Росдал магIишат цебетIеялда тIасан гара-чIвари

Дагъистаналъул агропромышленнияб комплекс цебетIеялъе нухал ралагьизелъун республикаялъул хIукуматалъул вице-премьер Шарип Шариповас МахIачхъалаялъул Миллияб библиотекаялде ракIарун рукIана муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулелги росдал магIишаталъул вакилзабиги.

Советияб заманалда Россиялде ритIизецин кванил нигIматал хIадуризе гIураб ресалъул республикаялда гьанже рекьулел ракьал рехун теялъулги, росдал магIишат цебетIезабиялъе пачалихъалъ биччалеб гIарац хIакимзабаз гIадатиял гIадамазухъе щвезе тунгутIиялъулги, цогидал квалквалал гьариялъулги хIакъалъулъ гIемер бицунеб буго. Гьединлъидал гьеб ахIвал-хIал хисизабизе къваригIун бугин абуна Миллияб библиотекаялда вице-премьер Шариповас.

Гьеб мурадалъ ургъарал проекталги руго президентас. Амма гьелда тIасан пикраби, яги гIолел-гIоларел рахъал баян гьарун гьечIо гIемерисел муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез – масала, Болъихъ, Гумбет, Унсоколо, ЦIумада ва цогидал мухъазул нухмалъулез.

Гьединго росдал магIишат цебетIеялъе бакIазда гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ мукъсанал гурони баянал щолел гьечIин росдал магIишаталъул министерлъиялъухъеги хIукуматалъухъегиян абуна вице-премьер Шарип Шариповас. Масала, росдал магIишат цебетIеялъе нилъер республикаялъул бюджеталъ биччан буго 900 млн гъурущ. Амма сунда тIад гьеб харж гьабилебалиги лъаларого, гIадада холеб буго гIарац, щайин абуни лъагIел ахиралде щвелалде, бюджеталда бихьизабухъе, гьелда щибниги малъизе кколелъул.

РакIалдаго гьечIого гьанжегIагар Алмало росулъ цо чиясул доба бихьанин жинда кутакалда цебетIураб куцалда гьабураб теплицаян бицана вице-премьерас. Гьеб мехалда жинца абунила гьесда хъата-масан документал хIадурейин нижехъе ритIизе, гьединал жалазе бихьизабураб гIарац бугин гъоба.

Гьедин Шарип Шариповас цоясда хадур цоял тIадеги рахъинарун гьикъулеб букIана батIи-батIиял мухъазул нухмалъулезда росдал магIишат цебетIеялъе гьез щиб гьабулеб бугебали. Гьедин Хайдакъ, Унсоколо, Новолак, Гумбет мухъазул вакилзабаз бицунеб букIана жидеца ахал гIезарулел ругин, жидеца ферма рагьулеб бугин, жеги щибали гьабулеб бугилан. Цинги гьезул щивасда гьикъулеб бугоан вице-премьерас нужер нухмалъулез жидехъе гьеб киналдаго тIасан щайин баянал кьоларел. Гьесие лъицаниги жаваб кьечIо.

Агропромышленнияб комплексалда бан 2014 соналда хIадуризесеб программаялде тIадежубай сундулъ гьабизе кколебин вице-премьерас цIехедал, росдал маг1ишатазул хIалтIухъабаз магъалаби кьеялде кIвар кьезе кколин абуна Гъуниб мухъалъул нухмалъулев Пахрудин МухIамадовас. Масала, Гъуниб мухъалъул 17 маг1ишаталда гьоркьоса анкьго магIишаталъул вакилзабаз кьун гьечIо бюджеталде исанаги гъоркьисалаги киналгIаги магъалаби. Гьедин Пенсиязул фондалда цебе гIун рагIула анлъго млн гъурщил налъи.

Гьединго буго Гъуниб мухъалъе гуребги, цогидазеги гIахьалаб масъалаги. Мал-мулкалъул министерлъиялъе ракьул арендаялъул г1арацги кьун, маг1ишатазул нухмалъулез гьел ракьазда хьихьулеб буго жидерго гIи-боцIи, яги кIуди-кIудиял гIарцазухъ гьел кьолел руго цогидал чагIазухъе, арендаялъе.

Пахрудин МухIамадов: «Гьел маг1ишатазул нухмалъулезул гIемерисел руго гьеб хIалтIи бичIчIуларел ва лъаларел чагIи. Гьезул гьечIо росдал магIишаталъул рахъалъ тIадегIанаб лъай. Масала, Къорода росдал маг1ишаталъул нухмалъулев хвана гьал къоязда рекIел унтиги бачIун. Гьесул бакIалде кандидатура лъун буго гьеб маг1ишалдехун кинабгIаги бухьен гьечIев трактористас. Амма гьесул лъикIаб къадру буго гIадамазда гьоркьоб».

Исана сон тIабигIат цIуниялъул сонлъун лъазабун бугин, гьедин тIабигIат цIуниялъе щибин нужер щивас гьабурабиланги суал лъолеб бугоан вице-премьер Шариповас хIакимзабазда цебе. Амма гьелъие жаваб щвечIо лъидасанниги.

Шарип Шарипов: «Дун гIумру гьабун цо заманалда Америкаялда вукIана. Гьениб индейцаз абула жидее ракь умумуздасан ирсалъе щвараб жо гурин, гьеб жидеца гьезухъа налъи гьабун босун бугин… Араб гIасруялъул къоабилел соназда Дагъистаналде вачIиндал агроном, генетик Вавиловас хъван букIана жинда дунялалда кибниги рагIичIин ва бихьичIин Дагъистаналда гIадин ракьул къимат гьабулеб. Гьесие асар гьабун бугоан террасабазул къагIидаялда (магълъал) гьарурал хурзабаз. Гьанже бихьизе бокьилаан гьесда гьаниб ракьудехун бугеб бербалагьи. Дагьалъ цеве машинаялда унаго рихьана дида ракь хачан, мегIер биххизабулел гIадамал».

Республикаялда санайилго данделъулеб рищни-къулалъул къадарги тIабигIаталдаса хайир цIулел гIадамалги рехсон, вице-премьерасул рагIабазе нугIлъи гьабуна тIабигIат цIуниялъул министр ХIасан Идрисовасги.