Aмировасул адвокатазул хьул буго Европаялъул Диваналда

МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров туснахъалдайищ телев, яги эркенищ гьавилевали хIукму гьабизе буго инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ гIуцIараб Европаялъул Диваналъ. Гьесда хурхун хъвараб гIарзаялъул хал гьабизе буго 27 ноябралда.

Гьедин лъазабулеб буго гьесул адвокатаз. Европаялъул Диваналде битIараб гIарзаялъул хал гьабизе гIезегIан мехалъ балагьун чIезе кколин абулеб буго гьез, амма гьаб нухалда хеккого бачIанила жаваб.

СагIид Амиров ккола МахIачхъалаялъул вукIарав мэр. 2013 соналъул риидал низам цIунулез ккун вачун ана гьев.

Гьелдаса нахъе Амировасул адвокатазги, гIагарлъиялъги, гьесул рахъкколезги ахIи балеб буго гьев чи къватIиве виччазе кколин, гьесда гIайибги гьечIилан. ТIоцебесеб иргаялда, гьев кколила живго жинцаго тIуван бажаруларев сакъатав чи. БатIи-батIиял хъулухъазда вугеб мехалда СагIид Амиров чIвазе къасд гьабун букIана. Гьедин цо нухалда мугъзалъ щун речIчIараб жогун, гьесул бохдул ккуна. Гьелда тIадеги диабетги, мукъуралъул унтиги, цогидал гIузрабиги ругин Амировасулин абула тохтурзабаз.

Байбихьуда Амировасде гIунтIизабулеб букIана ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан Арсен ХIажибегов чIваялъул гIайиб. Хадуб байбихьана батIи-батIиял гIайибал гIунтIизаризе. Масала, ахиралда гIунтIизабуна Амировас Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазехъин вукIиналъул гIайиб. Гьев тIад рекIараб аэроплан кьвагьизабизелъун Амировас ракеталъул комплексгицин босун букIанила.

Кьварараб низамалъул туснахъалъул анцIго сонги кьун Амиров гьабсагIаталда жанив вуго. Гьесда нахъасан батIи-батIиял харабалги руго МахIачхъалаялда. Масала, гьес ришватги кьун туснахъалъул хIалтIухъабиги ричун росун, тIубараб тIала бугила гьесухъ кодоб. Гьенир ругила рокъор гIадал шартIалги. Амма Европаялъул Диваналде адвокатаз хъвараб гIарзаялда бицунеб буго бащдаб черх гурони хIалтIуларев чиясе туснахъалда киналгIаги шартIал чIезарун гьечIолъиялъул.

Нагагьлъун Европаялъул Диваналъ СагIид Амиров ритIухъ гьавунигицин, Россиялъ жиндирго хIукму букIахъе толин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гIемерисез. Цин бугони, жамгIияталъе кутакалда асар гьабурал цогидал хIужабазда хурхарал хIукмабигицин рукIахъего танила Россиялъ. КIиабизе бугони, СагIид Амиров вугин политикияб къасдалъ туснахъ гьавурав чи. Масала, Россиялъул тIадчагIазе бокьун букIинчIебани, кигIан кIудиялги такъсирал гьаруниги эркенлъуда толаанила гьез гьев.

Масала, гьединазул цояв ккола ЧIарада мухъалдаса ГIабдурахIман.

ГIабдурахIман: «Нилъер диваналъул хIукму хисизе ккани, дол щал чагIи кколел? Диваналъ чIезабуна гурищ досул гьабги букIанин, добги букIанилан? Гьединлъидал дида кколаро Европаялъул Диваналда гьев (Амиров – авт.) бергьинилан. Дун божуларо гьелда. Нилъер хIукуматалъ жидерабго гьабила, дол риччан теха жидерабго гьабулел рукIине».

КватIичIого Европаялъул Диваналда хал гьабизе буго Хасавюрталдаса Маматхан Байсултановасул гIарзаялъул. Гьесул къварилъи лъаларев чи Дагъистаналда къанагIатги ватиларо.

2006 соналда низам цIунулел, адресги къосун, Байсултановасул вас ХIасанил гъоре ун руго хасаб операция тIобитIизе. Гьедин чIван йиго лъимаде йикIарай гьесул лъадиги, террористилан вачун жанив лъун вукIана живго ХIасанги. Амма Маматхан Байсултановас журналистаздеги инсанасул ихтиярал цIунулездеги ахIиги бан, къватIиве вахъана жиндирго вас.

Европаялъул Диваналде кагътал ритIулаго жиндие гIезегIан квекIенал кканин бицана Маматхан Байсултановас.

Маматхан Байсултанов: «Москваялда таможняялде щварал дир документал тIагIинарун ратана хасал хъулухъалъулаз. Дихъе жаваб бачIана гьел доре, Европаялъул Диваналде, ритIанин гьерсалги рицун. Гьединлъидал дица гьел цIидасан Гуржиялдеги ун, гьенисан ритIана».

МахIачхъалаялъул экс-мэрасул иш политикияб магIнаялъул иш букIин бичIчIулеб бугин Европаялъул Диваналдагиян бицуна республикаялда. Гьеб бугила Дагъистаналъул тIалъиялда бугеб тухумчилъиялда данде къеркьезелъун тIаса бищараб къагIида.