"Бусурбабазда гIайиб гьечIолъи" абураб фильмалъ квешго ццидаххинарун ругониги Шималияб Кавказалъул республикаялда гьелда сверухъ киналниги багъа-бачариял лъугьинчIо. Гьелде халкъ кантIизабулел кIалъаял гьарулел руго шагьаралъул имамзабазги. Анкьидасаги цIикIкIун заман бана гьеб фильм интернеталъул гьурмазде баккаралдаса. Гьелъухъ балагьараз бицунелда рекъон МухIамад Авараг гIодовегIан гьавулеб фильм кколеб буго гьеб. Гьелъ карабиххинабурал бусурбабаз протесталъулал акциял тIоритIана Судан, Ливия, Египет ва цогидалги бусурбабазул пачалихъазда.
Шималияб Осетиялъул муфтий ХIажи-Мурад Гацаловас информациялъул алатазе кьураб баяналда абулеб буго жинда гьеб фильм бихьичIин, амма интернеталдасан цогидалги балагьичIого рукIине гьеб къазе кколилан.
Рузман къоялъ Дагъистаналда цо цо интернет провайдераз къана Google.com абураб сайт. Рехсараб интернет-провайдералъул операторас бицунелда рекъон, Юстициялъул министерлъиялдаса, Роскомнадзор ва Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ тIалаб гьабун буго гьездаса фильмалъухъ балагьизе рес кьолеб YouTube абураб сайт къазе кколилан, хас гьабун гьеб сайт къазе бажарулеб букIинчIелъул къазе кканин тIубанго Google.com сайтилан тIаде жубалеб жиндир цIар рехсолев гьечIев операторас.
Амма Гъабардагун Балкариялъул имам Уккуев ГIабдулаца рахъ кколеб гьечIо интернет-сурсатал къазе гьабураб хIукмуялъул. Гьединаб лъазаби жиндихъеги бачIанин, амма гьеб киноялда данде хIалтIизабизе кколин батIияб нух. Гьединаб фильм къватIибе бачIиналъул магIна кколин бусурбаби загIипго рукIин. Авараг кинав чи вукIаравали бицунел вагIзаби цIикIкIинаризе кколин мажгитахъ, нилъеца гьел цIикIкIинарун рукIаралани гьеб фильм хIадур гьабурал чагIи нилъеда хъвазе рукIинчIин рикIкIунеб буго гьес.
Шималияб Кавказалда бугеб Ислам лъазабиялъул рахъалъ централдаса эксперт Руслан Гереевас рикIкIунеб буго фильм къватIибе биччалел чагIи хIадурун рукIанин бусурбабазе гьелъ гьединаб асар гьабизе букIиналде. Югалъул киналго мажгитахъ борхизе бугин гьеб суал, щайгурелъул регионалда ругел киналго бусурбабазул ццим бахъинабун бугелъул.
ХIакъикъаталдаги рузманкъоялъ гьединал кIалъаял гьаруна Дагъистаналда. Мисалалъе МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам МухIамад-Расул СагIадуевас абулеб букIана гьединаб фильм къватIибе бачIиналъул гIайиб нилъедаго бугилан. Къуръаналдаса росарал аяталгун хIадисазул мисалазда гьес абулеб бугоан авараг БетIергьанас жинцаго цIунизе вугин. Нилъеца хIаракат бахъизе кколин гьев кIодо гьавун мавлидал ахIун лъикIал тIабигIатал рехсон гьесул адаб гьабизе.
Каспийскалда бугеб мажгиталъул имам МухIамадов ГIабдуллаца рузманкъоялъул вагIзаялда хас гьабун салат салам лъеяв авараг гIодовегIан гьавулеб фильм къватIибе бачIиналъулги, гьелъ бусурбабазе гьабизе бугеб заралалъулги бицинчIо. ГIицIго жиндирго вагIзаялда гьес тIадчIей гьабуна исламалъул тушбабазе жакъа къваригIун бугин бусурбаби жакъа жидерго провокациялъул кверщаликье ккун, гьезул чорокал пишаби сабаблъун халкъалъ ахIи -хIур гьабизе. Амма нилъеца гьезда данде хIалтIизабилин батIияб ярагъ, гьеб пикру гьадин баян гьабуна гьес ЭР-ялъеги:
МухIамадов ГIабдула: «Халкъалда бичIчIун букIине ккола гьеб провокация букIин, дол чагIазе къваригIун буго бусурбабазда гьоркьоб гIадлу гьечIолъи тIибитIизабизе. Гьел хьул къотIараллъун гьарун, киназдаго гьоркьоб рокьукълъи бижизабизе. Гьединал фильмазул кумекалдалъун гьанже гIадаб хIалуцараб заманалда бусурбаби цоцалъ рагъизе, гьез митингал тIоритIизе ругилан кколеб буго гьезда, гьеб мехалдайин абуни баккула цогидаб провокация, чIвай -хъвеялги, кьвагьа гIанхъиялги, палхIасил гIарабазул улкабазда гьабсагIат бугеб сурат гьанибги такрарлъиялъул мурад буго гьезул. Гьединлъидал чIахIиял гIалимзабазги абулеб буго- киналниги, я митингал, я данделъаби рукIине гьечIилан. Узухъда чIвалел руго гIалималги, диниял церехъабиги, амма гьелдалъун щибниги хисизе гьечIо. ХIажат буго щивав чияс гали цебехун, ислам цебетIезелъун тIамизе жидаго тIад хIалти гьабиялъе кIвар кьезе, гьединго жиндирго хъизан лъималалги гьелде куцазе».
Бусурбабазул рахIат хвезабизелъун гьеб фильм къватIибе биччараз аслияб куцалда авараг гьенив вихьизавулев вуго лъимал лагъзал гIадин хIалтIизе тIамиялъул, гьединго магьари лъечIого ригьнал гьариялъул рахъкколев чи хIисабалда.
Wall Street Journal абураб газеталъе кьураб баяналда 52 сон барав режиссер Сес Бейсилица рагьун абулеб буго ислам рокьукъаб дин букIин бихьизаби букIанин жиндир аслияб мурад. Кино бахъизелъун гьесие 5 миллион доллар кьун буго нусго гIанасев чияс, амма гьезул цIарал рицине режисерас инкар гьабулеб буго.