Дагъистаналъул нухмалъулев разияв гьечIо…

22 январалда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас хитIаб гьабуна Халкъияб мажлисалде. Исана гьабизе кколеб хIалтIуда гъорлъ гьес рехсана Шималияб Кавказалда ругел республикабазулгун гуребги, Казахстан, Азербайжан гIадал пачалихъазулгун гьоркьорлъаби лъикIлъизариги, агропромышленнияб комплекс цебетIезабиги, чорокал хIакимзабаздаса хIукумат бацIцIад гьабиги. Гьев рази гьечIоан МахIачхъалаялъул мэр Сулеймановасдаса, Дагъистаналъул гIалимзабаздаса ва цо-цо диниял вакилзабаздаса.

Байбихьуда гьес бицана Дагъистан аграрияб республика букIиналъ, гьениб хурухъанлъи, ахихъанлъи, цIолбохъанлъи, гIи-боцIухъанлъи цебетIезабизе кколин, амма букIине кколеб куцалда гьеб гьабулеб гьечIин росдал магIишаталъул министерлъиялъ. Щибизе къваригIараб жойин гьадинаб къагIидаялда гурони хIалтIулареб министерлъи. Рамазан ГIабдулатIиповас росдал магIишаталъул министрасда абун рагIула дурго гьениса цониги хIакимги нахъе вахъун, гьесул бакIалда хьон биччалеб саламатаб оц щайин босулареб, гьелъулго мунпагIат букIинилан.

Диналда тIасан кIалъалаго, республикаялъул бетIерас абуна цо-цо диниял церехъабазухъ гIенеккараб мехалда жинда ракIалде кколила нилъ киналго дунял гьабулел ругилан гурел, киналго хабзалалъе рахъун ругилан.

Амма гьелда рази гьечIо МахIачхъалаялъул динияб цIалул идараялда хIалтIулев ГIабдурахIман МухIамадов.

ГIабдурахIман МухIамадов: «Динги дунялги мугъги чехьги гIадал жал руго. ЩибгIаги батIалъи гьечIо гьелъул. Диналъ лъолел гьукъа-къаязул бицани, дунялалъе зарал гьабулеб букIиналъ лъолел гьукъа-къаял руго гьел. Масала, руччабиги бихьиналги журани цо бакIалда, гъолъул зарал кколеб буго гури – зинаги цогидаб чороклъиги гьелдасанлъидал байбихьулеб. Гьеб мехалда хъублъула чиясул наслуги. Масала, Абубакар асхIабас абулеб буго гIакълуялда рекъолеб жо гурила гьаб дин. Рекъезеги кколаро гьеб».

Халкъияб Мажлисалде гьабураб хитIабалда республикаялъул бетIерас бадибчIвай гьабуна МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIадкъарав МухIамад Сулеймановасеги. Тахшагьаралда транспорталъул суал рукIалиде ккезабизе кIолеб гьечIила гьесда. ГьабсагIаталда туснахъалда вугев СагIид Амировасул заманалдаго гIуцIараб «Махачкала-транс» абураб гIуцIиялъ ханлъи гьабулеб буго транспорталда тIад.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьале вачIана ВалибахIандил МухIамад, жиндирго кутакаб къаркъалагун. Щибниги гьабизе кIвечIо. Щайгурелъул гьесда гьанир ратана транспорталда тIад кверги лъун чIарал хъачагъазул къокъаби. ХIалицаго тIамулел руго гьез гIадамал жидерго транспорталда рекIине. ТIадежоялъе гьезул гIуцIиялъ щибниги хал кколеб гьечIо транспорт кинаб хIалалда бугебали, хал гьабулеб гьечIо кинаб хIалалда жалго шоферал гьеб бачун къватIире рахъунел ругелали. Гьедин нижеца хIукму гьабуна хираго чIолел ругониги, МахIачхъалаялъе автобусал росизе. ТIубараб лъагIалица цебе унеб букIинчIо хIалтIи. Ахирги баянлъана щаяли. Лъида тIад гьеб автобусал росиялъул иш къаниги, щивасе гьениса жидеего жо тIезабизе къваригIунеб батана. Я гъаринха, гьедигIан ракъуца холел ратани, дица жанисел ишазул министрасда абила нуж ГАИялде рачейин хIалтIизе».

Хадур гьес гьужумал гьаруна гIалимзабазде.

Республикаялда гIадамазул гIумру лъикIлъизабизе гьабулеб хIалтIулъ кинабгIаги гIахьаллъи гIалимзабазулги бихьулеб гьечIин абуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Цо-цо телевидениялдаса кIалъалел рагIулила республикаялда цо щибалиго киналалиго гьабулеб гьечIилан. Щибали гьезда жидедагоги лъаларила. Дагъистаналъул тIадегIанал цIалул идарабазда вугила батIи-батIиял гIелмабазул 532 доктор. Нилъецайин абуни къватIиса ккун рачунел ругила Дагъистаналде гIалимзаби батIи-батIиял программаби ургъизе.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Щайгурелъул цIалул тIадегIанал идарабазул кинабгIаги хурхен гьечIо республикаялъул экономикаялдехун. Кабинетазда жанир гIодорги чIун цо жал хъвалел рукIун гурони. Гьебго жо гьабулеб буго Дагъистаналъул ГIелмияб Централъги. Республикаялъул хIукуматалда лъазецин лъаларо Дагъистаналда ГIелмияб центр букIинги институтал ругеблъиги. Гьоркьо-гьоркьор гIалимзаби рихьула цо-цо ккун рекерахъдулел, щиб-щибниги проектги кодоб ккун».

Жидеца гьабулеб кинабго хIалтIи Дагъистаналда бухьараб бугилан абуна гьелда тIасан МухIамад МухIамадовас. Гьев ккола Дагъистаналъул ГIелмияб Централда цебе рагьараб мацIазулгун литератураялъул ва искусствоялъул институталъул директор.

МухIамад МухIамадов: «Республикаялъул нухмалъулес жеги абуна гIалимзабаз жидеего гIарац жидецаго балагьизе ккелилан. Гьеб битIарабги буго, цо рахъалъ. Амма тIубанго тIадрекъезеги кIоларо. Масала, нижер гьаниб буго геологазул институт. Гьелъухъа бажарула жидеего гIарац балагьизе – магIданал, лъим, газ бугеб бакI тIатинабун. Амма нижер гIадаб мацIазул институталъ гIарац кин балагьизе кколеб – щибги бичун, щибги хисун? Дунялалда киса-кирго гуманитариял институтал хIукуматалъ хьихьун рукIуна. Гьединлъидал нижер рес гьечIо цогидал институтаз гIаддин гIарац балагьизе».

Халкъияб Мажлисалде гьабураб хитIабалда республикаялъул бетIер ГIабдулатIиповас хабар ккезабуна жив нахъе унев вугилан ахираб заманалда тIиритIарал харбазулги.