Гьанжеги вукъана чIван вачIарав вас

5 декабралда ГIахьвахъ мухъалъул ГIарчо росулъ вукъана Москваялда чIван вачIарав Исламов Сайлудин.

Гьев ккола Дагъистаналъул финансазул министр хисулев Исламов ГIалил вас. Сайлудинил букIун буго 18 сон. Москваялда цIалулев вукIун вуго гьев. Цереккунисел баяназда рекъон, Вернадскиясул къотIноб бугеб «Корона» тукада жаниве вачIунелъул гьесда тIаделъун вуго лъабго гIолилав. Каранлъ рарал зараз жанисан ургьимес тIезабун буго Сайлудинил. Гьедин бицунеб буго ЭР-ялъе КIаратIаса АхIмаднабиев МухIамадица. 5 декабралда магIарухъе зигараялъги ун вачIана гьев.

АхIмаднабиев МухIамад: «Рукъги ккун рукIун руго гьел гьалмагъзабигун цадахъ Москваялда. Вагъун вачIараб параялъ чвердезе ун вуго гьев. Амма бегьулеб букIун гьечIо. Жаниса тIезавун вукIун вуго. Гьединаб жо ккун бугоха… Щибха гьабилеб, тухумги буго, кьибилги буго – гьез цIехелеб батилаха. ХIукуматалде божун чIун жо кколарелъул…».

Кавказалъул халкъазул Россиялда гIуцIараб конгрессалъул нухмалъулезул цояв Халидов Денгада хас гьабун гьеб хIужаялда тIасан лъалеб мухIканлъи гьечIо, аммайин бицунеб буго гьес ЭР-ялъе ахираб заманалда дагь кколеб бугила кавказиязда хурхун гIурусазул рагъ-кьал.

Халидов Денга: «Гьеб хIужаялъе къимат кьезе дида кIоларо. Бищун гIемер гьанир (Москваялда) чIвала Гьоркьохъеб Азиялдаса рачIарал гIолохъаби (нилъеразда гьедигIанго хъваларо). Цоясда тIаделъула кIиго-лъабго чи. Ахираб заманалда дида рагIичIо гьединал хIужаби. Гъоркьисалаги 2012 соналдаги рукIана гьединал жал. Щибго кьучI гьечIого Кавказалъул халкъаздехун рокьукълъи букIиналъ гьарулел пишаби ккола гьел».

Халидов Денгал рагIабазда рекъон, гIурусаздагун кавказиязда гьоркьобе ракьа рехиялъе гIайибиял руго цо хасал чагIазул тIадкъаялдалъун хIалтIулел журналистал.

Халидов Денгал: «ГIемер хIалтIана журналистал Дагъистан квешаб рахъалъ бихьизабизе. ГIиси-бикъинаб жо кIодо гьабун бихьизабулеб буго. Жидецаго гьабураб жо бахчун, яги дагь бицун, нилъераз гьбаураб гIиси-бикъинаб гъалмагъиралда сверухъ ахIи-хIур бахъинабула. Журналистазда бараб буго гIемерисеб жо. Гьез хIаракат бахъула гIурусаздаги нилъераздаги гьоркьоб ракьа рехизе. РакIчIун абизе кIола, гьел руго тIадкъаялда рекъон хIалтIулел чагIи. Жидерго яхI-намусги бичун гьеб тIадкъай тIубазабула гьез. Мирзаевасулги, бертадулги, цогидалги ишал гьедин кIодо гьарурал жал руго.

Москва бакьулъ кьвагьданин дагъистаниялин абизе диваналъ хIукму къотIизегIан щай нуж чIоларелин абулеб букIана нижеца гьезда. ЦIакъ ццим бахъинабулеб хIалалде ккезаруна журналистазги экспертазги. Гьел чагIи чIезаризе кутакалда захIматаб жо буго. РагIуе эркенлъи букIине кколилан хIукуматалъги кIвар кьолеб гьечIо гьелде. Щибаб къоялъ гьез риччалел газеталги, хIадурулел программабиги - хIал къалеб хIал буго…».

Гьеб хIужаялда тIасан пикраби загьир гьарулаго дагъистаниязул цо къадаралъ рикIкIунеб буго Россиялда миллатчилъиялъул унти ккун бугин, тIадчагIазги хIал кьолеб бугин миллатчагIазе. Гьелъие мисаллъун вугин Свиридовасул хабада тIугьдул лъезе унев Владимир Путин.