18 июлалда загьирлъана Дагъистаналъул президентлъиялде политикиял партияз рихьизарурал гIадамазул цIарал.
Масала, Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалда жиндир фракциял ругеб щуго партиялъ вихьизавун вуго гьабсагIаталда республикаялъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIипов. Гьел ккола «Единая Россия», «Справедливая Россия», «Патриоты России», «Правое дело», КПРФ.
ГIабдулатIиповасда цадахъго гьез рихьизарун руго жиде-жидер партиязул нухмалъулелги. Масала, «Справедливая Россиялъ» – ХIажимурад ГIумаров, «патриотаз» – Эдуард Хидиров. Гьединго Правое делоялъ йихьизаюн йиго инсанасул ихтиярай цIунулей вакил Уммупазил ГIумароваги тхэквондоялъул рахъалъ тIаса бищараб Россиялъул командаялъул капитан Сейфула МухIамадовги.
Ибрагьимов Бадрудин
Ругел кандидатазда гьоркьов ГIабдулатIипов гурони чи гьечIин абулеб буго аваразул миллияб автономиялъул вакил Бадрудин Ибрагьимовас. Гьев гIемер щола миллиял суалазул рахъалъ Азербайжаналде, Закаталаялда ругел дагъистаниязухъе
. Цере Азербайжаналъ гьезул миллиял ихтиярал хвезарулел рукIун ратани, гьанже дагъистанияздеху
н гьениб бербалагьи хисулеб бугин рикIкIунеб буго Бадрудиница.
Ибрагьимов Бадрудин
Байбихьуда Рамазан ГIабдулатIипов заманаялъ Дагъистаналде витIун вачIиндалги, гьанжеги цо-цояз абулеб буго гьев цо къокъаб болжалалъ витIун вачIарав чи вугин, гIемер мехалъ хутIуларин гьев гьанив. Гьедин рикIкIунеб бугин бюджет бикъун ругьунал хIакимзабазин абуна ЭР-ялъе Бадрудин Ибрагьимовас. Кидаго бюджеталдасан кванан ругьунлъарал гьел божулел гьечIила жидее гьукъа-къай гьабизе кIолев чи вачIун вукIиналда.
Маркъо ШагIбанов
МахIачхъалаялдас
а юрист Расул Къадиевасги, Дагъистаналъул коммунистазги, цо-цо чагIазги дагIба балеб буго республикаялъул президент халкъалъ гурев, парламенталъ вищизе вукIиналда. Амма гьел рищиял халкъалъ гьаркьал кьун гьаруниги, бищун ресал ГIабдулатIиповас
ул ругин рикIкIунеб буго информациялъулгу
н аналитикияб рахъалъ Дагъистаналъул нухмалъиялда цебе гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбановас.
ШагIбанов Маркъо
ШагIбанов Маркъо
Шималияб Кавказалда парламентал кидаго гIенеккулин тIад бугеб нухмалъиялъухъ, гьеб битIараб батаниги батичIониги. Гьедин абуна ЭР-лъе политолог ва жамгIияв хIаракатчи Руслан Гереевас. Гьес мисалалъе бачана Рамазан ГIабдулатIиповасде щвезегIан Дагъистаналда вукIарав нухмалъулев Москваялъ нахъе вахъулеб мехалда, жидеца гьесул рахъкколилан тIолабго Халкъияб Мажлисалъ гьабураб лъазаби. Гьединлъидал гьеб гьедингIан къваригIарабги, халкъалъул мурадалги цIунулеб идара гурин абулеб буго гьес. Гьединлъидал парламенталъ президент вищи-вищунгутIиялда бараб жо гьечIила. БатIаго халкъги данде чIун гьечIила ГIабдулатIиповасде.
Руслан Гереев: «Дида ккола халкъалъ гьаркьалги кьун гьарулел ругони, ГIабдулатIиповасул ресал дагьалги цIикIкIарал рукIинаанилан. Щайин абуни гьев чи ункъониги нухалда бергьана Пачалихъияб Думаялде тIоритIарал рищиязда».
Руслан Гереевасул бадирчIваял руго Рамазан ГIабдулатIиповасда сверухъ ругел чагIаздехун.
Руслан Гереев: «ГIабдулатIиповас гьарулел лъазабиял гIумруялде рахъинаризе бажарулеб команда гьечIо жакъа гьесда цадахъ. Масала, къойилго гIадин туснахъ гьарулел руго халкъаллда лъикIаб гIумру бихьизе толел рукIинчIел хъулухъчагIи. Амма гьелдалъун бигьалъи кколеб гьечIо, гIумру лъикIлъулеб гьечIо. Цебего букIараб гIадин хутIулеб буго кинабго».
Амма ГIабдулатIиповас гьарулел лъазабиял гIумруялде рахъинаризе бажарулеб команда гьечIин Гереевас абулелда рази гьечIо Маркъо ШагIбанов.
Маркъо ШагIбанов: «Цо чанго моцIалда жаниб, хасго жеги тIубанго киналго ихтияралги кодор гьечIеб мехалда кинал хIасилал гьарун бажарулел? Амма гьелда цадахъго гьалщинал чагIи туснахъ гьарун руго, чорокал хъулухъчагIаздаса тIалъи бацIцIад гьабулеб буго».
Исана 8 сентябралда Дагъистаналдаго гIадин президент Гъалгъаязул республикаялдаги вищизе вуго.