Черкессазул миллиял гIуцIабазул вакилзабаз лъазабулеб буго жидее къваригIун бугин тIалъигун диалог гьабизейин ва гьез инкар гьабулеб буго кинаб букIаниги криминалгун, гьелдаго гьоркьоб терроризмгун ва экстремизмгун жидер бухьен бугин абулел харбаздаса. Гьедин лъазабулеб буго черкессазул активистазул къукъаялъ Сочиялда Олимпиада байбихьилалде цебе Кавказалда терроризмалъул хIинкъи цIикIкIиналда бан гьабураб лъазабиялда.
Ставрополалъул Киров ва Предгорный мухъазда батун бугин ункъго ВАЗ автомашина ва гьезда жаниб хварав анлъго чиясул жаназабиги рукIанин лъазабулеб букIана дагьаб цебегIан информалатаз. Гьелде тIадеги лъабго автомашинаялда аскIоб кьвагьулеб алатги батанин, гьезулги цояб кьвагьун бугин лъазабулеб букIана. Низам цIунулез гьеб кинабго хурхинабулеб буго Сочиялда кватIичIого рагьизе бугеб хасалилаб Олимпиадаялъе изну гьечIого яргъидгIуцIараз квал-квалал гьариялда.
Араб соналъул ахиралда Волгоградалда ккарал ва 34 чи чIварал теракталги малъун Олимпиадаялда цебесеб соналда Шималияб Кавказалъул Федералияб мухъалда ва Жанубияб Федералияб мухъалда гьабун буго кинабниги 32 кьвагьи. Гьел руго рагьарал информалатаз кьолел баянал.
«Регионалда гьаруна терактал, гьебго заманаялда рагIулел руго диниял экстремистазул жеги терактал гьаризе кколин ахIиял. Экстремистиял сайтаз ва къукъабаз черкессазе гьабураб геноцидалъул тема босулеб буго жеги терактал гьариялъул ва информациониял гьужумал гьариялъул темалъун. Гьелда бан, нижеца, черкессазул миллиял гIуцIияз лъазабулеб буго кинал рукIаниги къануналде данде кколарел ишаздаса, гьездаго гьоркьоб терроризмалдаса ва экстремизмалдаса нижеца инкар гьабулеб бугин»,-гьедин хъвалеб буго Facebookалда лъураб гьезул хитIабалда.
Лъазабиялъул автораз кIвар буссинабулеб буго черкессал ругел улкабазул къануназул гIурхъабалъ жидер миллат цIуни, цебетIей ва цолъи бугин жидер мурад букIиналде. Гьез жеги лъазабулеб буго черкессазул миллиял багъа-башарияз рахъ кколин диниял гурел принципазул ва демократиялъул, ругел проблемаби рагIалде рахъинариялъулъги гьанжесеб заманаялъул церетIурал къагIидаби тIаса рищулел рукIиналде.
Гьеб лъазаби гьабиялъе гIиллалъун ккун буго 13 декабралда черкессазул активистазул рукъзабахъ чIухь тIами. 11 активистасул рокъов валагьулев вукIун вуго, гьез абухъе, кинавалиго вагьабияв Чернышов. Жидер рукъзабахъа росун арал компьюторалги, телефоналги, къватIисел пачалихъазде унаго росулел паспорталги жеги жидер цIикIкIунисезухъе нахъеги кьечIин лъазабулеб буго активистаз.
Черкессазул «Хасэ» абулеб жамгIияб багъа-башариялъул лидер Ягъанов Ибрагьимил пикруялда гьеб кинабго бараб буго Сочиялъул Олимпиадаялда.
Эркенлъи Радиоялъе кьураб интервьюялда гьес абуна низам цIунулез жидее гьабулеб тIадецуй ахираб заманаялда лъалаго цIикIкIунеб бугин къануналде данде кколареб жо жидеца гьабулеб гьечIонигиян.
Ягъанов Ибрагьим: «Ахираб заманаялда гIемерго цIикIкIун буго хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз черкессазул жамгIиял идарабалъул церехъабазде гьабулеб тIадецуй. Гьеб бараб буго гьел чагIазе ниж къануназул гIурхъабалъа нахъе цузе къваригIун букIиналда, гьебги хадусан исламияб балъгояб дандечIей гьабулелгун гIадин нижгун суал рагIалде бахъинабизе. Гьезие къваригIун буго ниж хIал гьабун «рохьореги» ритIун хадуб «бахIарчилъиялда» ниж чIван рехизе. Нижер жамгIиял идарарабазул гIахьалчагIи-гьел руго лъикIаб лъай щварал гIадамал. Гьезда гьоркьор руго профессоралги, тIадегIанал цIалул идарабазул мугIалималги.
Нижер кинабго багъа-башариги гIуцIун буго гIицIго къануназда рекъон. Лъаялъул рахъ загIипал хасал хъулухъазул хIалтIухъабазе цIакъ захIмалъулеб буго ниж гIадинал чагIигун хIалтIизе. Гьезда бажарулеб гьечIо нижгун гIадатияб куцалда кIалъазецин. Гьезда бажарулеб гьечIо нижеца къанунал хвезариялъул цониги далил бачине. Нижеца абуни гьел хвезеги гьаруларо. Гьединлъидал, нижеца чанго нухалда хитIабал гьаруни, я хасал хъулухъаз я тIалъиялъ нижеца бицунелде кIвар кьолеб гьечIо. Ахираб заманалдаги, Олимпиадаялда банги нижее гьабулеб тIадецуй цIикIкIунеб буго. Нижеца рикIкIуна гьезул гьеб хIаракатчилъи къануналде данде кколарин».
Сочиялда Олимпиадаялъул хIаял байбихьизе руго 7 февралалда.