2015 соналъ Дербенталъ 2000 сон тIубаялъул хIурматалда Дагъистаналъул къоял абураб дандеруссин тIобитIизе буго Франциялъул тахшагьар Парижалдаги. Цо-цоязда бичIчIулеб гьечIо гIемераб гIарацги хун щай гьединаб тадбир улка бахун къватIибехун гьабизе кколебали. Амма маданияталъул церехъабаз гьелъул рахъкколеб буго.
Кавказалдаго бищун некIсияб шагьаразул цояб Дербенталъ 200 сон тIубаялде гIемерал тIоритIизе хIисабалде босун буго тIасиял соназ. Машгьураб Дербенталъул юбилей тIобитIизе буго 2015 соналда. Амма цохI дагъистналда гурелги рохалилал данделъаби тIоритIизе хIисабалде босун буго улка бахун къватIибехунги. Мисалалъе Франциялда Дагъистаналъул къоял абураб рохалилаб тадбир тIобитIизе буго гьелъул тахшагьар Парижалда. ГIага-щагарго гьеб букIине рагIула 2015 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда къо моцI мухIканго чIезабун гьечIо жеги. Дербенталъ 2000 сон тIубаялъул тадбирал тIоритIизе миллиардгун 700 миллион гъурущ биччазе хIукму гьабун буго.
Республикаялда гьадинги цIеречIарал гьелдсаги кIвар бугел масъалабиги рукIаго гьебгущинаб гIарац доба Европаялъул пачалихъалда дагъистаналъул къоял абураб тадбиралъе биччаялда рази гьечIо цо-цо чагIи.
Дербенталъул юбилеялде тIоцебе биччазе хIисабалде босараб гIарац гьеб анцIгогIан гIемераб букIанилан бицана «Эркенлъиялъе» Маир Пашаевас. Югалъулаб дагъистаналхул бизнесчагIи абураб ассоциациялъул нухмалъулев ккола гьев. Амма дагь дагьккун тIаса къунцIун гьитIин гьабун гьанже 2 миллиард гIечIеб гIарац бичазехъин бугин киналго тадбиразе. Гьебин абуни юбилеялъул програмаялда хIисабалде росун рукIарал киналго суалал тIуразе гIолрилан абулеб буго бизнесчияс.
Маир Пашаев: «ТIоцебе бицен гьабулеб букIана 19 миллиард гъурущ, хадуб маялда гьеб гьитIин гьабуна 8 млрд щвезегIан. Гьаже абуле буго цо млрдгун бащад гIарцул. Гьеб гIарац хIисабалде рсоун киналго хIалтIаби гьаризе гIезе гьечIо. ТIадеги цIиял бакIал, мактабал, маданияталъул идараби ва гьел гурел цогидалги хIалтIаби рукIана хIисабалде росун. Гьанже гIей гьабизе ккезе буго гъокрь рукIарал бакIал къачIазе. Гьединлъидал гьеб гIарац гьедигIан гIемераб жо кколаро».
Фрнациялда Дагъистаналъул къоял тIоритIизе рукIиналад жиндирго бугеб разилъи загьир гьабуна Эркенлъиялъе Зарема Дадевалъ гьей ккола МахIачхъалаялда бугеб тарихалъул музеялъул нухмалъулейлъун. Гьелъ мисалаъе бачана гьал къоязда МахIачхъалаялда унеб бугеб Ираналъул маданияталъул къоял абураб тадбир.
Зарема Дадева: «КIиго батIияб пачалихъалъул маданияталъул церехъаби цоцалъ журазе рес кьолеб буго гьеб тадбиралъ. Гьел цоцазда кIалъазе руго таржама гьабизе кколареб маданияталъул мацIалдалъун гьеб цIакъ кIвар бугеб жо бугилан рикIкIуна дица. Щибаб улкаялъул буго жиндирго маданият, жиндирго хаслъи жиндирго милияб бечелъи, гьеб кинабго батIияб мацIалде сверизабун бицине кколаро гьеб гьадинги бичIчIула, гьеб буго бищун дун йохизаюлеб хIужа. Гьелъ рес кьола цоцазул бухьен щула гьабизе, цоцазе цIияб жо рагьизе. Гьединалъидал маданияб бутIаялъул вакил хIисабалда дица ракI-ракIалъ рахъ ккола гьеб тадбиралъул».
Дербенталда дагъистаналъул къоял тIоритIиялъул магIна бичIчIулеб гьечIо тарихчи хIажимурад доногъода.Гьеб батизе бугин цо лъил букIаниги хасаб мурадалда рекъон гьабулеб тадбирлъун. Нижеца гьесда гьикъана Дербенталда рукIун Франциялде гочарал гIадазул наслуялъул чагIи рукIин хIисабалде босун гьабулеб дандеруссин букIине бегуьлищин гьедилан. Гьелъие гьадинаб жаваб кьуна ХIажимурадица.
ХIажимурад Доногъо: «Франциялъулгун нилъер тарихияб бухьен батанигицин, гьеб байбихьана, Совет хIукумат бергьун хадур гьенире гочине ккарал басрияб тIалъиялъул рахъалда рукIарал дагъистаниязул кумекалдалъун. Гьелги гьенир гIемерал чи гьечIо, кавказиял дагьал гьечIо Франциялда, амма дагъистаниял гIемерал гьечIо. Дир хIисабалда гьеб буго лъил бугониги къотIи къаялдалъун гьабулеб тадбир франциялда. Гьениб гьабичIого Дагъистаналъул къоял Турциялда тIобитIани лъикIаб букIинаан. Гьени Дагъистаналъул вакилзабиги гIемер руго, нилъер маданиятги тарихги мацIги лъикI бичIчIулел чагIиги цIикIкIун руго».
Дербенталъ 2000 сон тIубаялде хIадурлъи гьабулаго тIоцебсеб иргаялда цIигьарун къачIазе рагIула дербунатлхул машгьураб «Нарын хъала», гьелда жаниб I6 гIасруладго бараб лъим кьабулеб мухъги цогидалги тарихиял бакIал цIигаьризе хIисабалде босун буго. Гьел киналго хIалтIабазе харж гьабизе рагIула 300 миллион гъурущ.
Дербенталъ 2000 сон тIубай кIодо гьабиялда тIасан исана апрелалда Москваялда тIобитIун букIараб гргинаб столалд гIатIидго рорхулел рукIана юбилеялда хурхарал суалал. НекIсияб шагьаралъул къо кIодо гьабулеб тадбиралда гIахьалъи гьабизе буго россиялъулъулги кватIиса хIукуматлъулги, кинавниги 2000 журналистас.