Дунялалъул батΙи-батΙиял регионазде рищиязда хадуб хал кквезе жиндирго хΙалтΙухъаби ритΙула 1982 соналда гΙуцΙараб Швециялъул Civil Rights Defenders абураб гражданиял ихтиярал цΙунулеб идараялъ. Гьелъул хΙаракатчилъи кибго ва кинезего гуреб ракΙалъе гΙолеб. ХутΙулеб буго гΙуцΙиялъул хΙалтΙухъаби рикъиялъул яги чΙваялъул хΙинкъи.
Гьединлъидал гуцΙиялъул специалистаз цогидал хасал фирмабазда цадахъ хΙадур гьабун буго гьел хвасар гьаризе шансал цΙиккинабулеб курхьеналда релъараб хасаб электронияб алат. Гьез гΙумруялде бахъинабулеб проекталъе кьун буго 2009 соналда йикъарай, хадуй чΙван ятарай чачаназул инсанасул ихтиярал цΙунулей Наталья Эстемировалъул цΙар. «МахшелчагΙаз гьабураб аппараталда GPS системаялъул кумекалдалъун бажарула хΙинкъи баккарабго рихьизарурал бакΙазде сигнал битΙизе» - ян бицана нижер программаялъе Швециялъул Civil Rights Defenders абураб инсанасул ихтиярал цΙуниялъул идараялъул хΙалтΙухъан Эсбьйорнсон Наташаца.
Эсбьйорнсон Наташа: "Гьеб «курхьеналъ» гΙадамазе кумек гьабуларо жидецаго жалго цΙунизе. Гьелъ рес кьолеб буго нилъее хΙинкъи баккарабго нахъ тΙамичΙого гьелъул хΙакъалъулъ лъазабизе. Мун хΙал гьабун викъулев вугони, дуе гΙола цо кнопка мерхьани. Дуе хΙинкъи букΙиналъул хΙакъалъулъ лъазе буго аппараталда рихьизарун ругел адресазул бакΙазда.»
«Курхьеналъул» автораз абулеб буго, рикъулел ругони яги батΙияб хΙинкъи загьирлъулеб мехалда гражданиял ихтиярал цΙунулел активистазул рес букΙине бугин аскΙорехун ругел коллегабазухъе ва Стокгольмалда бугеб бетΙерияб оффисалде сигнал битΙизеян. Гьелъ гьединго бихьизабула ахирисеб сигнал битΙараб бакΙалъул координаталги. Гьелъул кумекалдалъун лъазаби битΙизе бегьула Facebookалдеги Twitterалдеги. Цинги гьеб «курхьеналъ» сигнал битΙула жиб гьелъул бетΙергьанасдаса бахъизе хΙалбихьулеб мехалдаги.
http://www.youtube.com/embed/pwHm2nbwqis
Эсбьйорнсон Наташа: Проект гΙумруялде бахъинабулеб буго партнеразда цадахъ. Нижер аслияб партнер ккола «OBK». Гьеб ккола коммерциялъаб компания. Биччалеб аппараталъул батΙи-батΙиял ресал руго. КъварагΙел бугони, мурадазде балагьун функцияби хисизаризе бегьула."
Гьанжеги гьеб аппараталъул багьа лъалеб гьечΙо. Амма «Наташа» абураб проект гΙумруялде бахъинабулез абулеб буго, «курхьеналъул» ресал рукΙине ругин тΙоцере лъазарун рукΙаралдасанги гΙуралъ гΙатΙидалин. Перспективаялда гьеб хΙалтΙизабизе буго цΙакъ гΙемерал сферабаздагийин. ЦΙакъ санагΙатаб инструмент ккола гьеб гΙадамал рикъи щибаб къойилгогΙадин загьирлъулеб Щиималияб Кавказ гΙадал регионазда» ян абулеб буго Эсбьйорнсоница.
Эсбьйорнсон Наташа: "Гьеб «курхьен» хΙалтΙизабизе бегьула гΙемер бакΙазда, гΙемер мурадазда. Гьеб босизе бегьула компаниязул бутΙруз, хасго жидерго лъимал яги жалго рикъиялъул хΙинкъи бугони.
Ниж ккола инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙи. Нижее ва нижер партнеразе гьеб баянго данде кколеб аппарат ккола. Нижее бокьун буго тΙоцебего иргаялда тΙолабго дунялалда гьаркьал кьолел бакΙазда хΙалтΙулезе гьединал аппаратал чΙезаризе».