Ислам босарал гIурусазда хадуб хал кквей, инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIиязул нухIмалъулезде тIадецуй гьаби, салафитазул рахIат хвезаби. Гьединал хIужжаби загьирлъулел руго ахирисеб заманалда аслияб къагIидаялда Дагъистаналда. Щиб бугеб гьелда нахъ?
Инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIиязул хIалтIул хал гьабулеб буго низам цIунулез. «Правозащита» гIуцIиялъул офисалда чIухь бана араб анкьалда полициялъул хIалтIухъабаз. Офисалда ратарал документал цадахъ росун руго низам цIунулез.
«Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаеваги низам цIунулез цIех-рехалъе ахIун йиго. Гьелъ бицаралда рекъон, полициялъулаз абун буго гIуцIиялъул хIалтIуда хъинтIарал документал рихьизареян.
«ТIоцебесеб дандчIваялда дица гьезда абуна бухгалтер унтун йигин ва документал гьелъухъ ругин», - илан бицана ГIисаевалъ «Эркенлъиялъе». Гьеб дандчIваялдаса хадуб кIиго-лъабго къо индал I7 февралалда полициялъул хIалтIухъаби гьелъухъе рокъор рачIана. Бухгалтералъухъ цадахъ рилъине кколин абун буго гьез ГIисаевалъда. Унтун йигей бухгалтералъухъ рокъое полицялъул хIалтIухъабиги рачун жий ине гьечIилан чIун йиго «Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъул нухмалъулей.
Экстремизмалде дандечIараб Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул централде ячун ун йиго ГIисаева. Чан хIалтIухъан гIуцIиялда хIалтIулев вугев, кисан гьезие кьезе харж щолеб, лъица грантал кьолел, гIадамазул гIарзабигун кин хIалтIулел – гьединал суалал кьолел рукIана полициялъул хIалтIухъабаз жиндие илан бицана ГIисаевалъ. Гьелъ гьикъун буго низам цIунулезда кинал гIиллаби ругел гIуцIиялъул хIалтIул халгьабиялъе илан. Гьелда абун буго Москваялдаса гьединаб буюрухъ щванин ва Сочиялда Олимпиада лъугьизегIан тIубазе кколин буюрухъ.
Олимпиадаялъе гIоло Дагъистаналда чанги хиса-басиял гьаруна ва гьарулел руго низам цIунулез. Мисалалъе, республикаялда кколел кьвагьиялгун-кьвагьдеязул хIакъалъулъ хъвалеб гьечIо Россиялъул машгьурал информагентствобаз. ИТАР-ТАСС, РИА Новости, Интерфакс – гьел агентствобазда лъазабун рагIула Дагъистаналда колел терроралъулал такъсиразул хIакъалъулъ щибго кьогеян информлентабазда.
Гьединго Дагъистаналъул цо-цо мухъазда полициялъулаз гIадамазда лъазабулеб буго Кубаналда унгеян Олимпиада лъугьизегIан. Мисалалъе, Гъарабудахкент мухъалда мажгитазда гIадамалги ракIарун низам цIунулез абун буго гьезда Дагъистан тун къватIире унеб мехалда жидеда лъазабеян хасаб гIарзаги хъван. Мухъалъул полициялъни лъазабулеб буго лъиениги гьукъулеб гьечIин цогидал регионазде ине, амма гьел чагIаз гIарзаби россизе кколин жидехъе. Щай гьез гIарзаби хъвазе кколебали полициялъул идараялда мухIкан гьабизе кIвечIо. Гъарабудахкент мухъалда гIемер салафитаз гIумру гьабулеб буго, гьеб сабаблъун батила полициялъулаз гIарзаби тIалаб гьарулел ругел илан абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.
Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб офисалъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаялъ абуна «Эркенлъи» радиоялъе салафитаздехун гьужумал цIикIкIунел ругин Дагъистаналда.
Екатерина Сокирянская: «Салафитазде данде рилъанхъизарулел къагIидаби хъачIлъизаруна. Гьезухъа бизнес бахъана, гьезул ясли-ахал къана, гьезул школаби къана. Гьанже гьезие республика тун къватIире ине гьукъизеги батила. БичIулеб гьечIо, низам цIунулез экстремисталги салафиталги щай цого кьерда лъолел ругел. ГIадатияб гIумру гьабизе бокьарал салафиталги радикалиял салафиталги щай ратIа-рахъулел гьечIел гьез? Ругел масъалаби къуваталъул нух хIалтIизабун гурони тIуралел гьечIо низам цIунулез».
Гьединго гIурус бусурбабазе рахIат толеб гьечIин низам цIунезилан лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централъ. «Мемориалъул» лъазабиязда рекъон, ислам босарай Ольга Петрова чанги нухалъ полициялъул пункталде ячун йиго, гьелда гьикъулеб букIун буго гьелъул гIагарлъиялъул хIакъалъулъ. Гьединго Анастасия Дулевскаялъеги рахIат толеб букIун гьечIо низам цIунулез. Гьей гьанже яхчун чIун йиго ва кий гьей йигей инсанасул ихтяирал цIунулезда лъалеб гьечIо.