Грозныялда рагъулаб тунка-гIуси
Your browser doesn’t support HTML5
Грозныялда 4 декабралъул сардилъ рагъулаб тунка-гIуси ккана изну гьечIого яргъидгIуцIаразда ва низам цIунулезда гьоркьоб.
Reutersалъ кьолеб профессионалияб гуреб видеоялда бихьулеб буго сардилъ гьенир кьвагьулел рукIарал кунчIулел гулбузул мухъал. Радал бахъараб видеоялда бихьулеб буго чанго рукъ бухIулеб. Нухмалъиялъ лъазабулеб буго кIиябго рахъалдасан ичIго чи хванин гьеб тунка-гIусиялдайин. (Reuters)