Кьвагьул пирхи къокъаб, рагІул асар халатаб букІуна

Дагъистан - 2012 сон май

Квана-гьекъолеб, квен-техх бичулел бакІазде гьарулел тІадкІанцІиял халат рахъунел руго Дагъситаналда. Дагьалъ цебе Гъизилюрт мухъалъул Акнада росулъ кафе кьвагьизаби гІемерисез бухьинабулеб буго гьениб гІаракъи-чагъир бичулеб букІиналда.
Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда бицухъе, изну гьечIого яргъид гІуцІарав лъабгояс, гьениреги рачIун кьвагьа-гІанхъи гьабун буго ва гІаракъи бичугейилан тІад хъвараб кагъатги, цо кинабалиго къвачІаги гьениб тун нахъе ун руго. Бакъараб кьагьиялдасан лъиениги зарал ккун гьечІо. Гьелдаго релъарал тІадекІанцІиял гьарун рукІана Хасавюрт, Бабаюрт, Гъизляр ва цо-цо мугІрузул мухъазул росабалъ. ГІодобе кколеб бугищ гьелдалъун республикаялда гIаракъи-чагъир гьекъолезул ва бичулезул къадар?

Абакаров Абус, бизнесчи: «Алкоголь гьекъолезул къадар дагьлъулеб яги гІемерлъулеб бугин абизе кІоларо. Амма бихьулеб буго Дагъистаналда гІаракъи-чагъир бичулел бакІал, цереялде дандеккун, дагьлъун рукІин. Цебе росабалъ бичулеб букІараб гІаракъи жакъа къанагІатабги бакІалда батизе кІоларо. Амма, дир хІисабалда, гьединал бакІал кьвагьизарулел рукІиналъ гуреб, гІадамал диналдехун руссунел рукІин батилин тола дица гІаракъи бичулел бакІал дагьлъиялъе гІилла. КIиабизеги, гьединал бакIал кьвагьизариялъ щибго хIасил ккелин абураб жоялда дун божуларо. Кьвагьизарулел ратани, загIипазул кьвагьизарун, къуватазул тунги дандеккелароха. Гьединго, кьвагьизарулел бакIазда жанир рукIине бегьула лъимал, руччаби, гIаракъи-чагъир гьекъоларел. Гьединазе зарал ккани, гьелъул хIакъ лъица тIаде босулеб»?

Гьаракъи бичулеб тукада

Гьекъолел чагIазулги гьекъолел бакIазулги къадар дагьлъун бихьулеб гьечIо бакIал раялда хIалтIулев ГIисалмухIамадов МухIамадида. Гьес бицухъе, кафе-ресторан балев чиясда, тIоцебесеб иргаялда, ракIалда букIуна бищун хайир щолеб жо гьениб бичи ва гьединаб жолъунги жакъа буго алкоголь.

ГIисалмухIамадов МухIамад: «Дунгоги вуго гьекъолев чи, амма кинаб кафе-рестораналде щваниги дида къанагIатги вихьуларо гьекъоларев чи ва гьединлъидал абизе ккола, гьекъолел чагIазул къадар дагьлъулебго гьечIин. Гьекъезе бокьарав чияс гьеб киса балагьунги балагьичIого толаро. ХIатта, руго цо-цо бакIал балъго- гIатIго гIаракъи-чагъир бичулелги».

ГIисалмухIамадов МухIамадица бицухъе, гІаракъи-чагъир бичулел бакIал кьвагьизариялъул хIасилалда гIадамал кантIиялдаса иш ун бугила ва щивасда ракIалде кколеб бугила гьеб дида хъинтIичIого хутIилеб батилин абун. ПалхIасил, гIарцуца бецц гьарун руго гIадамалин, риккунеб буго ГIисалмухIамадов МухIамадица.

МухIамадов ГIабдуллагь, динияв гIалимчи: «Инсан кантIизавизе ккола вагIза-насихIатаздалъун, лъикIал ишаздалъун. Кьвагьа-гIанхъи гьабиялъ гIадамазул ццим бахъинабула, берцинаб рагIуца мегIерги биинабулин абухъе, гьединал чагIи кантIизаризе, хIарамал ишал гьариялдаса гьел нахъчIвазе рес букIуна. Гьединлъидал, чара гьечIого гьабизе ккола бичIчIикьеялъулаб хIалтIи».

Гьесги, гьединго, нижергун гара-чIвари ккаразги бицухъе, зулмуялъ зулму, питнаялъ питна бекьулила ва хIинкъизариялдалъун гуреб, лъикIаб бициналдалъун тезабизе кколила чиясда гьес гьабулеб квешаб гIамал.