Крымалъул татаразул диллема

18 маялда 70 сон тIубана Крымалъул татарал Сталиница жидерго ватIаналдаса нахъе къотIаралдаса. Гьоркьохъеб Азиялда ва Уралалда Крымалъул татаразул башдаб гIанаб къадар хвана. Гьанже Совет Союз биххун 23 соналдаса Крымалъул татаразда бан загьирлъизе байбихьана доб заманалъулабго гIадаб хIакъикъат.
ТIоцебе кIиго моцIалъ цебе Россиялъ аннексия гьабураб Крымалъул татаразул гьанжесеб гIумруялдаса цо-цо хIужжаби.

15 марталда, «референдум» тIобитIизе чанго къо хутIараб мехалда батана лъабго лъимералъул эмен Решат Аметовасул жаназа. Марталъул байбихьуда гьев тIагун вукIана киве ккаравали лъачIого. Аметовасул чорхода ратана гIазаб кьеялъул лъалкIал. Гьесул бетIер букIана бухьун скотчалъ, рухьун рукIана боххалги. Хъизаналъ бицунхъе, гьев гIахьаллъун вукIун вуго Симферополалда регионалияб парламент жал щалали лъаларел яргъид гIуцIарал гIадамаз кквеялде данде акциялда. Хадуб живго президент Путиница лъазабуна, гьеб букIанин Россиялъул армиялъул хасаб къокъаайин.

Крымалъул нухмалъиялъ Решат Аметовасул хвелалъул регистрация гьабун буго, нухда ккараб авариялъул хIасил хIисабалда. Гьелдаса ва гьелдаго релъарал цогидал хIужжабаздаса Крымалъул татаразда бичIун буго Москваялъул планазде данде кколареб оппозициялъул гIумру бигьаяб букIине гьечIеблъи.

Референдумалда хадуб 31 марталда, 14 сон барав Крымалъул татаразул вас вухун вуго гIурус мацIалда кIалъалев «самооборонаялъул» яргъид гIуцIарас гьев телефоналдаса татар мацIалда кIалъаялъе гIоло. «Крым Россия кколин, татарал бащдабчIинкIияллъиялдаса цIидаса нахъе къотIизе кколинги» абун, вухун вуго гьез гьев вас.

6 маялда гьебго «самооборонаялъул» вакильзабаз чIезабун буго Крымалъул татаразул халкъалъул Мажлисалъул гIахьалчи Абдураман Егиза. Гьезул лигитимияб гуреб хIалтIиялде кIвар буссинабун, гьезул буюриял тIуразаризе инкар гьабун хадуб, гьев вухун вуго.

Маялъул байбихьудаги, ветеран ва Крымалъул татаразул миллияб багъа-башариялъул лидер МустIапа Джемилев ккуна гIорхъода. Гьев виччачIо жиндирго ватIаналде щвезе.

Джемилевасул рагIабазда, Крым гьанже буссана «Россиялъул демократиялъул зонаялде», цIияб нухмалъиялъул хIалтIул хасият хурхараб бугин жидее бокьа-бокьараб гьабиялдайин.

Крымалъул кампания байбихьулеб мехалда Москваялъул масъала букIана Крымалъул татаразул фактор баянлъизе биччангутIиялъул, халкъазда гьоркьосеб жамгIияталда аннексиялъул ракълилаб хасият бихьизабиялъул мурадалда. Гьединлъидал гьелъ кIудияб хIаракат бахъулеб букIана Крымалъул татаразул халкъ бичун босизе бажарулеб гьечIони, гьеб лъугьа-бахъунелда хурхун жидее кIвар гьечIеб хIисабалда хутIизабизе.

Амма гьанже, дунял аннексиялъе «мукIурлъун» бугин кколеб мехалда, Москваялъ байбихьулеб буго Крымалъул политикаялъул цIияб фаза гIумруялде бахъинабизе. Масъала кколеб буго татаразул цолъи биххизабиялъул, жамгIият бикь-бикьазаби, хасго гьелъул политикияб «хIобо» – Мажлис. Россиялъул политикияб системаялъ бищун буго улкаялда бокьараб оппозицияб хIаракатчилъи чIезабиялъул нух, Крымалда хасго.

Репатриациялда хурхарал ихтияразулгун къануниял ва социалиялгун экономикиял проблемаби ахирисеб 20 соналда жаниб Украиналъул нухмалъиялъ рагIалде рахъинариялъе абизегIанабго хIаракат бахъулеб букIинчIониги, Крымалъул татаразул рес букIана рагьараб къагIидаялда жидерго мурадал загьир гьаризе ва гьел тIуразариялъул марадалда къеркьезе. Гьелъ рес кьолеб букIана Киевалда ва Смимферополалда рукIарал тIадтаразул мурадазде балагьичIого, жидерго миллияб хаслъи цIунизе. Амма Путинил Россиялда гьезда гьеб кIочене ккезе буго. БукIине бугищ гьединин абураб суалцин лъолеб гьечIо. Суал лъолеб буго кида гьеб букIине бугин абураб.

Москваялъ гьанже баянго бихьизабуна, ва цере рачарал хIужжабаз гьеб тасдикъги гьабулеб буго, нагагьлъун Крымалъул татарал мутIигIлъичIони, Кремлалъ кьалбалаб халкъалъулгун хъачIаб хабар бицине букIин.

Крымалъул татарал разилъаизариялъе Россиялъул нухмалъиялъ вищIарав Татарстаналъул президент Рустам Миннихановас гьанжеялдего лъазабуна, Крымалъул татаразул проблема рагIалде бахъинабиялъе рагьараб Россиялъул гордо дагьаб заманалдаса къазе бегьулин. Путиницани гьеб гордо кьан батизе бегьула рузман къоялда, кремлалъул рахъ ккурал Крымалъул татаразул хIаракатчагIигун дандчIвалеб мехалда.

Гьелдаго цадахъ гьабулеб буго психологияб тIадецуйги. Раккулел руго лъазабиял, Татарастаналда Крымалъул мажлисалде асар гьабизе бажаричIони, Москваялъ Крымалъул татаразде тIадецуй гьабиялъе чачаназул республикаялъул лидер Рамазан Къадиров гьахьаллъизавизе бегьулин. Гьесин абуни, рикIкIунеб буго гьениб къуватияб сценарий хIалтIизабизецин бегьулин. Гьел лъазабиял официалиял гьечIониги, гьел спекуляцияби рукIаниги, Крымалда хурхун Къадировасул риторика хутIулеб буго гIуралъ хъачIаблъун.

Гьеб кинабго Крамалъул татаразе хутIулеб буго хIинкъи бугеб хIакъикъат хIисабалда, хасго гIолохъанаб наслуялъе. Гьел рижана тоталитариял гурел шартIазда. Гьезул гIемерисез къабул гьабулеб гьечIо Россиялъул аннексия, гьезда ракIалда буго, гьенисан эмиграция гьабизе. Цо-цоязни ахIиял гьарулел руго дандечIей гьабиялъулцин.

Сталинил депортациялъул 70 сон тIубараб мехалдаги Крымалъул татаразда цебе баккана диллема яги Россиялъул оккупация къабул гьабиялда яги гьебгущинаб заманалъ нахъ руссиналъе кьеркьолеб букIараб гIагараб ракь теялда хурхараб.