Дагъистаниял Дунялалъул ТIоцебесеб рагъалда

10 марталда Дербенталда рагьулеб экспозиция хадубккун Дагъистаналъул цогидал шагьараздегун росабалъеги щвезе буго. Масала, Дербенталдаса хадуб гьеб бачIине буго Хунзахъе, Гъизляралде. Экспозициялда лъун рукIине руго дунялалъул тIоцебесеб рагъда дагъистанияз ретIунеб букIараб ретIел-хьиталъулги, яргъилги, байрахъазулги, шапакъатазулги, документациялъулги суратал.

Гьеб рагъда машгьурлъун букIана Дагъистаналъул чотIахъабазулин цIар лъураб кIиябго полк. ГIалхулаб дивизияйинги абулеб букIун буго гьелда. Амма гьенир хъулухъ гьабулел рукIун руго дагъистаниял гурелги, Кавказалъул цогидал халкъалги.

1852 соналдаго гIурус пачаясул генерал Аргутинский-Долгоруковас кьураб гIакълу букIун буго пачаясе гьеб – имам Шамилида дандечIезелъун хас гьабун дагъистанияздасан полк гIуцIизе. Гьедин гьелда гъорлъе рачун руго Шамилидаса рази гьечIел магIарулалги, бидулалги, имамасе хиянатлъарал чагIиги.

Гьедин гьеб полк дунялалъул тIоцебесеб рагъдаго гIадин, гIурусазулгун япониязул рагъдаги, гIурусазулгун турказул рагъдаги гIахьаллъун буго.

Амма Дагъистаналъул чотIахъабазулин цIар лъураб кIиябго полкалъул командираллъун цониги нухалда дагъистаниял тун гьечIо. ГIемерисеб мехалда гьенир нухмалъуда гIурусалги, гуржиялги, казакалги, эрмениялги толел рукIун ругин бицана ЭР-ялъе Дагъистаналдаса тарихчи ХIажимурад Доногъоца.

ХIажимурад Доногъо: «Гьелъ бицунеб буго дагъистанияздехун божилъи букIинчIолъи. ГIицIго байбихьуда чанго моцIалъ командирасул ишал тIуразе тун вукIана генерал Макъсуд ГIалихановасул эмен. Амма унго-унгояв командирлъун тун вукIинчIо».

Дагъистаналъул чотIахъабазул полкалде ГIалхулаб Дивизияйинги абулеб букIун буго. Цо заманалда гьелъул нухмалъулевлъун вукIун вуго гIурус пачаясул вац Михаил. РекIелъ чIегIерлъи гьечIел кавказиял кутакалда божулел рукIун руго гьесда, гьесдехун кIудияб адабги букIун буго. Нижер Михаил абун рукIунаанила гьесда.

Цинги Россиялда инкъилаб байбихьизехъин букIин рагIидал, Кавказалде вачIайин, жидеца дуе киналго шартIал чIезарилин рукIунаанила кавказиял гьесда.

Гьанжего-гьанже гIурусазулгун кавказиязул рагъ лъугIараб заманалда Россиялъе гIоло рагъизе кин магIарулал унел рукIарал? Жидеего бокьунищ гъол унел рукIарал яги тIадаблъун гьабунищ? Бокьун батани, сунца гьел тIамулел рукIарал гIурусазе гIоло рагъде ине?

Гьел ва цогидал суалал рижула жакъасел дагъистаниязулъ дунялалъул тIоцебесеб рагъулъ дагъистанияз гьабураб гIахьаллъиялъул бицунаго.

Гьезие гьадин жаваб кьолеб буго Хунзахъа тарихчи ГIалибег Хъазанбиевас.

ГIалибег Хъазанбиев: «Чу, ярагъ, багьадурлъи, бахIарчилъи – гьединал жалазул къимат букIана нилъер гьаниб кидаго. Хасго рагъда офицерлъи щварав чиясе хъулухъ щолаан нилъер гьаниб. Гьедин рагъде бугеб гъираялъ, бахIарчилъиялде бугеб гъираялъ унаан гьел».

ЭР: «Кин букIаниги, гъол цIикIкIун жидеего бокьунищ унел рукIарал, яги тIадаблъун гьабунищ букIараб рагъда гIахьаллъи?»

ГIалибег Хъазанбиев: «ТIадаблъун гьабун букIинчIо, валлагь. Императорасул кагъат бачIунаан. Цинги, масала, гьаб Хунзахъ начальникасул канцелярия бугеб бакIалда жамагIат данде гьабулаан. Гьениб цIалулаан гьеб кагъатги.

ТIадежоялъе 1905 соналда армиялде унезе 70 гъурущ кьолаан чу, ярагъ, чухъа босизе. 1914 соналда кьолаан 140 тумен – 140 гъурущ. Гъоб заманалъ лъикIаб гIарац букIана гьеб. ГIемер чиясул рокъоб ярагъги букIана. Гьединлъидал цо-цоязе нахъе хутIулаан гьеб гIарац. 20 гъурущ доба армиялдаги букIунаан моцIи-моцIие кьолеб».

ЭР: «Бищун гIемер киса рукIарал доре унел?»

ГIалибег Хъазанбиев: «1905 соналда, масала, 400 чи ун вуго рагъде Хунзахъан – цохIо росулъе. Гьеб бищун цIикIкIараб къадар букIана. ГIурусазулгун япониязул рагъда Георгийил хъанчалги бищун гIемер гьезул рукIана».

ЭР: «Жибго Кавказалда жаниб босани, дагъистаниязул къадар кигIан букIараб?»

ГIалибег Хъазанбиев: «Доб заманалда гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, 400 азарго чи вукIун вуго»

Цо-цо тарихчагIаз бицуна дагъистанияз армиялъул нухмалъиялда гьарулаанила жидее шапакъат каранда балеб Георгийил хъанчил гIаламаталдалъун гуреб, гIарцудалъун кьезе бегьуларищан. Цоязда гьеб диналда дандеккунгутIилъун бихьулеб букIун буго, цогидаз гьеб гIицIго гIарцул ургъалида абулеб букIун буго.

Амма Георгийил хъанчидаса инкар гьабиялъул хIужаби къанагIат гурони рукIинчIин рикIкIунеб буго тарихчи ГIалибег Хъазанбиевас.

ГIалибег Хъазанбиев: «Цадахъго гьединал хIужаби гIемер кколароан. Нилъер чагIазе цIакъ рокьулел жал рукIана гъол Георгийил хъанчал…»

ЭР: «Исламалда данде кколареб жо букIанигийищ?»

ГIалибег Хъазанбиев: «Исламалда данде кколареб жо букIинчIо гьениб. Россиялда гъорлъги ругони… Гьа, хъанчазул бицунеб мехищ? Гъоз гъол диниял хъанчал гIадин гуроха къабул гьарулел рукIарал. Каранда балеб шапакъат гIадин къабул гьарулел рукIана. Дихъ буго цо сурат Авар округалъул бегавулзабиги цогидал хIакимзабиги данделъараб. Гъоба цIакъ гIемер чиясда буго гьеб хъанч. Диниял чагIаздаги букIана гьеб бан. Масала, МахIмуд (машгьурав шагIир – ЭР) цIаларав чи вукIана. Гъосул сурталдаги буго гьеб бан. Как-диналъул гIаламат гIадин букIинчIо гъозие гъоб, шапакъат гIадин букIана».

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула дунялалъул тIоцебесеб рагъда гIахьаллъарал дагъистаниязул цоявлъун шагIир ХъахIабросулъа МахIмудги вукIараблъи. Полкалъул къади вукIанин абула гьев. Гьедин Карпаталъул мугIрузда вагъулаго тушманасда хадув лъугьарав гьев, килисаялде ккола, тушман гьениве жаниве кIанцIун. Цинги ГIиса аварагасул эбел Мариямил сураталда берчIвайдал, цее тIамурай йокьулей, Бекьилъа Муиде гьабураб кечIги буго гьесул.