Нилъ хΙакъир гьарулел нилъерго гΙарцухъ

Шималияб Кавказалъул республикабазул пачалихъиял хъулухъчагΙазул гΙунги тΙокΙал автомобилал ругин ва гьеб рахъалда рекордсменлъун кколин Чачан республикайин, лъазабуна итни къоялда Пятигорскалда букΙараб данделъиялда премьер-министр Дмитрий Медведевас ва финансазул министр Антон Силуановас.
Россиялъул Федерациялъул субъектазул нухмалъиязул автопарказул гьоркьохъеб кΙодолъи ва хиралъи босун, абизе бегьулеб рагΙула, чачаназул пачалихъиял хъулухъчагΙазул гараж щугогΙан нухалъ бергьунеб бугин. Дагъистаналъул тΙадтаразул автопарк къураб гьечΙин рикΙкΙунеб буго цо-цо журналистаз.

Рехсараб лъазаби ракΙалъе гΙечΙев Чачан республикаялъул бетΙер Рамзан Къадировас загьир гьабуна, щай гьесул республика кколеб лидерлъун хъулухъчагΙазул автопаркалъул къадаралъул рахъалдаса. Гьесул версиялда рекъон, республикаялда хъулухъалъул къварагΙелазул машинаби гΙемер соназ регистарциялъул сияхΙазда тун руго. Нижеца гьел гьанжеги хΙалтΙизарулел ругин лъазабун буго Къадировас. Интеренталда бицунхъе, гьесул кортежалда букΙунеб буго 60-ялдаса байбихьун нусгоялде щун автомобиль. Кинаб хΙакъаб къадар бугебали, лъазабулеб гьечΙо.

Чачаналъ ругел хъулухъчагΙазул автопарк рагΙула Шамалияб Кавказалъул федералияб округалъул тΙолабго къадаралъул бащдаб бутΙа. Амма информациялъул алатаз кΙвар буссинабулеб буго соназ «регистрациялъул сияхΙазда хутΙулел автомобилал цΙиял ва цΙакъ хириял рукΙиналде.»

Дотациязулаблъун хутΙулеб регионалда бугеб гьединаб хΙакъикъаталде кΙвар буссинабулаго, Россиялъул финансазул министрас ахΙи балеб буго, хъулухъалъул къварагΙелазул машинаби росиялъе хвезабулеб гΙарцил оптимизация гьабиялде ва жалго пачалихъиял хъулухъчагΙазул регионалда бугеб кΙудияб къадаралъул кΙварагΙелалъул хал гьабиялде.

«Газета.ру» сайталъ бицунхъе, «Черновик» газеталъул бетΙергьан Магьди Камалов тамашалъун вуго Россиялъул финансазул министрелъиялъул рейтингалда гьеб рахъ босун Чачан республика лидерлъун бихьизабун букΙиналде. Пачалихъиял хъулухъчагΙазул кортежалда гΙахьаллъулел хириял автомобилазул къадаралъул рахъалдаса Дагъистан цебе бугин кколеб букΙанин жинда. Щула гьабураб цо-кΙиго «Мерседес» ва гьездаго цадахъ Land Cruiserалги гьечΙого гΙадатиял министралцин хьвадуларин республикаялдайин, бицун буго гьес журналистазда.

Дагъистаналдаса журналист Муса Мусаевасги абулеб буго, республикаялъул ва мухъазул талъиязул автопаркалъе къимат кьезе ккани, хΙакъикъаталдаги къварагΙел гьечΙин мухΙканго лъазе, чан машина гьениб бугебали. ГΙадамазда гьадингоги бихьулеб бугин, республикаялда тΙокΙлъигун гьездаса пайда босулеб букΙинин, абулеб буго гьес.

Муса Мусаев: «Дагъистаналъул пачалихъиял хъулухъчагΙазул, республикалъул букΙа, мухъалъул букΙа, даражабазул автопарк цΙакъ кΙудияб буго. Гьелдаго цадахъ цΙакъ хириябги буго. 50-гΙан муниципалиял гΙуцΙиязул 40-45-ялде гΙунтΙун нухмалъулел рекΙун руго «Ланд Крузералда». Аслияб къагΙидаялда гьел руго щула гьарурал автомобилал. Дида лъахъе гьединаб машинаялъул багьа буго 4 миллион гъурщиде гΙунтΙун. Бихьулеб буго жидеего санагΙалъиял гьариялъул рахъалда хъулухъчагΙаз жидеего сундулъниги инкар гьабулеб гьечΙеблъи. БитΙараб бицани, республикаялъул президентасул цΙияб администрациялъул хириял машинаби росизе ругел планазде блогераз, журналистаз кΙвар буссинабун хадуб, ГΙабдулатΙиповас буюри кьуна гьединал контрактаздаса инкар гьабиялъул.»

Магъалаби кьолезул гΙарац хвезаби гуребги, гьелъ гΙадамазул ццим бахъинабулеб цоги багьанаги бугин, абулеб буго Мусаевас.

Муса Мусаев: «Гьезул эскортаз нухазда халатал читΙирал рижинарулел руго. Гьез нухазда хьвадиялъул киналгΙаги тΙалабалги киданиги тΙуразаруларо. ЦΙакъ гΙемер букΙуна гьединаб жо.»

Щайха гьеб гьедин бугеб? Мусаевасул пикруялда, гьеб суалалъе жаваб бигьаяб буго. Цо рахъалъан щула гьарурал хириял машинаби росиялде гьел кΙкΙезарулел руго хΙинкъигьечΙолъиялъул къварагΙелалъ. Цогидаб рахъалдасайин абуни, гьениб буго чΙухΙиялъул, престижалъул рахъги. Жиндирго ресал ва бечелъи бихьизаби гьанже цΙакъго модаялда бугин рикΙкΙунеб буго Муса Мусаевас. Гьесулго гΙадал пикраби загьир гьарулел блоггераз жубалеб буго, гьединал мурадазде, щвеялъе гьез жидерго гуреб, пачалихъалъул, ай, магъалаби кьолезул гΙарцидаса пайда босулеб бугин. Гьеб кколин нилъерго гΙарцихъ нилъ хΙакъир гьарулел ругин абурабин.

Машгьурав блогер ва оппозициялъул лидеразул цояв Алексей Навальныяс россиялъул тΙалъи ахΙулеб букΙана хъулухъалъул къварагΙелазе автомобилазул багьаялъе гΙорхъаби чΙезариялде. Гьесул пикруялда, гьединаб автопаркалда Ι миллионгун 500 гъурщидаса цΙиккΙун багьаялъул машина гьениб букΙине кколаро. Гьелда бан Пачалихъияб Думаялъул пикру цогидаб рагΙула. Гьениб гьоркьоб лъолеб рагΙула хъулухъчагΙазе росулел автомобилазул багьа лъабго миллионалдаса цΙикΙкΙун гьукъулеб къануналъул проект.