Митинг: Москваялдаса адвокатасул рахъ МахIачхъалаялда ккуна

Рузманкъоялъ МахIачхъалаялда адвокат тIад кIиго уголовияб иш гьабун вугев Мурад Мусаевасул рахъккун тIобитIараб митингалде I00 гIан чи вачIун вукIана. Гьеб тадбиралъул гIахьалчагIаз адвокатасул рахъккун кIалъаял гьаруна ва кавказалъулал ва бусурбаби хIакъир гьариялде данде къеркьезе рачIаян халкъалде ахIи бана.

Дагьаб цебегIан нугIзазе ришват кьеялъул ва диваналда ритIухълъи чIезабиялъе квалквал гьабиялда щаклъи букIун тIад кIиго уголовияб иш гьабун буго цIаррагIарав адвокат Мурад Мусаевада. Москваялда хIалтIилев вугев гьев чачанас чанги цIар рагIарал диваназда гIахьаллъи гьабуна. Полковник Будановас чIварай чачаналъул рахъалда вукIана Мурад Мусаев, гьединго журналист Анна Политковская чIваялъул гIайиб гIунтIизабулелги цIунулел руго гьес. Гьеб гуребги кидаго кавказалъулал, бусурбаби цIунун гьезие кумекалъе ватулев чи вугин, Мурад, гьединлъидал гьесул рахъ ккун хъватIире рахъун ругин жалилан лъазабуна 29 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб митингалъул гIахьалчагIаз.

Митингалда гIахьаллъана Ингушетиялдаса, Ставрополь икълималдаса, чачаналъа вачIарав кинавниги нусгогIан чияс. Гьеб тадбир гIуцIаразул цояв, жамгIияв хIаракатчи Абакаров Абакарица митинг рагьулаго лъазабуна, Мурад Мусаев гIадинал чагIазде тIадецуй гьабулеб, сундулъго квалквал гьарулел ругеб мехалда гьеб киналдего дандечIун щивав кавказалъулавги бусурманчигив вахъине кколаанин къватIиейилан. Жидеца гьесул рахъ ккун митинг гьабизехъин букIин лъайдал, чанги чияс абунила гьев дагъистанияв гурелъул нужее щайин гьебилан. Гьединаб ишалъулъ миллат цIехей гьеб такъсиралда бащалъизабизе бегьулинги абуна Абакарица.


Абакаров Абакар: «Жакъа къоялъ Мурад Мусаевас бихьизабулеб буго лъайбугеб, цебетIураб Кавказ, гьеб цойгидазе данде кколеб гьечIо. Федералияб централъ бищун квешаб бакIлъун чIезабун буго жакъа Кавказ. Гьединлъидал, кавказалъулал божизе ккола гьаб ахIвал-хIалги, тIалъиги хисизабун бажариялда. Мурад Мусаев вуго кутакалда цIодорав, лъайбугев, цеветIурав адвокат гьесул рахъ ккун къватIире рахъинчIого бегьуларо нилъ. Дир хьул буго хаду-хаду гьадинал митингал чIахIи-чIахIиял тадбиразде руссинилан, ва чара гьечIого тIалъиялъ гьезухъ гIинги тIамилилан».

Гьединго митингалда кIалъазе рахъарал адвокат ГIабдурашид Шейховасги, жамгIияв хIаракатчи ХIажимухIамад МахIмудовасги, «Союз справедливых» абураб жамгIияб идараялъул вакил ХирамухIамадов МухIамадицаги жидерго кIалъаязулъ бищун кIудияб кIвар Россиялда кавказалъулазде ва бусурбабазде данде гьабулеб бугеб къеркьеялъул бицана ва гьелде данде чIезе кколин лъазабуна, гьез киназда абуна нилъеца нилъерго ихтиярал цIуничIони гьел хвезарун гурони лъицаниги цIунуларилан.


Ахиралдаги митингалъул резолюциялда гьелъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб буго россиялда лъазабун бугеб экстремистияб литератураялъул сияхI тIагIинабеян, тIадаблъун лъазабун бугеб школалде ретIунеб хасаб форма тIагIинабеян. Гьезул пикруялда рекъон бусурбабазул ясазе данде кколеб партал рагIуларо гьеб. Гьединго дагьаб цебегIан Москваялда чIван ратарал ва лага-лагаккун русс-руссун раталрал кавказалдаса кIиго чIужугIадан чIварав чагIи ралагьейин хехго-хехгойиланги.

Гьединго митингчагIаз лъазабуна гIагараб заманалда Мурад Мусаевасул рахъккураб, кIудияб митинг тIобитIизе бугила жидеца Москваялдайилан.