасаевасе гьединго кьуна даран базаралда жаниб монополиялъул тIалаб хвезарулел рукIиналъул суалалги. Мисалалъе босани республикаялда руго пуланаб кванил нигIматазул ва цогидабги къайи цIа бичулел гьеб хIадур гьабулел фирмабаз лицензияги кьун хIалтIулел официалиял диллерал. Фирмаялъ гьезие кьураб изнуялда рекъон цохIо гьезул гурони ихтияр гьечIо бихьизабураб багьаялда гьеб къайи-цIа цогидал тукабаздагун базаразда гьеб бичулел чагIазе кьезе.

Амма жалго даранчагIаз бицунелда рекъон камулел гьечIо гьел диллеразул даран хвезабизелъун гьебго къайи-цIа цогидаб бакIалдасаги балагьун цIакъго учузаб багьаялде бичулелги. Гьел даранчагIаз конкуренциялъул къанун хвезабулеб бугиланги абуна Къурбан Кубасаевас. Гьелда хурхун бизнесчагIазул гIарзал рачIунел рукIинчIин цере гьанже рачIунел ругин гьелда рекъон жидеца хIалтIи гьабулеб бугилан тIаде жубана гьес хадуб.