Авариялъул гIайиб гIунтIизабуна командирасда

2010 соналъул декабралда Москваялдаса МахIачхъалаялде боржунаго авария гьабураб ТУ-154

Москваялъул цIех-рехалъул комитеталъ официалияб куцалъ гIайиб гIунтIизабуна 2010 соналда «Домодедово» аэропорталда «Дагъистаналъул Aвиамухъал» компаниялъул «Ту-154» абулеб аэропланалъ авария гьабиялъул хIужаялда тIасан. Гьелъие гIайибиявлъун вихьизавуна аэропланалъул командир Закаржа Закаржаев. Гьеб мехалда хун вукIана кIиго чи. Ноябралда диваналъул процесс байбихьизе буго гьелда тIасан. Командирас живго гIайибиявлъун рикIкIунев гьечIо. Гьес гьедин абуна «Эркенлъи» Радиоялъе кьураб эксклюзивияб интервьюялда.

Рехсараб аэропланалъ ракIалдаго гьечIеб рештIен гьабизе ккун букIана 2010 соналъул декабралда Москваялдаса МахIачхъалаялде боржунаго, Москва икълималъул росдада аскIоб бугеб рохьоб жаниб. Гьелъул хIасилалда кIиго чи гIумруялдаса ватIалъун вукIана. Гьезул цояв доб мехалъ Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев МухIамад-Салам МухIамадовасул вац. Лъукъун вукIана 80 гIанасев чи.

Гьал къоязда рагIалде бахъана гьеб хIужаялда хурхун тIобитIулеб цIех-рех. Мосвкаялъул транспорталъул рахъалъ цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев хисулев Тушмалов Олегица абуна гьеб хIужаялда хурхун гIайибиял щалали чIезарунин. ГIайиб гIунтIизабун буго гьеб авиалайнералъул экипажалде, дагьабги битIун абуни гьезул командир Закаржа Закаржаевасде. ГьабсагIаталъ гьесухъе битIун буго жиндаго тIасан рагьараб ишалъул халгьабизе, ноябралда гьеб диваналде кьезе ракIалда бугилан абулеб буго Тушмаловас.

Гьелда цебе Пачалихъалъулаб авиациялъулаб комитеталъ сентябралъул къоабилеб къяолъ загьир гьабуна 2010соналъул декабралда лъил гIайибалдалъун аэропланалъ авария гьабурабали. Ункъоялда гьоркьоса цо гурони хIалтIулеб алатги гьечIого гьеб гьаваялде бахъинабурал экипажалда бугин гьелъул гIайиб. ЦIех-рехалда загьир гьарурал хIужби рехсоел руго гьез геьниравари ккеялъе гIиллалъун жал ккарал. Гьел киналго рагIа-ракьанде щун баян гьабичIого гIамм гьабун абуни цIех рехачагIазул пиркруялда ТУ 154 ажропаланалъул экипажалда экстренныяб ахIвал-хIалалде ккараб мехалъ гьаризе кколел тадбирал лъачIого риччарал гъалатIазул хIасилалда ккун буго гьеб авария.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна живго Закаржа Закаржаевгун . Гьес чIванкъотIун лъазабулеб буго гьесде гIунтизабулеб гIайибалда живго рази гьечIевлъи:

Закаржа Закаржаев: «Дица цIех-рехчи диваналде кьун вукIана щайгурелъул гьес къанун хвезабуна жиндирго хIалтIуда жаниб. ЦIех рехалъул цIияб экспертиза гьабизе ккеялъул ходатайство хъван букIана дица. Дие икнар гьабуна. Гьеб мехалъ кьуна дица цIех-ре чи диваналде Двианалъ дун ритIухъ гьавуна. Гьеб мехалъ дица нахъойги хъвана ходатайство, дие кIиабизеги инкар гьабуна. Гьеле гьединаб бичIчIизе захIматаб ахIвал-хIал буго гьениб. Гьез жидецаго тIобитIулеб бугеб цIех-рех жидецаго хвезеги гьабулеб буго».

Э.Р: «Дуде гайиб гIунтIизабизе къваригIарал цо хасал чагIи рукIине бегьулилан абизе бокьун гьечIищ дуе?

Закаржа: « Буго. Гьедин бугизеги буго иш. Щаялиги бицина гьабсагIат, цIех рехалъул иш рагIалде бахъуне буго. Диванaлде кьезе заман щун буго. Амма дие дунго цIунизе рес кьолеб гьечIо гьез».

Закаржаца жиндирго ихтиярал цIунулев адвокат ккун вуго. Дагьалги мухIканал баянал диван гьабичIого кьезе кIвеларилан мукIурлъана гьев

Нижеца гьединго бухьен гьабуна Дагъистаналъул Авиалиниялъул нухмалъулев хисулев ГIангутIаев ГIабдулагунги. ГIайиб ккарал чагIи загьир гьаризегIан цIех-рех халат бахъинабизе кколилан рикIкIунеб буго гьесги:

ГIангутIаев ГIабдула: «ГIадамалги чIван, аэропланги хвезабураб мехалъ гьедин тезе бегьилишха гьеб иш. ГIайибияв чи тамихIалде цIазе ккола. 140 миллион нижеда тIадги къотIана гьез, гIакIа хIисабалда»

Интернеталъул гьурмазда чанго чияс комментариял тун руго гьеб Дагъистаналъул роржарухъабазе гIайиб гIунтIизабиялда тIасан. Аэропалан гIодоб чIезабурабго гьел бахIарзал рукIанин гьанже такъсирчагIазде сверун рукIиналда гIажаиблъи гьабизе ккараб хIал букIинищинхаян хъвалеб буго цояс.

Цогидас тIаде жубалеб буго гьез щайин хъвалареб цIорораб хасало, гьебги гIумруялда жаниб тIоцебебсеб нухалъ рохьоб жаниб гьез рештIине бакI балагьараб куцалъул. ЦIатариялъул цIураб аэроплан гIодоб рештIунаго кьвагьизе рес букIиналъухъги балагьичIого гьединаб гьунар гьабунин гьезилан. ХIасил-калам Закаржа Дагъистаналдаса вукIиналъ ургъунго гьабулеб жо гьеб букIиналда божарал руго гIемерисел.