Бионикияб квер нилъеда гьанжелъезегIан бихьулеб букIана гIицIго фантастикиял фильмазда. Амма жакъа гIалимчагIазул къокъаялъ хIалбихьи гьабун буго гьединаб хIакъаб аппараталъул. Гьеб "квералда" бажарулеб буго кодобе босараб жоялъул форма ва текстура "бичIчIизе".
10 соналъ цебе фейерверкалда хурхараб хIалтIи гьабулеб мехалда квералдаса махIрумлъун, Деннис Аабо Соренсенида ккун букIун буго, квергун рукIарал физикиял ресалги абадиялъ камунин жиндиейин.
Амма гьанже бионикиял технологиял хIалтIизарун, гьабураб протез хIалбихьун хадуб, гьесда цIидаса бажарун буго щиб кодобе босулеб бугебали лъазе.
Соренсен ккола Даниялъул Ольборг шагьаралдаса минаби, объектал ричулеб ва босулеб гIуцIиялъул хIалтIухъан. Дагьалъ цебе гьес интернеталда бицана, жиндие битIкканин, жив гIахьаллъанин квералъул бионикияб протезалъул хIалбихьияздайин. Тест тIобитIулеб букIанин бералги рухьунин.
Деннис Аабо Соренсен: «Дун цIакъ тамашалъун вукIана. АнцIго соналъ камун букIараб чорхол хIал нахъ буссараб гIадин вукIана дун. Дида лъана щиб дица «кодобе» босарабали. Гьеб букIана бейсболалъул торгIо. Гьез протезалъул квералъухъе кьуна щибалиго гургинаб жо. Гьебго заманалда дида бажарана щиб гьеб бугебали абизе. Гьеб букIана къвакIараб гIадинаб гьитIинаб торгIо. Гьеб лъаялъ, дун цIакъ вохизавуна.»
Квералдаса махIрумлъун хадуб, Соренсеница пайда босулеб букIана хутIараб гьежалъул ччорбаз хIалтIизабулеб протез. Протезалъул квер къазе-рагьизе рес букIана. Амма «кодобе» босараб жо чанги бекулеб букIана гьеб кквеялъе къваригIунеб хIалалъул даража кинаб букIине кколебали лъачIого. БалагьичIого лъалеб букIинчIо гьесда сунда жив хъваравали. Кинабго жо хисана сонгIанаб заманалъ цебе, хирургазул ва неврологазул къокъаялъ Соренсенида бионикияб квералъул хIалбихьи гьабун хадуб. Гьеб унеб букIана моцI гIанаб заманалъ Рималъул клиникаялда.
Араб анкьалда гьез жидерго цIех-рехалъул, тесталъул хIасилал рахъана Science Translational Medicine абураб журналалда.
Профессор Сильвестро Мичераца ва гьесул командаялъ Соренсенил квагIаб квералда инплантация гьабуна нервазул элетродал ва гьел хурхинаруна бионикияб квералъул датчиказда. Компьютералъул алгоритмал руссунел руго электрикиял сигналазде, импульсал къабул гьаруралго квер багъарулеб буго гьелъухъе битIараб сигналада рекъон.
Деннис Аабо Соренсен: «Дир хъизаналъе абизегIанго бокьун букIинчIо, Рималдеги ун, дун эксперименталда гIахьаллъизе. Дир лъабавго васас диде абула Кабельщикин, дир кверзухъе гIемер кварал унел рукIиналде балагьун.»
Клиникиял цIех-рехал унеб мехалда бионикияб квер тIубараб анкьалда жаниб щибаб къойил хурхинабулеб букIана электродазда. Соренсенида бажарулеб букIана кодоре росарал батIи-батIияб жоялъе данде кколеб хIал хIалтIизабизе.
ЦIех-рехал тIоритIарал специалистаз абулеб буго, гьеб эксперимент лъикI анин, аммаян жубан буго гьез, гьелда тIад хIалтIи халат бахъинабизе бугин ва гьеб биччазе байбихьиялъул бицине гьанжеги заман щун гьечIин.
Соренсеница абулеб буго жив хIадурав вугин халат рахъинесел эксперемнтазда ва цIех-рехалда гIахьаллъизеян. Гьесул хьул экспериментазда жив гIахьаллъиялъ пайда кьолеб букIиналде.
Деннис Аабо Соренсен: «Гьеб эксперимент гIуралъ захIматаб буго. Щайгурелъул щибаб къойил хIалуцун хIалтIизе кколелъул. Централда вукIине ккола дидаса бахъараб информациялъул хал-шал гьабизе кколев 50-60 хIалтIухъан. Цинги инплантал гьариялъе ва электродал лъеялъе кIиго операция гьабизе кколеб буго 30 къоялда жаниб. Гьединлъидал киналго рукIине ккола лъикIаб формаялда. Сахаб хIалалда букIине ккола пикруги черхги.»
КвагIаб кьералда кодобе босараб лъазе байбихьун хадуб, экспериментазда хадуб гьеб протезалдаса махIрумлъизе захIматго букIанищ дуе, абураб суалалъе жаваб кьолаго даниялъулас абуна гьадин.
Деннис Аабо Соренсен: «БукIана захIматго, гьеб битIараб буго. Амма нужедаги лъалаха гьеб эксперимент букIинлъидал, гьеб дихъ толареблъи. Амма гьеб ккола хIадураб продукт биччаялде нилъ рачIмеалъе гьабураб кIудияб гали. Гьеб ракIалъе дие гуребги, гIолеб буго дунго гIадаб хIалалде ккарал цогидазеги. Соналъ цебе гьабураб галиялъ, дир ракI чIараб буго, гIагарисеб соназда гIадатиял гIадамазулги гьеб босиялъе рес букIиналда.»