Россиялда гьукъараб анцIго кино

ГIемерал блоггеразул ццим бахъун буго «Номер 44» абулеб антисоветияб кино гьукъун букIиналъ. Блоггеразул хIисабалда гьеб гьукъун гьечIебани, лъилниги интерес баккилароан кIудияб гуреб гьунаргун бахъараб гьединаб киноялда.

ЖамагIаталъ цIидахъан бицен гьабизе байбихьана Россиялда бугеб цензураялъул. Кьварараб цензура ва хал кквей культураялъул министерлъиялъ гьабулеб буго кинофильмазда хадуб. Россиялда гьукъараб анцIго кинофильмилан абураб макъала, бахъана гьалкъояз прессаялда.

Киноялда тIад контроль гьабулеб буго официалияб гуреб къагIидаялдаги. Гьелда Россиялъул прессалъ абулеб буго – балъгояб цензураилан. Нагагьлъун цо-цо пачалихъиял хъулухъчагIазда гьаб ялъуни доб кино идеологиялъул рахъалъан квещаблъун бихьани, гьеб халкъазда бихьизабулеб гьечIо.

Мисалалъе бачунеб буго анцIго гьадинаб кино. Аслияб къагIидаялъ гьел ккола Машрикъалъул Европаялда ва Совет Союзалъул рукIарал республикабазда рахъарал фильмал.

10-билеб. Режисер Макс Фербербёкица 2008 соналда бахъараб «Берлиналда цIар гьечIей чIужу-гIадан» абураб кино. Гьениб бихьизабулеб буго Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса нахъе Берлиналда советиял солдатаз Германиялъул руччабазде хIал гьабулеб куц.

Журналистаз абулеб буго режиссерасул хиял букIинчIин советиял солдатазул зулму бихьизабизе, гьесул мурадлъун букIун буго нацистазул Германиялъ гьабураб вахIшилъи бихьизабун, гIадамазда бичIчIизабизе, гьадинал такъсирал гьарулаго, гьелда релъараб къисасги хIехьезе кколин абун.

9-абилеб. режиссер Ахтем Сейтаблаевас бахъараб «Хайтарма» абулеб фильм.

Украиналда бахъараб 1944 соналда крым-татаразул депортациялъул хIакъалъулъ кино. Россиялда гьеб кино бихьизабизе рес щвечIо цониги кинофестивалялда. ГIуцIарахъубаз киноялъул генералияв директорасде абуна жидеде хIакимзабаз тIадецуй гьабулеб бугин.

8--абилеб.. 2014 соналда режиссер Сергей Лозницал «Майдан» абулеб документалияб фильм. Гьеб кинофильм Кремлалъул пропагандаялде данде кколарин, абулеб буго экспертаз, гьединлъидал Россиялъул гIадамазе ресги щвечIо гьеб бихьизеин.

7-билеб. «РухIияб бацIалъи». Эстониялъул режиссер Антти Йокиненица гьеб кино бахъана Софи Оксаненил романалда тIасан. Гьениб бихьизабулеб буго Советияб квершеллъиялъ Эстониялъул кIиго тухумалъе кьолеб зулму. Хасго НКВД-ялъул камеразда гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьей.

6-билеб. «Путы» абулеб жиндирго фильмалда Чехиялъул режиссер Радим Шпачекица бихьизабулеб буго социалистикияб Чехословакиялъул хасаб цIех-рех гьабулеб хъулухъалъул офицерасул гуIумруги, хасиятги, ишалги. 2009 соналда гьеб кино Чехиялда бищун лъикIаблъун рикIкIана критиказ.

5-билеб. «Мандаринал», 2013 соналда Гуржистаналъул режиссер режиссер Заза Урушадзеца бахъараб киноялъ бихьизабулеб буго гуржиязулгун-абхазазул рагъ.

4-билеб. «Хвараб гIазу» абураб жиндирго киноялда режиссер Томми Вирколаца къасд гьабуна Дунялалъул КIиабилеб Рагъул гIахьалчагIилъун кколел нацистал ва большевикал гIалхьулал гIадамал хIисабалда рихьизаризе, Цолъарал Штатазул аскариялийн рихьизарун руго эркенаб дунялалъул вакилзаби хIисабалда ва ахир-къад бергьенлъи босула эркенлъиялъ.

3-билеб. «Шагьар-44» абураб кино бахъана Польшаялъул режиссер Ян Комасица. Гьесги бихьизабуна БагIараб Армиялъул кIигьумерлъи. Советиял солдатал гIедегIулеб гьечIо Варшава Вермахталъул аскариязукьа хварас гьаризе.

2-билеб. «Хьибилаб рахъалдасан гьури». Режиссер Мартти Хелд. ЦIакъ пашманаб кино эстониязул депортациялъул хIакъалъулъ.

1-цебесеб Роза, режиссер Войцех Смажовскиясул кино 20I2 соналда рикIкIана Польшаялда бищун лъикIаб кинолъун. Гьелъ бихьизабулеб буго Польшаялда бугеб мазур абулеб цо гьитIинаб халкъалъул трагедиялъул.