Россиялъул информациялъул гIатIилъиялде гIадамазул кIвар букIине гьечIо гьенир кавказалъулаз гьарурал къануналде данде кколарел жалазул яги такъсиразул бицунеб гьечIони. Пуланав чияс пуланав чи чIван вугин абуралда гIадамал гIажаиблъуларин ва кавказалъулас пуланав чи чIван вугин абуралдегIадин гьезул эмоциялги рижуларин бицуна жакъа Россиялда тIегьалеб бугеб кавказофобиялда хадуб хал ккун бугез.
Кавказ, дагъистанияв, чачанав абурал рагIабаз жакъа россиялъул журналистал гурелги, кочIохъабиги кваназарулел ругин политиказе цIикIкIун гьаркьалги щолел ругин рикIкIуна экспертаз.
Ахирал къоязда интернеталда тIибитIун буго «ГIела Канзас кваназабураб!» абураб «Рабфак» абулеб къукъаялъул кечI. Гьанжеялде гьеб клипалъухъ балагьун вуго 900 азаргогIанасев чи. КечIалда гъоркь клипалъул автораз кьолел руго машинаби хъамаризарулел, къватIазда лезгинка кьурдулел, чIараб бакIалда чияр автомашиналъул нуцIаги рагьун гьеб бачунев чиясда кьабулел, гьаваялде кьвагьулел гIолилал рахъарал батIи-батIиял видео-кескал. Гьел кескал цолъизарулелги руго гьел киналго гIолилал кавказалъулазул куц-мухъ бугел рукIиналъ.
Семёнов: «Гьеб кочIолъ цониги бакIалда гьечIо Кавказ абураб рагIи. Видеоялда гьеб кечIалда гъоркь лезгинка кьурдулел, гьаваялде кьвагьулел, машинабазда хъамарулел кавказиял рихьизарулел рукIин-гьеб буго бищунго цебе ботIролъе бачIараб жо».
Гьедин абуна бицен гьабулеб къукъаялъул нухмалъулев Александр Семёновас Эркенлъи Радиоялъе.
ГIела Кавказ кваназабураб ва гIела Канзас кваназабураб абурал рагIаби цоцазда релъарал рукIиналдаса инкар гьабилищ дуцаян гьикъана нижеца гьесда.
Семёнов: «Артистасе бищунго нахъегIанаб иш буго гьединал дандекквеял гьари. Дицаги хIаракат бахъула гьел гьаричIого тезе, щайгурелъул нижее абизе бокьун букIарабщинаб жо нижеца кочIолъ абун бугелъул».
http://www.youtube.com/embed/2ZDQJflBh9MЭР: «Гьеб кечI хъваялъе гIилла щиб букIараб?»
Семёнов: «Гьанже дида кIоларо гьеб суалалъе жаваб кьезе. Кидаго гуреб артистасда ва хъвадарухъанасда бажарулеб асар бижиналъе гIилла щиб букIараб ва кида гьеб бижараб абурал суалазе жаваб кьезе. Нилъеда сверухъ бугеб гIумруялъ тIамун ватила дун гьеб хъвазе».
ЭР: «Чачаналъ кIиго вахIщияб рагъ унеб, аза-азар чи кIиябго рахъалдасан холев вугев ва чIаго хутIарал тIад ретIараб ретIел гурони гьечIого жидерго рукъзабахъа лъутIизе ккараб мехалда кир рукIарал гIурусазул кIочIохъабиги, поэталги? Кир рукIарал доб мехалда жакъа Кавказ рекIее гIоларел? Щай рукIинчIел доб мехалда кучIдул Кавказалъул хIакъалъулъ ва щай букIинчIеб «Кинаб гIарцуде гьарурал гьенире ралел ругел бомбаби» абураб лозунг?!»
Семёнов: «Дица абила гьадин. Араб соналъул хасалихълъи щвезегIан жамгIият буцIухIун чIун букIана. Манежная майданалде ракIарарал гIолилаз тIезабунин абизе бегьула гьеб сихI къотIиялъул сангар. Гьелде щвезегIанги абулеб букIана, амма рагьун абулеб букIинчIо. Дицани кидаго абулеб букIана Чачаналъ кIиябго рагъ гIарац бикьа-къотIиялъул къагIида бугин. Я гIурусазе я чачаназе хIажатаб жо гьеб букIинчIо. Бомбаби ралел ратани-гьелъул магIна буго цо лъицаялиго жиндирго чванта понцIозабулеб бугин абураб».
Амма жакъа гьедигIан Кавказалда релъарал Канзас абураб рагIиги гьоркьоб лъун «ГIела Кавказ кваназабураб!» абулеб гIурус миллатчагIазул игIлан щай кIечIалдалъун ракIалде щвезабулеб бугебали Семёновас нижее бицинчIо.
ТIадехун рехсараб гьеб игIлан Кавказалъул цоги регионазе яги республикабазе данде кколеб батаниги Дагъистаналда хурхун гьеб тIубанго мекъаб бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе Зубайруев Зубайруца. Гьев ккола Дагъистаналъул нухмалъулесул информационияб политикаялъул идараялъул ва пресс-хъулухъалъул нухмалъулев.
Зубайруев: «Лъица щал кваназарулел ругелали мухIканго бичIчIизе кIола «регионал бюджеталдалъун ккезарун ругеб куц» абулеб маркералда рекъон. Щиб гьелъул магIна? Регионалда гIумру гьабулевщинав чиясул къадаралде бикьула бюджеталда бихьизабураб гIарац. Бицине бокьараб жо бегьула, амма гьениб баккулеб тарих-гьеб буго мухIканаб ва гьанибе-добе цIацIазе кIолареб тарих. Гьелде балагьун Дагъистан тIолабго Россиялдаго буго ахирисеб бакIалда. Гьединлъидал «ГIела Кавказ кваназабураб!» абулеб игIлан нилъер мадугьалзабазул цо-цоязе данде кколеб батаниги, Дагъистаналда хурхун тIубанго мекъаб буго».
Гьесулго рагIабазда рекъон, Дагъистан рагIула Россиялда ахирисеб бакIалда пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъчагIазул къадаралде балагьунги.
ЭР: Централдаса дотациял гьечIого, жибго-жиндаго чIун бетIербахъи гьабизе кIвезе бугищ Дагъистаналда, гьединаб рес кьуни?
Зубайруев: «Узухъда, гьелде рачIине ккола ва гьелъие гIоло инвестициял гьаризе республикаялда ругел ресаздаса пайда босизе ккола. Амма нилъер гIайиб гурелъул жиндир заманалда, масала, «Камазал» гьарулеб завод гьаниб бачIолъиги, цоги жакъа гIарац кьолел индустриалиял рахъал гьанир гьечIолъи. Гьанир рукIаралги улка цIуниялъул яги радио-техникиял заводазе кьолел тIадкъаял цинтIаго чIеялъулги гIайиб нилъеда гьечIелъул. ГIадатияб къагIидаялда Дагъистаналда цебе тIолеб букIараб росдал магIишаталъе ва хIайванал гIезариялъе кьолеб букIараб гIарацги цинтIаго чIезаби- нилъер гIайиб гурелъул».
ЭР: Дагъистаналъул бизнесчагIаз, олигархаз жидерго бизнесалъул регистрация республикалда гьабун гьезул магъалоялги гьенирго тани яги республикалъул нухмалъулев МухIамадовас абухъе, гьениб офшоразул зонаги гьабун инвестициял рачIине лъикIал шартIал чIезаруни, бажаризе бугищ Дагъистаналда федералияб централдаса дотациял гьечIого бетIер-бахъи гьабизе? Масала, олигарх Керимов Сулейманил бизнесалъе регистрация гьабун буго Дагъистаналда. Цо-цо баяназда рекъон, гьесул бизнесалдаса централъе кьолеб магъало буго централъ Дагъистаналъе кьолеб дотациялдаса цIикIкIараб. Щай бегьулареб хIалтIиги батIайиса гIуцIун, дотационияб республика абулеб цIар нахъе бахъизабизе?
Зубайруев: «Дотациялгун трансферал кьечIого тани холеб регион цониги батиларо. Гьезул бакIалда чIолеб гIарац щолеб цоги альтернативиял бакIал ратизе бегьула. Дида кIоларо гьаб сагIат гьеб суалалъе жаваб кьезе. Цоги рахъалдасан, дотациялги кьечIого Дагъистаналдасан унел нартил рогIрал хIалтIизаруралъухъ, акцизазухъ гIарацги, гIорхъода кьолеб магъалаги, гьелда релъараб цоги гIарацги гьанибго тани, дида ккола ахIвал-хIал гIемерго хизизе гьечIин. Офшорияб зона гьаниб гьабуни, узухъда, инвестициял гьаризе рачIине лъикIал ресал щола кIудияб бизнесалъе. Жакъа лъицаха гьеб суалалъе жаваб кьелеб? Амма цоги жo буго россиялъул халкъалъул ботIролъе Дагъистан-даимаб гьардухъан бугин, гьенир хIалтIизе бокьуларел гIадамал ругин абураб пикру биун тIей. Гьеб гьереси буго».
«ГIела Кавказ кваназабураб!» абулеб гIурус миллатчагIазул ахIи Дагъистаналъе данде кколарин рикIкIунеб буго республикаялъул нухмалъиялъ, рачунел руго гьеб мухIкан гьабулел тарихалги. Амма гьебго заманалда республикалъул гьалбал гIажаиблъизарулел хъулби руго ралъдал рагIалда гIун рачIунелги, руго гIадатиял дагъистаниял аскIорецин къазе ричIчIаларел бечедал гIадамаз гIумру гьабулел хасал мухъал шагьараздаги.
ХIакимзабаз щиб бицаниги «ГIела Кавказ кваназабураб!» абулеб ахIи жидедехун гьабулеб гьечIолъи мухIканго лъала 10 гъурщиде моцIрол харж бахунарел гIадатиял дагъистаниязда.