Сталинил депортация ва гьелъул дандерижи

CCCP/Чачанлъи--Чачаназул депортация, 1944 сон

Сталин заманалда депортация гьабун букlана анцl-анцl халкъазе. Гьезда гьорькор руго Совет Союзалда гlумру гьабун рукlарал немцалги, грекалги, месхетал туркалги, крымалъул татарал ва кавказалъул цо-цо халкъал. Исана 23 февралалда тlубана 63 сон чачаналгун гъалгъаязе депортация гьабуралдаса.
Цо сордо-къоялда жаниб гочинабула цебе Чечено-Ингушетия республикаялда гlумру гьабун рукlарал чачаназул ва гъалгъаязул халкъазул цlикlкlунисеб бутlа. Жеги цо-кlиго къо уна республикаялъул мугlрул росабалъа гlадамал гочинарулагоги. Гьел киназего депортация гьабула Гьоркьохъеб Азиялде.

Хапизе щвараб гурони кодоб течlеб гьеб халкъалъул гlемерав чи хола нухдаги, ритlараб бакlалде щун хадуб ракъунги, гьава-бакъ рекъечlогоги.

Гьел кьоязул Эркенлъи Радиоялъе бицана 1944 соналъ чачаназе депортация гьабураб мехалда 10 сон букlарав Гъазиханов Мухlамадица.

Гъазиханов Мухlамад: «Ниж гочинаризе рачlарал солдатаз, гочинарулеб къо тlаде щвезегlан абулеб букlана жал хlухьбахъизе рачlарал ругин абун. Гьез гьарун, нижеца гьезие ханал, ханжу, риди кьолеб букlана.

Амма ниж гочинаризе нижер рокъоре рачlараб мехалда, ниж лъалареб ххвел гьабуна гьез. Дир кlудияв вац унтун бусада вукlана. Солдатазда гьеб лъалебги букlана, гьез гьесие дару бачlунаан. Амма гьеб къоялъ гьез гьесда абуна: «Тlаде вахъа! Дуца ххвелал гьарулел руго»-ян.

Дида течlо хьитал ретlине. Балеб гlаздакь, хlатlида гlицlго вачана дун. Дида хадув вилълъунев вукlарав солдатас тункlил тlогьиб къазабураб нус хlенчlезабулеб букlана дир мугъалда: «Тушманасул куц, чlезабе гlоди!»-абун.

Поездазда рекlинарураб мехалда лъимал, руччаби, бихьинал цоцалъ гъункун гlодорчlун рукlана вагоназда жанир. Шартlал гьенир рукlана хlайваназе гlадал. Сордо-къоялда жаниб цо нухалда толеб букlана тlагlарталъе ине. Лъимги кьолеб букlана цо нухалда. Гlун-гlечlого гьебги букlунаан. Нухда хварал росун лъолел рукlана гlаздада тlад ва гьанир толел рукlана».

Гьоркьохъеб Азиялде депортация гьабун чачанал рачlунеб заман ракlалде щвезабуна Эркенлъи Радиоялъе Хъиргъизиялъул Талас мухъалъул Пенсионеразул Щураялъул нухмалъулев Мамбеталиев Мунурица

Мамбеталиев Мунур: «Гьел ккана кьварарал шартlазде. Гьезухъ букlинчlо хинаб ретlел, юргъаби.

Чачанлъи – Депортация гьабурал ва Дунялалъул Кlиабилеб рагъул Кlудияб Терроралъул къурбаназе гьабураб мемориал россиялъул рахъ кколеб т1алъиялъ гочинабиялалде цебе, Грозный

1944 соналъул хасел букlана цlакъ цlорораб ва гlазу гlемераб. Лъималги чlахlиялги рукlана гьезул унтун. Гьезул гlемерисел хвана гочун дагьаб заман иналдего. Амма абизе ккола бакlалъул гlадамаз гьезие кlудияб кумек гьабунин.

Рукlана гьезие гlака, бечlчlулеб цlцlе кьурал гlадамалги. Нижер гlадамазул кумекалдалъун ва жидерго жигаралдалъун гьезул гlумру тlасияб их щвелалде лъикlлъана. Хlалтlи бокьулел рукlиналъ, гьезул гlумрудул шартlал лъикlлъана хадусеб 5-6 соналда жанибги».

Чачанал гочун хутlарал ракьазде витlула Дагъистаналъул мугlрул мухъаздаса аза-азар чи. Гlодилаго, умумузул хабалги, жидерго рукъзалги тун ине ккола гьеб халкъ чияр ракьалде.

Чачаналде гочинарураб мехалда 25 сон букlун буго Цlумада мухъалда гьаюрай Иманова Кипаятие.

Иманова Кипаят: «Къоло щуго соналъулай йикlана дун гьение араб мехалда. Дие чlунтараб рукъ щвана гьениб. Чlорогоял рукъзал рукlана гьенир. Халкъ букlинчlо. Годилаго ана дун гьение. Магlарухъ лъикlаб гlумру букlана дир. Росги рагъде вачун ун бесдалайгlадин хутlана дун гьеб чияр рокъой. Хlалица ритlана ниж гьенире.

Инчlони, магlарухъ рукъзал рухlулел рукlана нижер. Магlарухъ лъикlаб яшавалда рукlарал нижер Чачаналъе гочинарун хадусала бащдаб халкъ хвана бакl рекъечlого, кваназе жо щвечlого. Дир яс хвараб къоялъ, ниж рукlараб бакlалда жеги ункъго хвел ккун букlана цо къоялъ. Гьедин гlакъуба-къварилъиялда рукlана ниж гьенир. Колхозалъ хур бекьараб мехалда, тlощел бакlарун хутlараб мугь бищун бетlер-бахъи гьабулеб букlана нижеца.

Гьеб бищизецин риччалел рукlинчlо ниж бригадирас. Хур-хер бекьизе лъалеб букlинчlо. Чlахlги кванан чанги къо бахъана. Гениги бакъвазабун, гьелъул тlехх гьабун кваналеб букlана. Гьанже цониги чи хутlун гьечlо дир. Дунго цохlо хутlун йиго. Киналго хвана. Цохlо хутlун, гlабдал гlадин йиго дун. Мадугьалзабаз кумек гьабула дие, тlокlаб кумек гьабизе чиги гьечlого йиго дун».

Жакъа Кипаятица гlумру гьабулеб буго Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралъул сверухълъиялда бугеб мархьиялда, хьорол рукъалда жаниб.
Гьеб буго Чачаназул Шелковской мухъалъул Бороздиновская росулъа 2005 соналъ лъутизе ккарал гlадамаз ине бакlги гьечlого лъураб мархьи.

Гьеб 2005 соналъул ункъабилеб июналда гьеб росулъе рачlарал жал щалали бицинчlел гьурмазда маскаби хурал чагlаз чlвала гьенив цо чи, бухlула чанго рукъ ва гьеб къоялъ росулъа виларав 11 чиясул хабар жакъаги лъалеб гьечlо.

Гьелда рази гьечlел гlадамаз росу тун ккураб мархьиялъул нухмалъулев Мухlамадов Мухlамадица нижее бицахъе 1944 соналъ чачаналъе гочинарурал магlарулазул гlемерисел тlад руссун руго 50-билел соназул ахиралда чачаназе реабилитация гьабун, гьел жидерго Ватlаналде тlадруссине лъугьараб мехалда.

Хадуб 1990-билел соназ чачаналъа гlурусал нахъе гочине байбихьараб мехалда, гьез учузго ричулел рукlарал рукъзалги росун цlунтlисел ва цlумадисел гочун руго жидерго ракьцоял рукlарал росабалъе. Гьедин Бороздиновская абулеб гlурус цlар бугеб росулъ гlумру гьабулеб букlун буго магlарулаз.

Умумузул росабалъе тlад руссине бокьун гьечlо гlодоблъиялда гlурал гьезие, амма гlодоблъиялда росу кквезе ракь гьезие кьолеб гьечlо Дагъистан республикалъул нухмалъиялъ, республикалда ракь гьединги дагьаб бугин абун.

Гьез материалияб ва моралияб зарал бецlизелъун Россиялъул диваназде хъварал гlарзабиги кlиго нухалда нахъ чlвана Москваялъул диваназ ахирал моцlазда жаниб.

Жидерго Ватlаналде тlад руссине рес щварал 50-билел соназул ахиралдаса байбихьун цlидасан гlуцlизе ккола чачаназ жидерго магlишат.
Дагъистаналда жидер букlараб Гъавухъазул мухъ цlи гьабун гlуцlизе бокьун буго республикаялда ругел чачаназеги. Гьелда бан республикаялъул нухмалъиялде гьез хитlабал гьарулеб бугелдаса буго 15-16 сон.

Гьедин бицана нижее цебе Гlавухъ мухъалде кколеб букlараб гьанже Казбек мухъалъул Калининаул росулъа жамгlияв хlаракатчи Гилимов Султlаница.

Гилимов Султlан: «Гlавухъ мухъ гlуцlун букlана 1944 соналъ. Ниж гочинаризе анлъго моцl хутlун букlараб заманалда. Гьениса гочинарун рукlарал гlадамаз жакъа гlумру гьабулеб буго Хасавюрт, Бабаюрт, Цlияб лак, Казбек, Гъизилюрт ва цоги мухъазда. 15-16 сон унеб буго нижер хасаб мухъ гьабеян ва бакlазде цере рукlарал гlавухъазул цlарал кьеян республикаялъул нухмалъиялде нижеца хитlабал гьарулел ругелдаса. Амма Гlавухъазул мухъ жакъаги гьечlо».

Чачаназул рукlарал ракьазда гlумру гьабичlого жидеего рукlине бакl республикалъул нухмалъиялда гьарулеб букlана ва буго гьенире гочинарурал тумазги магlарулазги.

Казбек мухъалъул Алмахъ росулъа гlадамал гочинарун рукlана чачаназул Ахъташгlавухъ ва Юртгlавухъ росабалъе ва гьезул цlаралги Ленинаул ва Калининаул абун хисизарун рукlана.
Гьеб хlужжаялъул нижее бицана Калининаул росулъа 76 сон барав Басиров Насирица.

Басиров Насир: «Москваялде, ЦКаялде, Верховный Советалде, Министразул Советалде хасал гlадамазул гъулбасалги гьарун ритlун рукlана хитlабал нижее гьаб ракьалда рукlине бокьунги гьечlо, гьаб пуланаб бакlалде гочине нижер росдае ракь кьеян абун.

1989 соналда Верховный Советалъул бетlерлъун Махlамадов Мухlамадгlали вукlараб мехалда нижер росулъа вакилзаби ун рукlана гьесухъе гьеб суалалда тlасан, нижее кумек гьарун.

Мухlамадгlалица рагlиги кьун букlана нижеца бицен гьабулел ракьазул цlех-рех гьабизе, даимго колхозазда хадур щула гьаруралдай руго, кинал ракьалдай руго абун. Цинги гьес ахlараб мехалда, хlасил ккечlого ниж нахъеги ритlана, цинги пачалихъги биххана».

Калининаул росулъе гочинарураб мехалда Насирил букlун буго l4 сон. Гьеб заман гьесда лъикl ракlалда чlун буго.

Басиров Насир: «Алмахъазул росу букlана чlахlиял кулабазда гlумру гьабулеб росу. Гьениб букlана ункъго колхоз. Щибаб колхозалда букlана l00-ll0 цlараки. Рагъул заманалда гъачагъаз халкъалъулги, цолъарал магlишатазулги гlи-боцlиги, тlощелги бикъун течlого 1942-1943 соназ дол кулаби киналго гочинаруна ракьулъ рухъун гьарурал блиндажал-хиндакъазде жанире.

Росулъа 400 ялдаса цlикlкlун чи рагъде унги вукlана гьеб мехалда. 1944 соналъул март моцlалда хlалалда гочинаруна цинги нижер лъабго колхоз Чачаназул рукlарал Ахъдаш-гlавухъ ва Юрт-гlавухъ росабалъе. Аслияб къагlидаялда гьеб халкъги букlана руччаби, лъимал, херал, унтарал.

Гьанире гочараб заманалда бакъул унтуца унтун цlакъ гlемерав чи хвезеги хвана. рукъизе эрга щвечlого нахъисеб къоялде хутlулелги рукlана рукъизе. Захlматаб, ракъараб, рагъул заманги букlана гьеб.

Тlад руссине лъиениги ихтиярги букlинчlо. Лъиеха бокьилеб умумузул ракьги тун чияр ракьалде ине. Дида жеги ракlалда руго, росалги гьечlел, лъабго-ункъго лъимергун кодоб гьанире гочарал гlодулел руччаби.

Росабалъги нижеда ратана печалги риххарал, чlорогоял рукъзал. Кинаб букlаниги къайи гьениб жаниб тун букlинчlо. Чачанал гьениса гочинарун хадуб росулъе бачlараб армиялъ гьениб букlараб кинабго нахъе босун букlана. Солдатаца печалги риххун рукlана, росулъ хутlараб рухlчlаголъиги букlинчlо. Гьанире щведал хlукуматалъ колхозазе цодагьабго кумек гьабуна тlощалидасан. Щибаб хъизамалъе кьуна анлъ-анлъ пуд цlоросаролъил».

Гьедин цере рукlарал хисун цlияб бакlазда магlишат дагь-дагьккун буццинабулел рукlарал гlадамазул гlумруялда жаниб цlидасан хиса-басиял ккола. Жидерго Ватlаналде тlадруссине бокьарал чачаназе гьединаб рес доб мехалда улкаялъе нухмалъи гьабулев вукlарав Иосиф Сталин хведал щваниги, жидерго рукъзабахъе лъугьине рес щварал гlемерал рукlинчlо.

Басиров Насир: «1950 соназда тlадруссун гlавухъал рачlараб мехалда республикалъул нухмалъиялда вукlарав Даниялов Гlабдурахlман живгоги вачlун, нижеда абуна нужеца тlаде босизе кколин 25 цlараки абун. Цогияз тlаса бищун бугила Хасавюрт мухъалда ругел ракьал абун. Нижеца гьел гlадамал росана цинги тlаде».

Жал тlаде росарал гlадамал цо-цо росуцоязе рекlее гlолел рукlинчlин рикlкlунеб буго Гилимов Султlаница. Жал къабул гьавурав жидер умумузул гьобол чанго нухалда сельсоветалде ахlун, гьевгун жал нахъе ритlеян хабар гьабун букlун бугин бицана гьес.

Шималияб Казахстаналде гьезул хъизам гочинабураб мехалда гьесие букlун буго кlиго сон. Гьеб заман щвелалде рагъда тlагlарал абун кагътал щун рукlун руго гьезухъе Султlанил инсул ва имгlаласул хlакъалъулъ.

Гилимов Султlан: «Ниж Дагъистаналде тlадруссана 1957 соналъул ноябрь моцlалда. Ниж рукlана Дагъистаналде тlадруссарал чачаназул тlоцересезда гьоркьор. Калининаул росулъе ниж рачlине бокьун букlинчlо гьенир рукlарал цо-цо гlадамазе.

Ниж къабул гьарураздеги гlемераб абулеб букlана гьез. Ниж къабул гьаруна гьеб росулъ рукlарал нижер умумузул гьалбал-магlарулаз. Гьев гьобол чанго нухалда ахlун вукlана сельсоветалде гьеб мехалда ниж нахъе ритlичlони, дуда жидеца гlакlа лъезе бугин абун.

Амма гьев вукlана унго-унгояв бихьинчи. Жив гьениве ахlулев вугин цониги рагlи абичlо гьес нижеда. Жиндир ахирал къоял щвезегlанги, доб мехалда жинца битlараб гьабунин абураб пикругун вукlана гьев».

Жидерго рукlарал росабалъе тlад руссине рес щвечlелги дагьал рукlинчlин чачаназда гьоркьор, гьел жидерго рукlарал минаби рихьизегицин риччалел рукlинчlин бицунеб буго Султlаница.

Гилимов Султlан: «Казахстаналда, Хъиргъизстаналда рукlарал чачанал Дагъистаналде рачун рукlана хlалтlухъаби хlисабалда. Гьезие рукlине бакlалги бихьизабуна Хасавюрт мухъалда.

Жидерго гlагарал росабалъе жидерго рукъзаде аскlорегицин риччалел рукlинчlо гьел. Кинаб хlалалда жидер рукъзал ругелали рихьизегицин риччалел рукlинчlо росу тун 15-16 сон унеб букlаниги».

Амма кин бугониги, гьанже цо росулъ гlумру гьабун ругел Султlанил ва Насирил рагlабазда рекъон, чачаназда ва магlарулазда гьоркьоб рагьараб рокьукълъи гьечlониги «би жубай» гьечlо.

Гилимов Султlан: «Нижер росулъ букlунаро цоцаздехун рокьукълъи загьир гьаби. Цоцалъ лъикlги рукlуна, цоцазе кумекги гьабула. Амма абизе бегьула гьан жубаниги тlубараб «би жубай» букlунарин.
...абизе бегьула гьан жубаниги тlубараб «би жубай» букlунарин
Write your quote footer here...

Цоцазда гьоркьор ригьналги цере цlакъ къанагlат гурони гьарулел рукlинчlо. Гьанже дагьал цlикlкlунел руго гьединал ригьнал, амма гlемерал ругин абизе бегьуларо».

Чачаназе депортация гьабун хадуб Цlияблак мухъалде гочинарурал тумазе Махlачхъалаялда аскlобегlан росу кквезе бакl бихьизабун букlаниги, гьелда хурхун хlукуматалъул программа бугониги, гочине бокьарал тумазул гьединаб рес гьечlо. Кинабго буссунеб буго гlарац гьечlолъиялде яги бюджеталдаса гьеб программалъе биччараб гlарац гlолеб гьечlолъиялде. Гьедин бицуна гьеб программалдехун хурхен бугел хъулухъчагlазги жалго тумазги.

Гьаб программа Эркенлъи Радиоялъул эфиралда букlана 2007 соналъул февраль моцlалда.