Гьаб анкьалъ дагъистанияз интернет-годекIаналда гьоркьор лъолел рукIарал аслиял суалазул цояблъун букIун буго хIижаб ретIиялъул суал.
Дагъистаналъул блогосфераялда бищун кIудияб ахIи-хIур бахъинабураблъун букIана тIолго Россиялдаго гIадин, Ставрополалъул школазда хиджаб ретIарал ясал школалде риччангутIиялъул суал. Цояздаса хадур цоял информалатаз кьолел информацияз блоггеразда гьоркьоб чIагояб бахIс бижизабулеб букIана.
Цояз школалъул директоралъул рахъ киназего гIаммаб ратIлил формаялъул бицунеб букIун батани, цогидаз Конституциялда ругел инсанасул ихтияралги мисалалъе рачун, бичIчIизабулеб букIана хасаб форма ретIичIого школалде ине ихтияр кьезе кколин.
Facebook.com сайталда блоггер Агларова Заретаца хъвалеб буго нилъер пачалихъалъ школалда хиджаб ретIизе гьукъани гьелъ цIикIкIун рес кьезе бугин диниял радикалазе гьебги пайдаялъе босун шаргIияб пачалихъ гIуцIузе ахIизе ва гьел ритIарал рукIине ругин.
Гьеб мехалъ радикалазул рахъ кколел чагIи тIадеялдаса тIаде цIикIкIине руго, щайгурелъул гьез бицине буго Аллагьасда цебе жидеда тIад лъураб фарз тIубазе риччалел гьечIо пачалихъалъ абун хъвалеб буго гьелъ.
Гьейгун рази гьечIо блоггер Yana Skidan. «Динияб гуреб пачалихъалда дин батIа гьабун буго пачалихъалдаса. Гьоркьохъеб школа ккола динияб гуреб идара, гьенир диналда бухьараб хьвада-чIвади данде кколаро» абун хъвалеб буго гьелъ жиндирго блогалда.
Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабулеб буго ruslandag абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас. Гьесул пикруялда рекъон, цIалул идарабазда динияб ратIлил форма ретIине бокьарал чагIи ине ккола хасал диниял идарабзде, мадрасабазда цIализе. Дин пачалихъалдаса батIатIун бугилан тIадеги жубалеб буго.
«Кавказская политика» абураб сайталда рехсараб суалалда хурхун бахъараб макъалаялда гъоркь блоггераз загьир гьарулел руго жеги батIиял пикраби.
Ясаз хиджаб ретIиналде щвезегIан цоги гIемер школазда ругел проблемазде кIвар кьезе кколаан, гьеб темаялда аскIоб гьедигIан хъуй бахъинабичIогоян хъвалеб буго nurmagomed абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас. Гьес мисалалъе рачунел руго Россиялъул бокьараб школалда дандчIвалел «готал», «эмо» ва гьел гурел цоги субкультураби.
Гьез ретIунеб чIегIераб ретIелги школалъул формаялда данде кколеб гьечIо, гьеб ахIи-хIур ургъунго Исламалда аскIоб бахъинабулеб бугилан хъвалеб буго гьес. Улкаялъул тIалъиялъ пачалихъалда ругел гIемерал проблемаздаса халкъалъул кIвар цоги рахъалде буссинабиялъе гIоло ургъунго гьабулеб политика бугилан, гьесда тIад рекъолев вуго цоги блоггер.
МахIачхъалаялдаса МухIамадова ГIайшатица Эркенлъи радиоялъе бицана хиджаб ретIарал ясаздехун гIадамазул лъикIаб гуреб бербалагьи тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб бугилан. Гьелъул пикруялда рекъон гIадатияб нилъер умумузул ретIелги Исламалда данде кколеб буго, гьеб ретIунгутIиялъе гIиллалъун гьелда бихьулеб буго хиджаб модаялде сверун букIин.
МухIамадова ГIайшат: «ХIижаб нилъехе бачIун буго бусурбан пачалихалдасан, гьеб буго дозул гIадатияб ретIел, нилъерго умумузул букIараб ретIелги, кIазги чIван хьвадани дида жеги гIемер цIакъ берцин бихьула. Дир хIисабалда хIижаб къазеги, къачIого тезеги, гьеб буго чIужугIаданалъ жинцаго тIаса бищизе тезе бегьулеб жо.
Дун кинаб бугониги зулмуялда тIад рекъоларо. ХIижабалда бараб жо гьечIо щибниги. ТIад ретIараб ратIлида рекъараб букIуна гIаданасдахун бербалагьи, амма гьелда бараб букIунаро ботIролъ гIакълуги, чорхолъ иманги, ничги, яхIги намусги.
Дие цIакъ рокьулаан хIижаб ретIарал ясал, дида кколаан гьел цIакъ иман бугел, намус бугел ругилан, амма цо-цояз хIижабги ретIун гьарулел руго диналъги, законалъги гьукъулел жал (кинацаго гуро, руго унго-унгоял бусурбанал, иман бугелги). Дин ссиялъе буссун буго».
Дагъистаналъул информациялъул министр, блоггер ХIажиев Нариманица рикIкIунеб буго школалда гуреб, киб бугониги хасаб форма ретIинабиялъул жинца рахъ кколарин, гьеб гIемерисез жидедего кIвар буссинабиялъе гIоло гьабулеб бугилан.
ХIажиев Нариман: «Дир пикруялда рекъон кинабгIаги форма букIине кколаро. Лъималаз ретIине ккола жидее санагIатаб ретIел, щайгурелъ гIаданас ратIлида рекъон хьвада-чIвади гьабизе кколеб буго, ай ратIлица тIамун. Мисалалъе Германиялда гьечIо кинабгIаги форма кибниги, цохIо полициялъул гурони. Гьезги гIицIго хIалтIул заманалда гурони ретIунаро.
ГIаданас кинаб бугониги ретIел ретIунеб бугони жиндиего санагIат букIун гуреб, жиндирго цо кинаб бугониги хаслъи бихьизабиялъе гIоло, гьеб дида мекъаблъун бихьула. Динияб ретIел, дида лъалеб бакIалдаса гIебеде, букIине ккола гIадамасде цIикIкIун кIвар буссинабулареб, кинал ругониги гьукъарал ишал ялъуни пикраби рижизарулареб.
Нилъер гьанир къотIнол чIегIераб хиджаб ретIарал ялъуни гьумер бахчарал ясал рихьарабго гьездехун цо хасаб бербалагьи бижула гIадамазул. Гьелъул гIаксалда, кIвар буссунареб ретIел гурищ букIине кколеб?
Жибго ратIлил магIна хвезабулеб буго гьединаб ретIел ретIиналъ. Мисалалъе, гIадатияб къагIидаялда бетIерги бахчун, исламалда рекъон ретIа-къарай ясалде кIвар буссинабуларо гIадамаз. ТIубанго чIегIераб ретIелги ретIун унелде гIадамаз кIвар буссинабула».
Цойги гIемер блоггераз гIодоб толареб тема букIана Хасавюрт шагьаралъул мэр Сайгидпаша ГIумахановасде гьужум гьаби араб анкьалъул рузман къоялъ. ГIемерисел блоггераз гьеб лъугьа-бахъин бухьинабулеб буго политикаялда.
АхIмад ГIисаев абураб чияс Livejournal.com сайталда хъвалеб буго ахираб заманалда мэрасул цIакъ гIемерал тушбаби ругин, Дагъистаналъул цониги политикасулгун гьесул лъикIал гьоркьорлъаби гьечIилан, гьединлъидал чIванкъотIун лъица гьеб иш гьабизе бегьулеб абураб суалалъе жаваб живго Сайгидпашадаги лъазе захIмат букIинилан хъвалеб буго гьес.
«Хасавюрталда хадусеб соналъ шагьаралъул мэрасул тIолго халкъалъулал рищиял рукIине руго, гьезда цебе аслияв кандидатасде гьужум гьаби ккола гьеб» абун хъвалеб буго Mahmud.kiz абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас.
«Черновик» газеталъул журналист Агъаев Маирбекица хъвалеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъе аслияб гIилла кIиго букIине бегьулин. Цояб – политикияб заказ, цогидаб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул рецIел.
«Лъалеб букIахъе, Сайгидпаша ГIумаханов ахираб заманалда гIемер хIалтIулев вуго рохьоре арал гIолохъаби тIад руссинариялда тIад, гьесул хIаракаталдалъун 6 гIолохъанчи нахъ вуссун вуго ва жеги чангояв хIадурун вуго.
Гьесде гьужум гьаби батизе бегьула гьеб процесс гьокьоб къотIизабиялъе гIоло гьабураб ишлъун»-абун хъвалеб буго журналистас. Гьебго заманалда жаниб гьоркьоб лъун буго гьеб иш жидеца гьабунилан рохьилаз тасдикъ гьабулеб видеоматериал.