МахIачхъалаялда тIобитIана кванил нигIматазул рахъалъ ярмарка. ГIадатиял гIадамазе гьелъ рес кьунин учузаб багьаялде къайи-цIа босизеян абулеб буго информ.алатаз. Амма хIакъикъаталдаги рази ругиш жакъа ярмарка тIобитIулеб букIиналдаса кванил нигIмат гIезабулелги гьеб бичун босулелги. Гьеб суалалда тIасан батIи-батIияб хъулухъалъул гIадамалгун гара-чIвари гьабуна нижеца.
«Меседилаб хасалихълъи» абураб росдал магIишаталъул бутIабаз гIезабураб кванил нигIматазул ярмарка тIобитIана МахIачхъалаялда. Кинабниги 100 батIияб нигIматал гIезарулеб идараялъ гIахьаллъи гьабун буго гьениб.
ЦохIо Дагъистаналдаса гуребги мадугьалихъа респбуликабазул Ставрополалдаса Гъабардагун-Балкаралдаса ричарухъабазги бачIун буго гьенибе жидерго къайи-цIа. Тахшагьаралъул кванил нигIматал ричулеб базаразда дадеккун гIемерго учузго жидеего къваригIараб жо босизе рес щванин гьениб гIадамазеян хъвалеб буго интернеталда.
ХIакъикъаталдаги бугиш батIалъи жакъа МахIачхъалаялъул базаразда бичулелдаги ярмаркаялда бичулеб къайи-цIаялдаги гьоркьоб?
ХIакъикъаталдаги ярмаркаялдаса босулеб жо жинде гIемер учузго щванин базаралда бугелдасагиян мукIурлъана Гъуниб мухъалдаса МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей Камилова Марьям.
Камилова Марьям: «БитIараб бицани киналго ярмаркабазде щоларо дун, ахирисеб нухалъ щун йикIана лъабго моцIалъ цее гIадин, амма иналдаса разиго хутIана, ракIалда букIараб щинаб учузаб багьаялде щвана».
Э.Р: «Цо-цояз абулаха ярамаркаялдаги базаралдаги гьоркьоб бичулеб жоялъул щибниги батIалъи гьечIилан…
Марьям: «МахIачхъалаялда ругелщинал базараздаги тирун гьелъул хIисаб-суал гьабизе регIанщинаб халкъалъ бицунеб батила гьедин, гьезул гIадин дир заман букIунаро базарал тиризе. Гьединлъидал уна дун рес ккарабго ярмаракаялдеги».
Амма Гъуниб мухалъул Гьонодаса Гамирханил МухIамад разиго гьечIо ярмаркаби Дагъистаналда тIоритIулеб куцалдаса. ГIемерал соназ гIи-боцIи хьихьун бетIербахъи гьабурав, кIудияб хIалбихьиги бугев чи ккола гьев. Гьес мисалалъе бачана Совет хIукуматалъул заманалда гъора шагьаралдаса рахъарал рачIунаанин жидехъе гIадамал кIиго гъурущ килограммалъухъги кьун ахбазан босизе, гъоба 80 копейкалде бичулаанин гьеб гIадамазе. Гьединаб букIанин цебе ярмарка. Гьанже жидее гIияхъабазе гьелдаса хайир гьечIин щибнигиян абулеб буго МухIамадица.
ГIамирханил МухIамад: «Ярмаркаялде рачIайилан ругьел битIун бачIуна их байбихьаралдаса хасалихълъи щвезегIан къуларал рорхичIого хIалтIулел хурухъабаздеги, цIадакьги бакъукьги рехъада цереги эхетун гIи гIезабаруал нижедеги. Гъореги рачIун гьединаб гIакъубаялда гъоркь нижеца гIезабураб нигIмат учузго бичизе бокьун буго гьезие. Гьедин гуроха ярмарка гьабулеб. Гьез нижехъа рекъараб багьаялдеги босун, гъоба халкъалъе учузго бичизе ккола хIукуматалъ».
Жакъа кванил нигIматазул базаразда хиралъичIого хутIараб жо бугин цохIо гьанги квасгиян абулеб буго МухIамадица. Гьелъул гIаксалда гьанал багьа дагьабги гIодобе ккун бугин.
Росдал магIишат цебетIеялъе хIукуматалъ гIемераб кумек гьабизе бугин, кредитал кьезе ругин букIанин тIадчагIазул хабар, амма гьеб гIарцги гьез кьолеб куцалдаса махIниги рази гьечIоан МухIамад.
ГIамирханил МухIамад: « Жакъа дотациялъул гIарац кьолеб буго жеги чахъу хьихьаравни кин гурин хIоржоялдаса къинлъараб лемаг батIа-бахъизецин лъаларел чагIазе. Дун гIадал гIумур гьелда нахъа араб уммат бакъалда хутIулел руго».
Кванил нигIматазул багьаби ахираб заманалда хиралъун рукIиналъул гIарзал руго гIадамазда гьоркьоб. Къануналда рекъолареб куцалъ бича-хисулеб жоялъул багьаби цIикIкIинариялда хадуб хал ккола монополиялда данде къеркьолеб федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ. Амма гьеб идараялъул пресс-хълухъалъул нухмалъулей Шкандыба Натальяца бицана «Эркенлъиялъе» багьаби цIикIкIинариялда тIасан халкъалъул гIарзал рукIинчIин ахираб заманаялъ, гIарзал рачIараб мехалъ гурони жидеца гьелда тIасан монтирониг тIобитIуларилан. Гьелъие бугеб гIиллаги баян гьабуна.
Шкандыба Наталья: «Мониторингалъулал цIех-рехал гьарулел махщелчагIи къанагIат гурони гьечIо. Нижер гьадинги гIемерал руго гIарзал ролъ, цIатариялъул багьа хиралъиялда тIасан. Кванил нигIматазул къадарин абуни гьеб рикIкIун хIалкIолареб сияхI ккола. Гьеб жо цIакъ захIматаб масъала буго мониторингалъе. Гьеб цохIо нижер гьаниб гуребги, доба Россиялъул цогидал бакIазда ругел монополиялда данде къеркьолеб идараялдаги бугеб ахIвал-хIал буго. БатIияб суал буго гIадамазул чIванкъотIарал гIарзал ругони кванил нигIматазул багьаби хиралъиялда тIасан нижеца цIех-рех гьабила гьелда рекъон, гурого нижго лъикIал рахъун хадуб халкквей гьеб бигьа-бигьаго рагIалде бахъунеб хIалтIи гуро».
Кванил нигIматазул багьабазда хадуб хал кколеб гьечIин жакъа хIукуматалъилан бицана Натальяца хадубги. Ричарухъабаз жидеего дандекколеб куцалъ рекъезарун ругин гьел. Амма гьеб жакъа лъиениги балъголъилъун кколарин.