Президентасул рищиязул кампаниялъул контрастал

Азербайджаналъул президент Ильгьам ГΙалиев ва гьесул лъади Мехрибан. Куба мухъалда гольфалъул клуб рагьулеб мехалда гьабураб фотосессиялдаса.

Гьесул рищиязда цебесеб кампаниялъул элементазул цояб кколаан батΙи-батΙиял бакΙазда хΙукуматалъул ва жамгΙиял идараби, объектал рагьулеб бакΙазда багΙараб чΙоло къотΙи. ГΙалиев ва гьесул лъади - 12 сентябралда Бакуялда цΙияб азархана рагьиялъул церемениялда бахъараб сурат.

ГΙалиевас рагьулеб буго коррупциялде данде къеркьолеб департаменталъул мина. Азербайджан буго дунялалдаго коррупциялъул бищунго борхараб даража бугел, Нигерия ва Пакистан гΙадал, улкабазда гъорлъ.

ГΙалиевасул гара-чΙвариял мухΙканго хΙадур гьарула цереккунго. 14 августалда ГΙалиев щвана мухъалъул администрация нахъе ин тΙалаб гьабун, соналъул байбихьуда протесталъул акцияби тΙобитΙараб ИсмагΙили шагьаралде.

Президентасул лъади Мехрибан ГΙалиева халкъалда цее цо-цо нухалда ячΙуна цадахъ рос гьечΙогоги. Жиндирго яс Лайлагун цадахъ Азербайджаналъул тΙоцеесей ледиялъ Бакуялда 25 сентябралда рагьана лъималазул ах.

Оппозициялъул кандидат Джамил Хасанлил рищиязда цересел митингазде вачΙана аза-азар чи. Гьаб сурат бахъун букΙана Бакуялда 22 сентябралда.

06.10.13. Гьаб сураталда ХΙасанли хΙадурулев вуго Сумгаит шагьаралъул рищарухъазда цеве вахъине.

Азербайджаналда ХΙасанлил рахъ гΙел кΙудиял гΙадамаз гуребги кколеб буго гΙолохъабазги. Оппозицияв кандидатасул рахъ ккуразул ретΙелалда хъван буго «Basdir!». Гьеб ккола «ГΙела!» абураб.

22.09.13. Джамиль ХΙасанли ккола историкиял гΙелмабазул профессор. Гьаб сураталда гьев цеве вахъунев вуго Бакуялда тΙобитΙараб митингалда.

2 октябралда Шеки шагьаралда тΙобитΙана оппозицияв кандидатасул рахъ кколезул митинг. Гьел гьенире рачΙун руго гΙемер полициялъулал рукΙиналде ва кьолел хΙинкъиязде балагьичΙого.