Чехиялъул премьер-министр Петр Нечасица лъазабуна жиндир гIагардисей кумекчIужуялъулл цIар коррупциялъул ва жасуслъиялъул скандалалда загьирлъидал жинца хъулухъ толеб бугин. Нечас хъулухъалдаса индал биххана улкаялъул хIукуматги.
Чехиялъул премьер-министр Петр Нечасица хъулухъ теялъе гIиллалъун ккана коррупциялъул, жасуслъиялъул ва букIине рес бугеб зинаялъул скандалалда бан.
Ахирисеб къого соналда жаниб бищунго кIудияб антикоррупционияб хIалтIи гьабун букIанин абизе бегьула Чехиялъул полициялъ гьал гIагардисел къоязда. ХIукуматалъул идарабазда, виллабазда ва банказда полициялъ чIухь бан хадуб гьатIан къоялъул къаси Нечасица лъазабуна жив хъулухъалдасан нахъе унев вугин.
Скандал бакьулъ йиго Нечасил хIалтIухъан Яна Нагёва. Гьелда гIунтIизабулеб буго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъул ва рищватал росиялъул гIайиб. Гьелда гьединго гунтIизабулеб буго улкаялъул хасал хъулухъал лъабго чиясда хадуб хал кквезе тIамиялъул гIайибги. Гьаб сагIаталда гьей жаний тIамун йиго.
Итни къоялда хъулухъалдаса нахъе унаго Нечасица абуна жинца хъулхъ толеб бугин улкаялда кколеб бугелъул политикияб жавабчилъи жинда тIад букIин бичIчIиналъин.
Нагёваялдаго гIадал гIайибал гIунтIизарулел руго жеги анкьго чиясда. Гьездаго гьоркьов вуго лъабго депутатги. Гьезул бакIазда чIухь тIамидал полициялда батун ва конфискация гьабун буго анлъго миллион долларалъе ва меседил анцI-анцI килограммазе.
Бицен гьабулеб скандал хасаб гIумруялда хъвачIогоги хутIун гьечIо. Хасал хъулухъаз хадуб халкквей чIезабуразул цояй йикIун йиго Нечасил лъади Радка.
Араб анкьалда Нечасица лъазабун букIана жив лъадигун ватIалъулев вугин. Гьез цадахъ бан букIана 25 сон. Улкаялъул информалатазги гIемер бицунеб букIана Нечасил йокьулей йигин Нагёвайин.
Нечасица лъазабуна гьатIан къоялда гьел хал кквеязул хIакъалъулъ жинда щибниги лъалеб букIинчIин ва гьесул хасаб гIумру «улкаялъул политикияб сценаялде» бахиналъ жиндир ракI бакъвазабун бугин. Гьес гьединго абуна жив Гражданияб демократияб партиялдаса нахъеги лъугьунев вугин.
Гьеб хIукму жамгIияталъ разиго къабулги гьабуна.
Прагаялдаса Павел Йирсаца бицунеб буго
Павел Йирсаца: «Дида ккола гьел хъулухъалдаса нахъе ине кколев вукIанин. Гьесул букIинчIо тIокIаб тIасабищи. Политик хIисабалда, хъулухъ тей- гьеб битIараб иш букIана».
Ярослав Плесл ккола чехазул машгьурав журналист. Гьесул пикруялда Нагёва жаний тIамидал хъулухъалдаса ине Нечасида тIадаб букIанин.
Ярослав Плесл: «Гьей йикIана премьерасде бищунго гIагарай гIадан. ХIалтIухъаби тIаса рищиялъул политикаялъулъ гьедигIан кIудиял гъалатIал гьари, узухъуда, хъулухъ тезе гIураб гIилла буго».
Нечасица хъулухъ теялъ Чехиялда политикияб рахъалъ хIалуцин цIикIкIинабизе рес буго, щайгурелъул улкаялъул Конституциялда рекъон, хIалхьиялде ине ккола тIолабго тIалъи. Амма Нечасица абуна гьесул партиялъ хIаракат бахъизе бугин цIияб хIукумат гIуцIизе ва цIияв премьер вищизе улкаялда 2014 соналъул маялда рукIине кколел иргадулал рищиял щвезегIанин.
Нечасил политикияв опонент улкаялъул президент Милош Земанил буго Конституциялда рекъон премьерасда жинцаго цIар чIвазе ихтиярги.
Амма ахиралдаги политикиял партияз гIаммаб хIукму гьабизе бугин рикIкIунеб буго Плеслица.
Ярослав Плесл: «Коммунистазе ва социал-демократазул партиялъул цо къукъаялъе гурони къваригIун гьечIо заман щвезегIанго рищиял тIоритIизе. ЦIиял рищиял лъиего къваригIун гьечIо. Гьединлъидал дида ккола гьанжесеб коалиция бугехъин хутIизе бугин, амма цоги батIияв премьергун».
Жиндир хIасилалда Нечасица хъулухъ тезе ккараб операциялъе кьучI лъурав чи гьев живго вукIанин абизе бегьула, щайгурелъул рищватчилъиялде данде къеркьезе прокуратураялъе ва полициялъе цIикIкIун ихтияралги эркенлъабиги кьурав чи гьев живго вукIиналъ.
Ярослав Плесл: «Гьеб буго тарихиб парадокс, щайгурелъул жиндирго антикоррупционияб компаниялъул къурбанлъун гьев живго вахъиналъ. Амма гьев вукIана коррупциягун къеркьезе вахъарав тIоцевесев премьер. Гьанже гьевги хъулухъалдаса ине ккараб мехалда коррупциягун къеркьеялъул акция халат бахъине бугищин абураб суал рагьараблъун хутIулеб буго».