Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал заманаялъ тIуразарулевлъун ГIабдулатIипов Рамазан таралдаса гьес гьабураб хIалтIул хIасил гьабизе ва гьесдухен халкъалъул божилъи кигIан бугебали лъазабизе батIи-батIиял социалиял цIех-рехал тIоритIулел рукIана Дагъистаналда дагьал цересел анкьазда. Гьабун букIана гьединабго цIех-рех Эркенлъи Радиоялъул сайталдаги. Гьезда гьоркьоб батIалъи кIудияб букIинчIо.
ГIабдулатIиповасул 100 къо: кинаб бугеб гьесул хIалтIул хIасил? Гьеб суал нижеца кьуна республикаялъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалъе. Гьезул вакил ХIасанов Альбертица цоги нухалда ракIалде щвезаруна республикая цIебетIезабиялъул хIалтIи микьго проекталда рекъон унеб букIин:
1. ХIасил къолеб пачалихъияб нухмалъи
2. ХIинкъи гьечIеб Дагъистан
3. ЦIияб индустриализация
4. ГьитIинаб бизнес-Дагъистаналъул букIинисеб
5. Антикоррупция
6. Эффективияб территориалияб цебетIей
7. Лъай бугеб Дагъистан
8. ЦIияб Дагъистаналъул бренд
ХIасановасул баяназда рекъон, республикаялъул хIукумат хисун буго 70 проценталъ ва хисун вуго республикаялъул ичIго мухъалъул бетIер.
Гьевгощинав чи хъулухъалдаса вахъиялъул процесс кин унеб- жинца мун хIалтIудаса вахъулев вугин абун нухмалъулесул кьварараб хIукмуялда рекъонищ яги дуе баркала гьанже гьеб хъулухъ цогияхъе кьун лъикIин абун гьарулел кинал рукIаниги къотIи-къаяздалъунищан гьикъана нижеца ХIасановасда.
ХIасанов Альберт: «Ротациялъул суалал киданиги бигьаго унаро. Амма ГIабдулатIиповас гьеб хIалтIи цIакъ гIакълуялда гьабулеб буго. Дица абила щибав чигун бицунеб хабар щивасда рекъараб букIунин. Руго хIалтIудаса рехарал, хIатта такъсир гьабиялъул иш бакIалъул нухмалъулесда тIад рагьарабги хIужа, масала Табасаран мухъалда. Руго баркалаги кьун нахъе ине кколин бичIчIизабуралги хъулухъчагIи. Гьелде тIедеги бихьулеб буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде рагъги кьварун букIин».
Дагъистаналъул цониги къуватаб идараялде республикаялъул нухмалъулесул асар гьечIеб мехалда гьел идарабаз изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде рагъги кьваризаби, иш гьедин батани, нухмалъулесул хIаракатлъун рикIкIине битIараб бугищ?
ХIасанов Альберт: «Буюри кьезе кIвечIониги малъа-хъваял гьаризе яги гIакълу дандбазе рекомендациял кьезе рес бугелъул гьесул. Гьел идарабазул нухмалъулелгун даим данчIваялги рукIуна ГIабдулатIиповасул. Гьедин букIана ахирисел терактазда хурхунги».
Къуватал идарабазе рекомендациял кьезе ГIабдулатIиповасул ресги батани, гьелгун рекъон гьев хIалтIулевги ватани, 12 апрелалда Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ ва сверухълъиялда хасаб операцияги байбихьун тIубараб росу нахъе гочинабураб мехалда ГIабдулатIиповас кьураб рекомендация кинаб букIараб?
ХIасанов Альберт: «Дида лъалеб бакIалъан, гьеб мехалда букIинчIо кинабгIаги рекомендация кьун. Гьединал ишаздехун гьесул битIараб бухьен букIунарелъул».
Гьедин батани, щайха нужеца изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде рагъ кьваризаби ГIабдулатIиповасул хIаракатлъун рехсолеб бокьараб мехалда, бокьичIеб мехалда гьеб гьесул иш гурин толеб?
ХIасанов Альберт: « Дида кIоларо гьеб суалалъе жаваб кьезе».
Руго ГIабдулатIиповасе щварал экономикиял бергьенлъабиги- къваригIел гьечIеб бакIалде харж гьабичIого цIунизе бажарун буго анкьго млрд. гъурущ. ГьедигIанасебго гIарац анкьго млдр. гъурущ «Авиаагрегат» заводалъе инвестициялги ралагьизе бажарун буго цоги гIисинал икъбалал малъичIого.
Амма тIадехун рехсарал республика цебетIеялъул микьго проект бихьизабиялъе гIоло гьел гIумруялде кин рахъинаризе ракIалда бугебин гьикъидал ХIасановас абуна гьеб бугин гIемерал соназ цебе гьабизе кколеб хIалтIи ва ГIабдулатIиповас абухъе кинабго байбихьизе кколин гIадамазул пикру хисизабиялдасанин ва гьаб сагIаталда республикаялъул нухмалъиялда хIалтIи гIуцIун бугеб куц бихьун гьеб хIалтIи гьабун бажаризе букIиналдаги жиндир ракIги чIараб бугин.
Жакъа ГIабдулатIиповас хIаракат бахъулеб бугин пачалихъалъул, къануналъул ва нухмалъиялъул авторитет цIи гьабизе ва гьелъие криминалгун жубараб Дагъистаналъул политикаялда жиндиего бакI бацIцIад гьаби бугин гьес кIвар кьураб аслияб масъалайин абулеб буго Дагъистан лъикI лъалев Россиялдаса журналист Максим Шевченкоца.
Максим Шевченко: «Дида ккола ГIабдулатIиповас жакъа кIвар кьураб аслияб масъала бугин Дагъистаналъул криминалгун жубараб политикаялда жиндиего бакI бацIцIад гьабийин. Рамазан Дагъистаналде вачIана къуватаб тухумги нахъа гьечIого. Гьединаллъун лъебелалги рикIкIине бегьуларо. Гьел киданиги гIемерал рукIинчIо республикаялъул криминалиябгун политикияб бизнесалда.
Гьаб бакIалда дица криминалиябин абураб рагIуде батIаго кIвар буссинабулеб буго щайгурелъул дида гьеб бихьун букIун Дагъистаналда кколеб бугелъул гIемерал соназул хал гьабураб мехалда.
Гьанже ГIабдулатIиповас хIаракат бахъулеб буго пачалихъалъул, къануналъул ва нухмалъиялъул авторитет цIи гьабизе. Дица абиларо гьесда цеве гьеб хъулухъалда вукIарав МухIамадов МухIамадсаламица гьеб гьабулеб букIинчIин. Инсан хIисабалда гьев ликIав чи вуго, экономистги гьев квешав вугин дица абиларо, политикги вуго. Амма кин бугониги гьесие асра гьабулеб букIана даргабазулгун магIарулазул гьоркьорлъабазги, Дагъистаналда тIад квачI лъурал лавашазулгун рукIарал бухьеназги».
Кинха бацIцIад гьабулеб бугеб ГIабдулатIиповас жиндиего политикияб плацдарм. Цо-цо баяназда рекъон гьес жиндирго гIагардисеб гIагарлъиялъул чагIи толел руго бажарарабщинаб бакIалда ва гьелдалъун гьеб процедура лъугIиналдаги щаклъи буго.
Максим Шевченко: «БацIцIад гьабулеб буго Дагъистаналда гьеб гьабулеб куцалда рекъон. Гьесда мугъчIвай гьабизе кIола гIицIго гьесда цебе жавабчилъи бугел гIадамазда. ГIагалигун абизе ккола гьединаб бугин Дагъистаналъул хаслъийин. Гьелде тIадеги абила, гьелъги лъикIалде рачине гьечIин. Гьев унев вуго гьесде щвелалде ГIалиев МухIуги, МухIамадсаламги цогиялги арал нухдасан. Жакъа лъебелал мискIинал ратани, лъагIалидасан гьел бечелъизе руго. Дагъистаналда кин бечелъулелги балъголъи гуро. Гьединлъидал, кин бугониги, гьес рагъги гьабулеб буго жинде данде ругелгун. Жакъа гьел руго лавашисел. Гьелда лъилниги щаклъиги гьечIо. Гьебго заманаялда Абусупьян Хархаровас хIукму гьабун бугин ккола МахIачхъалаялъул ралъдал порталда чIарадисезул асар дагьлъизабизе. Дица бицен гьабулеб буго Думаялъул депутат ХIажиев МухIамадилги чIарадисезухъ букIараб порталъулги. Жакъа чIарадисезул, гъунисезул, лавашдерил гуреб бицен бугеб, жакъа бицен буго Дагъистаналда политика цIебетIеялъул батIияб даражаялде рахине кIолеб гьечIолъиялъул. Дида ккола тIолгохалкъалъул рищиял нахъе рахъи гъалатI букIанин. ТIолго халкъалъул рищиял тIоритIулел рукIаралани ГIабдулатIиповасе бергьине кIудияб ресги букIана халкъалъул божилъиги гьесухъ букIунаан цинги».
Дуда кколарищ Дагъистаналда рищиял кинал рукIине кколелали хIукму республикалда гуреб Кремлалда гьабураб бугин?
Максим Шевченко: «Дида ккола гьедин букIун батилин ва Кремлалъ хIукму гьабун бугин Дагъистаналда рукIине рес бугел гIалу-биххияздаса яги цоцаца чIвайгIадал ишаздаса цIодорго чIезе. Дица цебеги абун букIана гьанжеги абулебги буго цоцаца чIваял гьенир рукIие руго рищиял кин гьаруниги.
ГIадамал къватIахъе рахъингIадал багъа-башариял республикаялъул криминалияб элитаялъ гIуцIцIичIони гьенир рукIунаро. ГIадамал жалго къватIахъе рахъуна тIубанго рес къотIараб ва киналдаго ццим бахъараб мехалда. Гурони гIадамал къватIире рахъинарула администрациялъул бетIерас яги цоги гьесда релъарав хIакимас».
ГIабдулатIипов Дагъистаналда вачIарав мехалда халкъалъул цIакъго-цIакъ кIудияб божилъи букIана гьесда. Гьеб политик хIисабалда гьев цебеги лъалев вукIиналъ гуребги, вачIинаго гьес гьарурал лъазабияздаги бараб букIанин абизе бегьула. Гьес рицана гIемерал ритIарал жал. ХIакимзабазде семана нужеего хъулухъ гьабулел гурин халкъалъе хъулухъ гьабулел рукIине кколин нужан. Абуна жавабиял хIалтIабазда гIадамал къецалги тIоритIун тIаса рищарал гурони тезе гьечIин ва гIемераб цогидаб. Гьанже республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев абулеб хъулухъалда гьес бана лъабгоялдаса цIикIкIун моцI, цоцазде данде кколеб бугищ ГIабдулатIиповас бицунебги гьабулебги?
Максим Шевченко: «Рамазан ГIабдулатIипов дидаса кIудияв вуго, ниж цоцаздаги лъала, дун гьесул росулъги вукIана ва дида кIоларо гьесул рахъалъ кинал рукIаниги кьварарал рагIаби абизе. Гьеб сурунги букIине буго. Дагъистаниязда дун вичIчIила.
Амма дица абила проблема бугин. Профессор, мугIалим хIисабалда гьесие бокьула гаргадизе. Гьеб бичIчIулебги буго. Амма проблема буго гьев Дагъистаналън гIадатиял нухаздасан унев вукIин. Гьес мугъчIвай гьабулеб буго гIагарлъиялда, ракьцоязда, Москваялда ругел жиндирго бухьеназда.
Гьанибго абила гьес жинда цере лъурал масъалаби ритIарал ва кIвар бугел ругин ва Дагъистаналда ругьунал къагIидаби гьенир хIалтIизаричIого тIубалеб батиларин».
ВачIинахъего ГIабдулатIиповасда букIараб божилъи кIудияб букIин гьесда жиндагоги бичIчIулеб букIанин ва гьеб кIудияб божилъи ритIухъ гьабизе захIматаб букIинги гьесда лъалеб букIанин рикIкIунеб буго Дагъистаналда щибаб анкьица къватIибе бачIунеб «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица.
БисавгIалиевасги рехсана Максим Шевченкоцаги рикIкIана Дагъистаналда ругел батIи-батIиял тухум-къибилал, кланал-лавашдерил, гъунисезул, чIарадисезул ва гьезда релъарал цогидал.
Дуда кколарищ Дагъистаналда кIиго гурони клан гьечIин: цояб-цоцалъ ригьинал гьариялдалъун яги бизнес гIахьал гьабиялдалъун нухмалъиялда бугебги, кIиабилеб-бажарухъе бетIербахъи гьабулеб бугеб гIадатияб халкъги?
Гьеб суал нижеца кьуна Максим Шевченкое.
Максим Шевченко: «Узухъда, нухмалъиялда ругел киналго элитабазул буго цо мурад, халкъалъул- цоги мурад. Абизе ккола нухмалъиялъул элитабаздаги ругин цоги шартIал рукIаралани батIияб куцалда хIалтIи гIуцIизе бажарулел гIадамалгиян. Гьел рукIинаан лъикIал нухмалъулел, магIишатчагIи.
Гьанже абуни гьенир ругел чIагIаз хIазе кколел руго гьенир ругел хIаял. Цоги шартIазда лъикIал бизнесчагIилъун ва нухмалъулеллъун рахъун жидерго лъикIал рахъал загьир гьаризе рес букIарал чагIи жакъа криминалиябгун-гъачахъазул элитаялъул бутIалъун рукIине кколел руго».
Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал заманаялъ тIуразарулевлъун таралдаса жиндирго хIалтIул хIасил ГIабдулатIипов Рамазаница гьабизе буго тIасияб анкьалъул талат къоялда.

Your browser doesn’t support HTML5