Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо (фото)
Стадионалда гIуцIцIун рукIана миллиял майданал. Дагъистаналъул халкъазул маданият, кьурди ва кечIахIи, миллияб квен-тIех – гьебги цогидабги дандчIвана майданазда. Мисалалъе, Болъихъ мухъалдаса руччабаз некIсиял магIарул кучIдул ахIана.
Табасараналдаса ясаз бихьизабулеб букIана тIанса бессулеб куц.
ГΙурусазул «майдан» рагьун букΙана Гъизляр мухъалда гΙумру гьабулез.
Тумазул "майданалда" малъулеб букIана щагIил тIагIелал гьаризе.
Ногъаязул миллияб ансамблалъул вакил.
Азербайжаналъулазул вакилаз жидерго миллиял бакъанал рачунел руго
Анлъазарго чи жанив унев «Труд» стадион цIун букIана.
Гьединго стадионалда тIоритIана спортивиял къецал. Ясаз къец бана 800 метралда рекериялъул дистанциялда.
Бокьарасул ихтияр букIана спортивиял къецазда гIахьаллъизе. Армрестлингалда гIахьаллъана гIемер гIолилал.
Бищунго гIемер гIахьаллъулел рукIана кIанцIиялъул къецалда.