Шотландиялдаса ва Косовоялдаса Крымалъул батIалъи щиб?

Cимферополь, Март 14, 2014.

Россиялъ Магърибалда гIунтIизабулеб буго 16 марталда Крымалда тIобитIизе бугеб референдум къабул гьабунгутIиялъ жидер кIигьумерчилъи бихьизабиялъул гIайиб.
Россиялъул информалатаз ва политиказ гьезда ракIалде щвезабулеб буго 2008 соналда Сербиялдаса батIа тIун чIараб Косовоялъ жиб лъидаго бараб гьечIин гьабураб декларациялъул гьез рахъкквейги Британиялъул Къираллъиялдаса тIеялде бачине бегьулеб референдум Шотландиялда тIобитIизе букIинги.

«Крымалъул парламенталъул хIукму цо-цоязе данде кколареб батани-гьеб гьезул иш буго»,-гьедин абуна Россиялъул Федерациялъул Шураялъул нухмалъулей Валентина Матвиенкоца. Гьелъ гьикъулеб буго рагIабазда рекъон, Шотландиялда лъидаго бачIолъиялъул суал гьоркьоб лъураб сентябралда тIобитIизе бугеб референдумги къануналде данде кколаребищин бугебин?