Гражданияб рагъул цIияб ишара

Россия - Дагъистанлда баккараб цIияб яргъид гIуцIараб къукъа.

Буйнахъск мухъалда жаназагун жаниб батана бухIараб автомобиль, Хасавюрталда нухлул полициялъул къокъаялде кьвагьдана шалали лъаларез, Гъизилюрталда баккана изну гьечIого яргъид гIуцIаразе жидеца диван гьабизе бугин абураб къукъа.

2 июлалда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна Буйнахъск мухъалъул Талги росдал сверухлъиялда бухIараб ВАЗ-автомобиль батанин. Шоферасул бакIалда бухIараб жаназаги букIанин лъазабулеб буго министерлъиялъ. Полициялъулаз рикIкIунеб буго автомобилалда жаниб кьвагьи кканин. Гьеб автомобилалъул хважаинлъун вукIана МахIачхъалаялдаса Батыров Темирбулат. Автомобилалда жаниб гьесул жаназа баьилин рикIкIунеб буго низам цIунулез.

Темирбулатил гIагараз дагьалъ цебе гIарза хъван букIана инсанасул ихтиярал цIунулезухъе гьев вилун вугин ва жал хIинкъун ругин гьев викъун ватилин.
Гьелдаго релъараб лъугьа бахъин ккун букIана 20 маялда. Буйнахъск мухъалда бухIараб автомобилалда жаниб батана МухIамадханов МухIамадханил жаназа. Инасанасул ихтиярал цIунулеб «Правозащита» гIуцIиялъул вакил Тарасова Фатимаца «Фейсбук» сайталда хъвалеб буго МухIамадхан 15 маялда викъанин хасал хъулухъазул хIалтIухъабазилан.

Гьелъ хъваралда рекъон, информациялъул алатаз лъазабулеб букIана автомобилалда жаниб кьвагьи кканин. Автомобиль бухIун букIанилан рикIкIунеб буго Тарасовалъ ва тIаде жубалеб буго: «МухIамадханил жаназадул хал-гьабидал, гьесул кIиябго бохги цо кверги бекун батана».

Низам цIунулел чIвазе хIалбихьиялъул хIужабиги рукIана гьал къоязда.
1 июлалда Хасавюрталда нухлул полициялъул къоякъаялде кьвагьдана аскIосан унеб автомобилалдасан. Гьеб чIезабизе низам цIунулезда кIвечIо. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда лъабго нухлулав лъукъана, полициялъул кIиго хIалтIухъан захIматго лъукъана. Гьезул цояв реанимациялда вегизавун вуго.

Гьал къоязда Хасавюрталда чIвана полициялъул хIалтIухъан ва рагъулал къокъаялде кьвагьдана Гъизилюрт мухъалдаги. Ахирисел къоязда республикаялда тIобитIана кIиго хасаб операцияги.

Интернеталда гьал къоязда баккана «гъизилюрталъул жамагIатилан» абулеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул цевехъанасе гьабураб хитIаб. Видероликалда бахъун буго рагъулаб къукъа. Гьелде гъорлъе унезда тIад ретIун буго камуфляж, гьурмазда маскаби ххун руго, кодор гьезухъ автоматалги руго.

Гьезул цояс изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул цевехъан Темирбекида лъазабулеб буго жидеца гьесулги къукъаялде гъорлъе унезулги гIагаразе диван гьабизе бугин:

«Нижеца гIадлу-низам чIезабила нижерго къуваталдалъун. Полициялъулги, прокуратаруаялъулги, хасал хъулухъазулги кумек нижее къваригIинаро. Къанунги хIалтIизабун низам чIезабизе гьезда кIолеб гьечIо. Нижер мурад тIубаялъе нижер къуватги буго. Руччабаздаги лъималаздаги ниж хъвазе гьечIо, амма цогидазе тамихI гьабила. Нижеда лъала нужее кумек лъица гьабулеб бугебали. Жидерго магIищатгун цадахъ тIагIинарила гьел нижеца.

Полициялдаги хасал хъулухъаздаги абизе бокьун буго: ниж нужер кумекчагIилъун ккола. Кинабго гьаб лъугIиндал нижеца ярагъги гIодоб лъела. ГIадамал, полициялда гьел чагIи тIагIинаризе кIолеб батичIони, нижеца гьабила гьезие диван нижеда битIараблъун бихьараб къагIидаялъ. Нуж гьелда божила гIагараб заманалда рукIинесел лъугьа-бахъинал ккун хадур».

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул гIагаразе хIинкъалаби кьеялъул хIужабиги рукIана гьал къоязда. Хасавюрталда кIиго чIужу-гIаданалъул азбаразде гранатаби рехун руго. Гьездаго реллъараб лъугьа-бахъин ккана МахIачхъалаялдаги. Гьей лъабайго чIужу-гIадан ккола изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул улбуллъун.

Исана январалдаса байбихьун май щвелалде Шималияб Кавказалда чIван вуго изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унев 164 чи. Гьедин лъазабуна гьал къоязда Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев Ченчик Сергеица.

Гьес гьединго лъазабуна изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унев I98-явги ккунилан. Ченчикица абуралда рекъон, Шималияб Кавказалъул регионазда терроралда данде чIараб 50 операция гьабун буго ва терроралда данде чIараб 1100-даса цIикIун тадбир тIобитIун буго.