15 апрелалда "Дагъистан" агентлъиялъ лъазабуна ГIахъуша мухъалъул нухмалъулев хъулухъалдаса гIодов чIолев вугилан. Амма гьоркьоб заманго иналде гьеб баян гьениса нахъе босана.
Гьедин марталдаса нахъе хъулухъаздаса ана ункъо-щугониги муниципалияв нухмалъулев. Жидеего бокьун нахъе анин абураб гIилла бихьизабула гьез гIарзабазда. Амма цо-цо баяназда рекъон, гьединан гьезда хъвазабулеб буго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Халкъалъе гьеб бокьулебги буго.
Рамазан ГIабдулатIиповас 14 апрелалда цойги нухалъ бадирчIваял гьаруна муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезе. Гьаб гIагараб заманалда жаниб жидер мухъазда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабизе кIвечIони, гьезул нухмалъулезулгун хабар къокъ гьабизе бугин, нахъе гьелги ритIунилан лъазабуна ГIабдулатIиповас гьатIан къоялда тIобитIараб данделъиялда. Жинца нухмалъи гьабулеб мухъалда тоннелалги траншеялги рухъулел рукIинги цогидаб лъугьа-бахъунебги лъалеб батичIони, гьев чи нухмалъиялда щибулевин суал лъолеб бугоан гьес. Гьеб букIана хас гьабун Унсоколо, Буйнакск мухъазул нухмалъулезе бицараб хабар, Унсоколо мухъалъул Генуб гьабсагIаталда бугеб хIалуцинги кьочIое босун.
Республикаялъе нухмалъи гьабизе лъугьаралдаса ГIабдулатIиповас муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезе гьединал лъазабиял къо гьоркьор ккун гьарулел ругин абизе бегьула. Москваялдаса Дагъистаналде витIун вачIун тIоцересел къоязго гьес гьезие анлъго моцI кьуна. Щивасда цебе анцIго батIияб шартIги лъуна. Гьел тIурачIони, нахъе ритIилинги лъазабун буго. Гьедин болжал щвелалдего гьес хъулухъалдаса вахъана ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулев ХIусен Магьдиев, Гъизилюрталъе нухмалъи гьабизе байбихьарав ХIажи МахIачев.
Дагьалъ цеве хъулухъалдаса ана БежтIа мухъалъул нухмалъулев РИзван КъурбангIалиевги. Гьесул бакI хисун гьениве тIамуна ШагIбанов ШагIбан.
Гьев вищун вуго гьеб мухъалъул депутатаз - I5 депутатасул I3-яс. Цо-цо баяназда рекъон, гьенив ШагIбановасда данде цойги кандидатураги букIун буго - ЖахIбаров абурав чиясул. Абулеб буго гьесул рахъккуразе къваригIун букIанин гьел рищиязда сверухъ ахIи-хIур бахъинабизе. Амма цеве БежтIа мухъалъул вукIарав нухмалъулев Ризван КъурбангIалиевасул рахъалда ругел депутатаз ШагIбанов вищун вуго. Гьедин бицунеб буго ЭР-ялъе БежтIаса жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамадица.
Къебедов МухIамад: "Ризван вищулеб мехалда гьез бакIалъул депутатазда гъорлъе оппозициялъулал риччан гьечIо. Гьедин гьесул депутатал руго дора гIемерисел. Гьез гьанже ШагIбановги вищана. Ризванил вацасул дурц ккола гьев. Цеве гьев вукIана ЦIунтIа мухъалъул рагъулав комиссарлъун. КъваригIел гьечIеб хабар бицунев, яги къваригIел гьечIел жалалазда гъорлъе лъугьунев чи гуро дов".
Къебедов МухIамад вукIана анцIгогIан соналъ БежтIа мухъалъул нухмалъиялда вукIарав Ризван КъурбангIалиев нахъе рехизе кколин байбихьараб багъа-бачариялъул бищун цеве. Бюджеталъул гIарцуе пасалъи гьабулеб бугин, гьес хъулухъазда жиндир гIагарлъи толеб бугин, гIадатияб халкъалъе кумек гьабулеб гьечIилан жидер мухъалъул газетазда хъваялдаса байбихьун, Ризван КъурбангIалиевасда данде хIалтIизабичIеб къуват тун букIинчIо.
Къебедов МухIамад: "Митингал гьаруна, хъвадарана, диваназде кьуна, гьаниве кьуна, дове кьуна... Кин букIаниги "мафиялъ" хIал бергьине течIо".
Абулаан Ризван КъурбангIалиевасул лъикIаб гьоркьоблъи бугин цеве республикаялъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадов МухIамадгIалилгун ва гьесул вас МухIамадсаламилгун.
Жидер нухмалъулел болжал щвелалдего хъулухъаздаса гIодор чIезарейин хъвараб хитIабал руго Рамазан ГIабдулатIиповасухъе Дахадаев, Казбек, Табасаран мухъаздаса.