Россиялъул лъикIалан бутIа кванил нигIматаздалъун хьезабизе кIола Шималияб Кавказалда. Гьединаб пикру загьир гьабуна премьер-министр Дмитрий Медведевас гьал къоязда Черкесскалда. Гьениб унеб букIана Шималияб Кавказалъул федералияб мухъ социалиябгун-экономикияб рахъалъ цебетIезабиялда сверун данделъи.
Кавказалъул аграрияб потенциалалде балагьани бихьулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал ва лъикIал нигIматаздалъун регионалда цо жибго гуребги улкаялъул кIудияб бутIаги хьезабизе кIвезе бугеблъи, гьелде тIадеги рес буго дунялалъул базаралде рахъинегицинин абулеб букIана Дмитрий Медведевас тIадехун рехсараб данделъиялда.
ХIукуматалъул бетIерас абулеб букIана ахал гьариялде ва хIайванал гIезариялде хасго кIвар кьезе кколин ва гьел мурадазе Шималияб Кавказалде инвестициялги рачIинаризе кколин.
Россиялъул тIадегIанал хъулухъчагIаз росдал магIишаталда сверун гьарулел каламазулъ халлъулел руго, тамахго абуни, цоцаз бицунелъулъ дандеккунгутIи.
Араб соналъул ахиралда «Дождь» телеканалалъе Шималияб Осетиялъул нухмалъулев Теймураз Мамсуровас абулеб букIана Шималияб Кавказалъул ракьазда тIасан роржине бегьулин бокьарал чагIи ва гьезда гьениб бихьизе гьечIин рехун тараб цониги хурин ва гьедин бихьизе бегьулин Кавказалъ тIолабго Россия хьихьун бугеблъиян.
Дагьаб цебегIан Медведевас абуна Кавказалда бажарулин бащдаб Россия кванил нигIматаздалъун хьезабизеян, Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница абуни лъазабун букIана, хурзал минабаздаса рацIцIад гьаризе I0ялдаса 50 ялде щвезегIан миллиард гъурущ кьечIони, 50 соналдасанги кIвезе гьечIин Кавказалда росдал магIишат цебе тIезабизейин.
Цо-цо баяназда рекъон, Чачаналъ хурзабахъ ругел минаби рахъизе лъабго миллиард гъурущ гIолин хIисаб гьабун буго Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ.
Шималияб Кавказалъул бицинарин жинца, амма Дагъистаналда бажаризе бугин росдал магIишаталъул киналго гьечIониги цо-цо нигIаматаздалъунгIаги Россия ккезаби гьелъие биччараб гIарац гьеб бакIалде щолеб бугониян рикIкIунеб буго ЛъаратIа мухъалъул росдал магIишаталъул идараялъул нухмалъулев МухIамадов ХIажияс.
МухIамадов ХIажияв: «Совет Союзалъул заманалда букIараб даражаялдаса гIемерго рикIкIад буго жакъа Дагъистаналъул росдал магIишат. Коррупциялъулъ гъанкъун буго гьеб. Росдал магIишаталъе бичIчIаб гIарцул жалго гьеб магIишаталда хIалтIулезухъе щолеб жо 20-30 процент гурони букIинчIо. Гьанже цIияб нухмалъиялъ рищватчилъи тIагIинабизе бугин бицунеб бугелъул, гьелда бугоха кIудияб хьул. ГIи-боцIиялъул, квасул, гIиял гьаналъул рахъалъ кIола Дагъистаналда Россия хьезабизе. Рахьдал рахъ дица абиларо, гьеб лъикI гьечIин ккола дида. ГьанжелъизегIан росдал магIишат цебетIезабиялъе кIварго кьолеб букIинчIин абизе бегьула. КIвар кьолеб букIана цо пуланал чагIазул чунтби цIезариялъе».
ЭР: «Ахираб заманалда фермеразул магIишатал цере тIезаризеян кьолел рукIана кредиталги, риччалел рукIана дотациялги. Гьеб хIаракатчилъиялъул пайдаго букIарабищ росдал магIишаталъе?»
МухIамадов ХIажияв: «Гьеб букIана росдал магIишаталъе цIакъ пайдаяб жо. Пайдаяб букIинарищха босараб гIарцул ункъго процент гурони лъагIалие тIаде кьезе кколареб мехалда. Амма кинха букIунеб Дагъистаналда? Гьеб гIарац аслияб къагIидаялда ана бизнесчагIаз Москваялдеги цоги-цоги бакIаздеги жидеего даран-базар гьабизе. ХIайванал росилин 5-10 млн. гъурущги босун, бокьухъе бизнес гьабизе ана. Гьединал хIужабазда тIасан рагьарал такъсир гьабиялъул ишалги руго. ХIажимухIамадов "Россельхоз" банкалъул нухмалъиялде вачIараб мехалда хисана гьеб ситуация. Гьес кьварараб хъаравуллъи чIезабуна гIарац унеб бакIалда хадуб. Хасавюрталда, КIикIуни консервал гьарулел заводал цIидасан хIалтIизаризе бажарана, боцIи босулев чи гIезегIан ккана гьелъул хIасилалда. Амма росдал магIишаталъул министерлъиялдасан рачIунел субсидияз кIудияб балагь гьабулеб буго гIадамазе гьаб сагIатги. Гьеб министерлъиялдасан бачIине ккола субсидиязул 12 процент, ункъго процент гIадамаз жидецаго кьезе ккола. Гьеб щоларого, гьеб кватIун буго балагь гIадамазе. Гьебги добго коррупциялъул балагь, цоги жоялъул гуро».
ЭР: «Премьер Медведевасул байбихьиялъул рахъ ккун росдал магIишаталъе, масала, цIидасан гIарац биччани, гьебго рахънибе инчIого хутIизе рес бугищ гьеб?»
МухIамадов ХIажияв: «Жакъа дун вукIана росдал машIишаталъул министерлъиялда. Гьениб цIияв министрасги, гьесда гьединго лъазабун бугоха, цо гъурщилги рищват букIине бегьуларин, "откат" босарав чи хIалтIуда вукIине гьечIилан лъазабулеб букIана. Гьеб рищватчилъи къезабизе кIвани кутакаб цебетIей букIине буго росдал магIишаталда.
ЭР: «Рамазан ГIабдулатIиповас дагьаб цебегIан цо кIалъаялда абулеб букIана Дагъистаналда гIиял хIанил кило гьанал килоялдаса багьаб бугин, жинца абулеб букIанин гIагаразда жинца росилин нужее хьихьизе гIиял гIезарейин гьелги гьабейин нужеего магIишатинги. Амма гьезие бокьулеб гьечIила хIалтIизе. ГьечIищ дагъистаниязе хIалтIизе бокьулеб?»
МухIамадов ХIажияв: «ДагъистаниялгIан хIалтIулел гIадамал кирго ратиларо. Калмыкиялдаги, Ростовалдаги, Ставрополалдаги цоги регионаздаги дагьалищ гьел ругел хIалтIулел къаси-къад кьижичIого? Рамазанил гIагарал чагIазе бокьулеб батилароха хIалтIизе (велъулаго). Гьезие гьанже президентасул гIагаразе батIи-батIиял хъулухъал рокьун ратизе бегьула... Жакъа Дагъистаналда гьабулебщинаб гIиял хIанил 80% ЛъаратIа мухъалда гьабула».
ТIаде гIарац кьечIого, гIицIго рищватчилъиги тIагIинабун, росдал магIишаталъе биччараб гIарац гьенибеги биччан халкъ хIалтIани, 3-5 соналда жаниб Дагъистаналда росдал магIишат тIегьазе рес бугин рикIкIунеб буго ХIажияс. Гьеб мехалда данделъизе бегьулел гIолохъанал махщелчагIи гьечIолъигIадал проблемабиги бигьаго нахъа толин хIалтIизе рес кьуниян рикIкIунеб буго гьес.