Дагъистаналда гьарулел терактазулъ щибниги цIияб жо гьечIо. Гьеб буго гьоркьохъел гIасрабазда букIарабго гIадаб вахIшилъиги фанатизмги. Гьедин абуна гъоркьанкьида МахIачхъала бакьулъ ккараб кIиго теракталда тIасан «Вести» каналалъе Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.
Гьес гьединго абуна ярагъги гIодоб лъун рохьалъа къватIире рачIун ракълилаб гIумруялде руссине къваригIарал чагIиги ругин загьирлъулел. Масала, ахираб заманалда гьединав 15-17 чи вуссанин ракълилаб гIумруялде.
Рамазан ГIабдулатIиповас бицен гьабулел терактазул ахирисел ккана 20 ва 25 маялда. ТIоцебесеб теракталъулъ къварилъи ккана 44 чиясе. ЧIвана ункъояв. КIиабилеб теракталъулъ лъукъана 18 чи. Гъобго къоялъ хвана цо чIужугIадан. Гьанже азарханаялда ругел гIадамазулги чанго чи цIакъго захIмат ругин бицунеб буго. Гьезул лъабгоял Москваялде ана рачун. Теракт Мадина ГIалиева гьабиялда щаклъи буго низам цIунулезул. Гьей цее ГIали ГIалиевги Къурбан Джапаевгийин абулел чагIазул цояв хведал, цогидасул лъадилъун йикIун йиго. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал хIисабалда чIван руго гьел.
Гьеб теракталда бан 27 маялда лъазаби гьабуна «Дагъистаналъул узденал» абураб багъа-бачариялъ. Гьелъул нухмалъулев Керимхан ГIумахановас гьадин баян кьолеб буго ЭР-ялъе.
Керимхан ГIумаханов: «Дагъистаналъул узденаз ракI-ракIалъ пашманлъи загьир гьабулеб буго гьениб къварилъи ккарал киназдаго. Гьеб вахIшилъи гьабурал чагIи гIадамал, дагъистаниял гуро, Дагъистаналъул гIадатал лъалел чагIиги гуро. Гьел ккола миллатги ватIанги гьечIел илбисал. Цебе уздензабазул къануназда рекъон гьединал чагIазе гьабулаан бищунго къвакIараб тамихI».
ТIокIалъ чIечIого Дагъистаналда терактал гьаризе террористазе квербакъи гьабулеб хIужа ккола бакIалъул нухмалъиялъул ришватчилъи. Гьедин абун буго 26 маялда "Интерфакс-Юг" агентлъиялъе Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.
Гьел рагIаби ЭР-ялъе гьадин баян гьарулел руго Маркъо ШагIбановас. Гьев ккола Информациялъул политикаялъул рахъалъ Дагъистаналъул президентасда цебе гIуцIараб бутIаялъул нухмалъулев.
Маркъо ШагIбанов: «Рамазан ГIабдулатIиповасул рагIаби ричIчIизе ккола изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазе квербакъулел чагIи республикаялъул хIакимзабазда аскIорги ругин абун. ГьанжелъагIанги рихьана гьединал депутаталги, цогидалги. Масала, дагьалъ цеве чIвана гьединав цо депутат. ХутIаразда тIасанги хабар буго хъачагъазулгун гьезул бухьен бугилан.
КIиабизеги, ришватчилъиялда ццим бахъун, къосун ккарал цо-цо чагIи жалго жидецаго чIваялде унел руго. Лъабабизе, низам цIунулезда гъорлъги буго ришватчилъи. Гьедин букIине кколеб куцалда такъсирчилъиялда данде къеркьезе бажарулеб гьечIо. Унголъунги хIалтIи лъалел гIадамалин абуни нахъе ун руго гьел идарабаздаса».
Гьединго Рамазан ГIабдулатIиповас «Интерфаксалъе» абун буго Дагъистаналда терроризм тIагIинабизе кIолин, амма гьедин гьабизе ккани, бакIалъул нухмалъи бацIцIад гьабизе кколин.