Хlажат бугищ имамазе аттестация?

МахIачхъалаялда Котровасул къотIноб бугеб мажгит

Дагъистаналъул нухмалъулес гьал къоязда лъазабуна республикаялъул тIолалго мажгитазул имамзабазул аттестация гьабизе кколин. Гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго ислам лъазабиялда сверухъ хIалтIи гьабулеб централъул вакилзабазги. Амма Дагъистаналъул рухIияб идараялъги гьединго мухъазул имамзабазул нухмалъулелги разиял гьечIо гьелда.

Имамзабазул аттестация гьабизе ккеялъул суал Рамазан ГIабдулатIиповас борхун букIана жеги марталдаго. миллиялгун диналда хурхарал суалазул рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакилзабазулгун президентасул дандчIвай букIана гьеб.

Имамзабазул аттестация дагъистаналда цебего тIобитIизе кколаанилан рикIкIунеб буго Гереев Русланицаги. Гьев ккола ислам лъазабиялъул рахъалъ Шималияб Кавказалда гIуцIараб централъул нухмалъулев. Гереевасул рагIабазда рекъон жакъа росабалъун шагаьаразад ругел имамзабузул гьечIо политикиябгун жамгIияб ахIвал хIалалъул хIакъалъулъ рагьун къимат кьезе кIолеб даражаялда гIураб лъай, цохIого цо шаргIияб гIелмуялъул рахъалъ щвараб лъаялда гIейги гьабун гьел цо жо бицунел хутIун ругин, гьединлъидал гIемерисел гIолилацаги гьез бицунеб вагIзаялде мугъчIвайги гьабун чIолел гьечIин. Жакъа интернеталъул гьурмазда кигIан бокьаниги батIия вагIзабиги видеороликалги рукIаго гIолилаз жидецаго хIисаб гьабун тIаса бищулеб гIумрудул нухда.

Гереев Руслан: «Имамзабаз гьабулеб вагIзаялда бараб буго гIолилазул тIалъиялдехун букIине бугеб бербалагьиялъул суалги. Аммма жакъсеб хIакъикъат абуни кинабха бугеб жинцаго бицнеб жо жиндаго бичIчIуларев имамас гьабулеб вагIза релълъуна чIандаялда, бичIчулеб жо буго гIолилазеги гьеб рекIее гIезе гьечIеблъи. Амма аслияб суалги гьелъулъ гуро бугеб.

Рамазан ХIажимурадовичас борхараб суал цIакъ кIвар бугеб ккола имамасул гIамал хасияталъул ва хьвада чIвадиялъул кIвар буголъи. Ахир къадги вахъана гьеб суалалде кIвар кьурав чи. ГIемерисел муниципалитетазда имамасул хьвада-чIвадиялда, гьес гьабулеб хIалтIуда гьоркьоре лъугьунел чи кколароан, заман щвана гьеб киналъего ахир лъезе. Жакъасев имам вукIине ккола кинабго рахъалда щвалде щун лъай бгев чилъун, гьесул букIине ккола теологиял гIелмабазул кандидатасул цIар. Гьелъул кIудияб пайда букIинаан жамгIияталъе»

Гереев гьединго рази гьечIо Дагъистаналъул рухIияб идараялъ имамзаби хIадур гьарулеб къагIидаялдаги. Чанго гIасруялъ церехун балагьани умумузул заманалда рухIияб рахъалъе нухмалъи гьабулеб динияб идара букинчIин доб мехалъ. ЦеретIурал кIудияб гIелму лъаялъул бетIергьабилъун рахъарал гIалимзабазул гьединго жамгIияталъулги пикруги дандабан толел рукIанин росабалъ мажгитазе нухмалъи гьабулел имамзаби, гьанже гьел хIадурулел ругеб куцалда тIасан гьадинаб пикру буго гьесул.

Гереев Руслан: «Аттестациялъ бихьизабизе ккола имам заманаялъул тIалабазда дандекколев чи вукIин, гьеб батичIони хъулухъалдаса ватIа гьавизе ккола. Цойги нилъер буго имамзаби хъулхъалде тIамиялъул цIакъ гIажаибаб практика. Гъова МахIачхъалаялда цIаларав чи витIула дове кивалиго рикIкIадад росулъе. Гьеб битIун гьечIо имам вищизе ккола росабазул жамагIиятазул пикруги дандбан. Гьесул лъай батичIони гьев ватизе ккола гIелму цIализе. Дунялалда кибго буго гьедин. Гьанибги букIине ккола, гурони нилъер гьаниб жегиги цебетIезе буго экстремизм, такъсирчилъи ва диназда гьоркьор рикьалаби гIемерлъи».

Амма Дагъистаналда рикIкIунел тарихчагIазул цояв ХIажимурад Доногъоца рахъкколеб гьечIо имамзабазул аттестация гьабизе кколилан республикаялъул нухмалъулес загьир гьабураб пикруялъул. Тарихчияс «Эркенлъи» радиоялъе бицана имамзабазул махащел каилъизабиялд тIалъиялъ кIвар буссинабурал хIужаби тарихалда жанир рукIниалн тасдиък гаьулел баянал жинда ратичIин, лъаларин цоги лъида бугониги лъалиш цониги гьединаб хIужа. Исламиял цIалул идарабаз имамзаби хIадур гьарулел куцалда гьезул ракIрекъолеб батичIони, гьел цIалул идарабазда жаниб тIобитIизе ккелинха гьеб аттестацияйилан абулеб буго ХIажимурадица.

Гьединго аттестациял тIобитIизе букIиналда рази гьечIо Гъуниб мухъалъул имам МухIамадов Кримула-хIажиги. Киналго имамзабазул махщалилаб рахъ камилъизабиялъул рахъалде рухIияб идараялъ кидаго кьолин кIвар гьелда гьоркьобе лъугьине изну гьечIин тIалъиялъулилан рикIкIунеб буго гьес.

МухIамадов Каримуллагь-хIажи: « ХIажалъи кинабха гьелъул бугеб рухIияб идараялъ тIамула имамзаби хъулухъалде, гьезда хадуб хал квезе мухъалъул имамзабазадаги тIадкъала. Президентас гьабулеб жо бичIчIулеб гьечIо дида, гьесда жиндагоги бичIчIулеб гьечIилан ккола дида».

Дагъистаналъул рухIияб идараялъухъа кинал ругониги баянал щвечIо нижер программаялъе. Цогидал информалатаз бицунелда рекъон гьелги дандечIун руго аттестация гьабиялда.