Сундуе гIоло Бастрыкин Дагъистаналде щварав?

Александр Бастрыкин

Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкин щвана гьал къоязда Дагъистаналда. Гьес хал-шал гьабизе буго республикаялда ккарал резонансиял такъсиразда хурхун рагьарал цIех-рехал кин рачунел ругелали.
ЦIех-рехалъул нухмалъулесда аэропорталде данде ун вукIана Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIипов. Гьес къокъ гьабун бицана Бастрыкинида республикаялда кинаб ахIвал-хIал бугебали.

Бастрыкинил нухмалъиялдалъун 26 сентябралда данделъи тIобитIана МахIачхъалаялда.

Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев хисулес, Шималияб Кавказалъул Федералияб БутIаялъул ЦIех-рехалъул идараялъул нухмалъулес, Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулес, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул ва ХIинкъигьечIолъиялъул федералияб хъулухъалъул нухмалъулез.

Данделъиялда гIахьаллъаразда бицана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъул диванчи МухIамад-Мухтар Шапиев ва гьесул вас Камиль Шапиев чIваялда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул ишалъул цIех-рех кин унеб бугебали. ТIадежоялъе данделъиялда бицана Табасаран мухъалда ккараб терракталъулги.

Абизе ккола гьеб данделъиялда бицана чIварал журналистазулги. ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Бастрыкиница гьикъун буго «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарь ГIабдулмалик АхIмедилов ва «Черновик» газеталъул гIуцIарухъан ХIажимаруд Камалов чIваязул цIех-рех кибе щун бугебали.

Гьединго данделъиялда бицунеб букIун буго цогидал резонансиял такъсиразулги.

Данделъиялъул ахиралда ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулес чIванкъотIарал тIадкъаял кьун руго такъсир гьабурал чагIи цIехеялъе кинал тадбирал гьаризе кколелали.

Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалда «Эркенлъи» радиоялда абуна данделъиялда гIемерисала диванчи Шапиев чIваялда тIаса бицунеб букIанин. ЦIех-рехчагIаз халгьабулеб буго диваналда кинал ишал рачунел рукIаралали гьес.

РакIалде щвезабила диванчи чIвана МахIачхъалаялда 25 сентябралда. Гьес гIумру гьабулеб минаялда гIагарада ккана кинабго. Автомобилалдаса къватIиве вахъунев гьевги гьесул васги щал лъаларел кIигояз чIвана.

Эменги васги азарханаялда хвана. Шапиев чIваялъе аслияб гIиллалъун низам цIунулез гьесул хIалтIи букIанин абулеб буго.

Политолог Энвер Кисриевас абуна Эркенлъи радияолъе Россиялда Дагъистан бугин бищун гIемер диванчагIи чIвалел регионлъунилан.

Энвер Кисриев: «Исламалъул экстремизм, гьересиял диваназда политикияб дандечIей – гьел такъсиразе чанги батIияб гIилла батизе бегьула. Цогидаб рахъалдаса балагьани, диванчи чIвазе бегьула гьес къануналдалъун жиндирго хIалтIи гьабулеб батани. ДиванчагIи Дагъистаналда гуребги чIвала.

Амма жакъа Россиялда Дагъистан буго бищун гIемер диванчагIи чIвалел регионлъун. Щай республика гьелда ккун бугеб? Ришватчилъи, низам цIунулезул тIасаккараб хIалтIи, социалиял масъалаби, политикиял суалал – гьел масъалаби руго аслиял гIиллаби я журналистал чIваялъеги, я хIакимал чIваялъеги, я диванчагIи чIваялъеги. Дагъистаналда жибго ахIвал-хIал буго хIалуцараб».

Гьанибго абун тела, исана чIварал диванчагIазул лъабабилевлъун ккана Шапиев. 15 январалда МахIачхъалаялда чIвана диванчи МухIамад МухIамадов, 9 марталда Избербашалда чIвана федералияв диванчи АхIмад Ражабов. Гьел такъсирал жеги рагьун гьечIо.