Дунял цифрабаздалъун
ЧIваялъул гIумруялде рахъинарурал диваналъул хIукмуязул къадар 2015 соналда цIикIкIун буго 2014 соналде дандеккун 54 проценталъ. Гьеб кколеб буго 1634. Гьеб къадаралдаса 90 процент хурхараб рагIула лъабго пачалихъалда – Иран, Пакистан ва СагIудиязул ГIарабиялда. Китаялда гьединал хIужабазул статистика кколеб буго пачалихъалъул балъголъилъун. Amnesty International
2015 соналда рагъулал масъалабазе гIаммаб къагIидаялда киналго пачалихъаз хвезабураб гIарцил къадар 2014 соналде дандеккун цIикIкIун буго 1 проценталъ ва гьеб кколеб буго 1,67 миллиард доллар. Гьеб цIикIкIине байбихьун буго 2011 соналда. Гьеб рахъалдаса лидераллъун кколел руго США, Китай, СагIудиязул ГIарабия ва Россия.
КIиго миллиард доллар – гьединаб гIарцил къадар балъго «бахчизабун» буго офшоралда президент Владимир Путинил сверухълъиялъ. Халкъаздагьоркьосеб журналистазул цIех-реххазул консорциум
641 миллион – яги дунялалъул щибав микьабилев – чиясул проблемаби руго кьаралъиялъул рахъалда. Гьеб буго 2014 соналъул хIакъикъат. Гьеб цифра кIигоялдасаги цIикIкIун нухалъ кIодолъун буго 1975 соналъул статистикаялде дандеккун.