ХIакимазул кьерал къокълъулел руго

Гьал гIагарал къоязда абизегIанасел хиса-басиял ккана Дагъистаналъул хIукуматалда. Министразул кабинеталдаса нахъе вахъана лъабго чиги къана чанго комитетги. ХIукуматалъул хIалтIи лъикIлъизабиялъе гIоло гьарулел ругин хиса-басиялин бичIчIизабулеб буго республикаялъул нухмалъулес жиндирго хIалтIи.

Гьал гIагарал къоязда абизегIанасел хиса-басиял ккана Дагъистаналъул хIукуматалда. Министразул кабинеталдаса нахъе вахъана лъабго чиги къана чанго комитетги. ХIукуматалъул хIалтIи лъикIлъизабиялъе гIоло гьарулел ругин хиса-басиялин бичIчIизабулеб буго республикаялъул нухмалъулес жиндирго хIалтIи

Щуго комитетги цо идараги хвезабуна Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьез гьабулеб хIалтIи кьуна министерлъабазухъе ян лъазабулеб буго республикаялъул хIукуматалъул пресс-хъулухъалъ.

Жаза гьабурал гIадамал гочинариялъул ва гьезие реабилитация гьабиялъул комитет къана ва гьел суалал гьанже тIуразе руго экономикаялъул министерлъиялъ. ГIолилазул комитетги къана ва гьез гьабулеб букIараб хIалтIи тIадкъана лъай-кьеялъул министерлъиялда. Гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнесалъул комитеталъул хIалтIи кьуна инвестициябазул ва дарамалъул министерлъиялъухъе. Диниял гIуцIиялгун хIалтIулеб комитеталъул функциял кьуна миллияб политикаялъул министерлъиялъухъе. ЧчугIил магIищаталъул суалал гьанже тIуразе руго росдал магIищаталъул министерлъиялъ. Маданиятулъ министерлъиялъухъе кьуна халкъиял кверзул махщелалъул тIагIелазул комитеталъул функциял.

Рехсарал комитетал къаялъе гIиллаби кинал рукIарал? ГIабдулатIиповас гъулбасараб буюрухъалда хъван буго, хIукуматалъул хIалтIи лъикIлъизабиялъе гIоло къалел ругин комитетал ва идара. Цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, хIакимазул къадар дагьлъизабиялъе гIоло гьабулеб хIалтIи буго гьеб.

Гьанибго тIаде жубала, министразул кабинеталда лъабго бакI эркенлъана. ГIабдулатIиповас хIалтIудаса рахъана вице-премьер МухIамадхIусен Насрутдинов, пачалихъалуъл магIищаталъул министр Марат Ильясов, энергетикаялъул ва индустриализациялъул министр Ризван ГъазимухIамадов.

«Новое дело» газеталда бачIараб макъалаялда рекъон, ГъазимухIамадовасе ГIабдулатIиповас щварабщинахъе критика гьабулеб букIун буго. «Индустриализациялъул хIасилаздаса ГIабдулатIипов рази вукIинчIо, амма гьес цере лъурал мурадазде рачIине жакъасеб Дагъистаналда гIемер заман къваригIула», - ян хъвалеб буго газеталда. Гьанибго тIаде жубала, Дагъистаналдаса цо-цо блогераз хъвана бичIизе захIмалъулеб бугин, щай ГъазимухIамадов хIалтIудаса вахъаравали, «ХIакимазда гьоркьосан гьев бищун лъикIав специалист вуго», - ян рикIкIунеб буго цо-цо блогераз.

Ильясов хъулухъалдаса вахъиялъе гIиллалъун букIине бегьула гьев Дагъистаналъул цевесев президент МухIамадсалам МухIамадовасул командаялдаса чилъун вукIин. «Кавказский узел» агентствоялъ хъвалеб буго, ГIабдулатIиповас чанги нухалъ абун букIанин цере рукIарал хIакимаздаса бацIине кколин Дагъистан, амма гьел хIакимал хисизе чагIиги ратичIого тIамун вукIанинин министрлъун Ильясов.

Насрутдинов вице-премерлъиялдаса вахъи бичIчIизабизе бегьула гьев туснахъ гьавиялъ. РакIалде щвезабила 19 январалда Москваялда ккуна Насрутдинов. ЦIех-рех чагIазул лъазабиязда рекъон, газалъул сфераялда экономикиял такъсирал гьариялда щаклъи буго Насрутдиновасда. Жинцаго гIуцIараб компаниялъе цIакъго гIодобегIанаб багьаялъе ричун ругин Насрутдиновас пачалихъиял газалъул рогIралин абулеб буго.

Информациялъул алатазе ГIабдулатIиповас кьурал баяназда рекъон, хIакимал гьес хъулухъалдаса рахъиялъе буго цо гIилла – газалъулгун-транспорталъул сферялда гьезда кIвечIо хиса-басиял гьаризе.

«Гьезда жеги сентябралда лъазабун букIана газалъул рогIрал «Газпромалъухъ» кьейилан. Гьеб буюрухъ гьезда тIубазе кIвечIо, гьелдалъун гьел хIалтIудаса рахъана. Насрутдиновасда хурхун уголовияб иш рагьиялъ вахъичIо гьев хъулухъалдаса», - илан абуна республикаялъул нухмалъулес.

Насрутдинов гIадал кIудиял хIакимазда хурхун такъсир гьабиялъул чанги ишал рагьана Дагъистаналда. Мисалалъе, гьал къоязда лъана июналда ккун вукIарав депутат МухIамад МухIамадовасда хурхун такъсир гьабиялъул цогидаб иш рагьун букIин. Гьесда гIаийб чIвалеб буго гьес такъсиралъулаб къокъа гIуцIанилан.

ЦIех-рехачагIаз лъазабуралда рекъон, МухIамадовасул къокъаялъ бечедал чагIазухъа гIарац бахъулеб букIун буго. Мисалалъе къараб «Витас-Банкалъул» клиентасухъа гьез тIалаб гьабулеб букIун буго 24 млн гъурущ. Гьединго гьев чиясухъа гьесул магIишатги бахъулеб букIун буго.

Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб офисалъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаялъ абуна «Эркенлъиялъе», ГIабдулатIиповас хIукуматалда цIиял чагIи рачине кколилан.

Екатерина Сокирянская: «Нилъеда бихьулеб буго гьеб сфераялда политика хисулеб букIин, бихьулеб буго ГIабдулатIиповас хIакимазда бичIизабулеб букIин гьел хIалтIизе кколеблъи. Амма кин-букIиниги хIакимазул кьерда рихьулел гьечIо цIиял чагIи. Кадрал гьечIилан абулеб буго ГIабдулатIиповас, амма дагь-дагьккун гьесда бичIизе батила ругел кадразги щибго гьабулеб гьечIолъи. Дида ккола гIолилазе нух кьезе кколин республикаялъул нухмалъулес. Лъан-лъачIого хIалтIи гьабун гьел дагь-дагьккун ругьунлъила. Амма, Дагъистаналда жакъасеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, бичIизе ккола, цIиял хIакимаз рачIаралго ахIвал-хIал хисиларо. Гьединал хьулал рукIино кколаро».

Дагъистаналъул министразул кабинеталда гьанже ункъго бакI буго эркенаб. Цебе абухъе – лъабго хIаким хIалтIудаса вахъана ва ракIалде щвезабила авариялда ХIажи МахIачев хвейги. Эркенлъарал хъулухъал лъие щвезе бегьулеблъи жеги лъалеб гьечIо.