Кин Россиялда руччаби цIунулел

1961 соналъул 25 ноябрялда Доминиканияб Республикаялда доб мехалда гьелъул бетIерлъун вукIарав Рафаэль Трухильол буюриялдалъун вахIшияб къагIидаялда чIвана лъабго чIужу-гIадан. Гьел кколаан политикал яцал Мирабал. Цолъараб Миллаталъул Генералияб Ассамблеялъ гьеб къо – ай 25 ноябрь – лъазабуна руччаби зулмуялдаса цIунулеб къолъун ва киналго хIукуматаздеги, халкъаздагьоркьосел ва хIукуматалъул гурел гIуцIабаздеги буссун ахIи бана гьеб проблемаялъе кIвар кьеялда.
Кин руччабазул ихтиярал ва жалго руччаби цIунулел ругел жакъасеб Россиялда?

Руччаби зулмуялдаса цIунулеб халкъаздагьоркьосеб къоялда цебе ракI буссинабулеб цо чанго вахIшияб такъсир гьабун буго Россиялда. Москваялда чIван йиго 27 сон барай Дагъистанияй.

Гьелъул квералги бохалги къотIун руго. Гьеб такъсиралъул хIакъалъулъ мухIканаб информация загьирабун буго интернеталда. Амма я Дагъистаналъул тIадтараз, я Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъ цониги протест загьирабун гьечIо гьеб такъсир гьабиялда бан.

Руччабазе, хасго Кавказалдаса Россиялде рачIаразе зулму гьабулеб буго такъсирчагIаз гурелги – хIатта пачалихъиял хъулухъазда ругез ва гIадлу низам цIунулез. Гьале ахирисеб мисал.

Ханты-Мансиялъул икълималда бакIалъулав депутат Россиялъул Коммунист партиялъул вакил Виктор Валеевас гьениб пих бичулей йикIарай Зарема Коцуева абурай чачанай юххана.

Заремаца полициялде гIарз битIана. Гьелда гьелъ гьадин бицунеб буго. Ханты-Мансиялъул автономияб икълималъул депутат, гIумрудул 61 сон барав Виктор Валеев дармил централда бугеб Коцуевалъул чатиралде аскIовеги вачIун гьелде абуна, дуцаила сон квешал помидорал ричанин.

Дол помидоралги рехун, Валеевас Заремал расал ккуна ва миллатчилъиялъул хъубал рагIаби ахIун, байбихьана гьей юххизе.

Хадуб жидерго пуланав чиясухъе телефоналъ ахIун, гьес буюри кьуна кIиго таманчаги босун гьаниве веккереян абун.

ХIужа ккараб бакIалде кватIичIого вачIана доб дармил централъул чатиралъул бетIергьан. Валеевас гьесде абуна гьеб чатир жинца гьесухъа бахъизе бугин гьей Коцуевалъ гьал помидорал кваначIони.

Гьединаб гара-чIвари унаго жийго Зарема Коцуевалъ балъгояб къагIидаялда видео хъвай-хъвагIай гьабулеб букIана.Хадуб гьеб видео гьелъ журналистазе кьуна. Гьелдалъун бихьулеб буго Ханты-Мансиялъул депутат Валеевасул гIамал-кIодолъи ва хьвада-чIвади.

«Апельсиназулги цо кило, гIечулги цо кило цогидаб пихги дие баче, Ленинил монумент бугеб бакI лъалищ нужеда – добе бачун те пих», ян абулеб букIана гьес.
БакIалъулал мухбирзабаз абулеб буго гьеб бугин депутат Валеевасул гьаракьилан. Жив вугин цIар арав чилъун ва щивасда тIадаб бугин жив лъазе, гьай чачанай магIарухъе тIад юссинайизе кколин абураб буюри кьолеб букIана Валеевас.

Коцуева Заремал рос СагIидица мухбирзабазде лъазабуна, хадув гьев Валеевасул кабинеталде вачIанин жиндирго гIагарав чи. Валеевас гьесда валагьун ахIанин: «Мун вагъизеищ вачIарав? Гьаха – гьале дун. Кьабе кIванани», - ян абун.

СагIид Коцуевас мухбирзабазде лъазабуна халатаб заманалда жанив бакIалъулав полициялъулав кодове щолев вукIинчIин. Полициялде гIарз гьабураб мехалда цIех-рех гьабулес жинде ракIалде щвезабунин Виктор Валеевасул статусги гьесул жамгIияб ва политикияб гучги.

Гьеб хIужаялъ Чачанлъиялда дагьа-макъаб дандерижа багъаризабуна. Республикаялъул омбудсмен Нурди НухIажиевас Россиялъул Коммунист партиялъул бетIер Геннадий Зюгановасухъе гIарз битIун тIалаб гьабуна гьев коммунист партиялдаса нахе рехи.

Цо-цо блогераз ва журналистаз гьединаб тIалаб махсарода релъараблъун рикIкIана.

.