Гlаракъи бичизе гьукъулеб буго

Дагъистаналъул халкъияб мажлисалъ иргадулаб сессиялда къабул гьабуна кванил нигIматал ричулел тукабазда къаси сагIат анцIгоялдаса радал сагIат 10 тIубазегIан гIаракъи-чагъир ва цоги гIадал мехтизарулеб лъим бичизе гьукъулеб къанун.

Амма гьеб къанун хъатIизе гьечIо квана-гьекъезе гIадамал рачIунеб бакIазул бетIергьабазда. Кинаб бугеб гьеб къануналда тIасан тукадул хважаинзабазул ва жалго гIадамазуги пикруян абураб суалгун цIех-рех гьабуна «Эркенлъиялъ»

ГIаракъи ялъуни чагъир бичуларел тукаби къанагIатги гьечIо жакъа Дагъистаналда,. Гьединлъидал кин гьеб къанун хIалтIизе бугебали жеги бичIчIулеб гьечIо гIемерисезда. Хасго дунял хинлъараб риидалил гIужалъ аслияб куцалда 10 тIубан хадуб байбихьула гьединал тукабазда даран ккезего. Гьединал гIужаз тIубараб сордоялъ гIадин шагьаразда тира-сверун рукIуна гIемерал гIадамал.

ГIаракъи чагъир бичиялдаалъун бищун гIемераб хайир щолеблъи бахчулеб гьечIо жалго ричарухъабазги. Мехтизарулеб лъеда гьоркьосан цохIо чIагIа гурони жиндир гьаниб бичуларилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялдаса Шамсудинов Пайзулалгьица.

«24 сагIат» абураб цIар бугеб тукадул хважин ккола гьев. ХIакъикъаталдаги гьесул тукен хIалтIулеб буго сордо-къоялъ чIечIого. ГIаракъи бичуларелдаса чанго сон бугин. ЦIияб къануналъул хIакъалъулъги рагIун буго гьесда, щибинха гьабилеб жиндирги батIаго кIудияб дандечIей гьелда букIинарин пачалихъалъ малъараб гьабизе хIадур вугин живилан мукIурлъана гьев нижер программаялъе:

Пайзуллагь: «50 квадарталъул гIатIилъи гьечIеб тукен букIиналъ гьукъун букIана дие гIаракъи бичизе, гьанже дир тукен гIатIилъун буго, амма гIаракъи бичизе изну тIалаб гьабулел кагъталгун векерахъдизе бокьичIого тана дица гьеб бичичIого. Бичула цохIо гIаракъи, гьанже гьебги бегьуларилан абулеб буго, бегьичIони жибго телаха щиб гьабилеб, гьуинаб лъимги бичун чIелаха(велъулаго) къаналдаса ворчIизе бакI гьечIо дие.

ЭР Бищун хаийр кьолеб жоги гьечишха гьеб мехтизарулеб лъим, пивоги гьелде гъорлъе уна, бугониги гьеб бичулеб буго гури дуца?

Пайзуллагь: Бичулеб буго гьелъие изну кьолеб бугебгIан мехалъ, цогидазги бичула гури, бичизе бегьуларилан къанун хIалтIизе лъугьани гьебги бичиларо. БатIалъи щиб, къаси 10 тIубаралдаса бегьулеб гьечIоха, бичилаха къад, тIубанго гьукъани гьелдаги разилъила дун».

ЦIияб къануналда рекъон гIаракъи-чагъир бичизе гьукъун буго цохIо кванил нигIматал ричулеб тукада, гьедин квана-гьекъезе гIадмал рачIунеб бакIалда гьеб бичизе гьукъун гьечIо. Къанун хIалтIизе биччалеб бугони гьеб киназего гIаммаб къагIидаялъ букIине кколилан гьелдасаги рази гьечIо Файзула. Гьеб гуребги гьеб къаун хIалтIизе лъугьани жиндир дармида кIудиял хиса-басиял лъугьине ругилан абулеб буго даранчияс.

Пайзуллагь: «Токалъухъ, ижара-хIакъалъухъ, цогидалги дие чIезарурал квегIенлъабазухъ гIарац кезе ккола дица гIемераб, гьеб гуребги дир гьанив вуго щуго хIалтIухъан дунгоги малъун. Гьезие киназего кьолеб харж къотIизабизе ккола дица гьеб къанун хIалтIизе лъугьани. Мисалалъе дир гьаний йиго Буйнакскиялдаса яхъарай хIалIизе ячIуней йичарухъан, гьейги хIалтIи гьечIохун хутIизехъан йигоха. Къануналда дир дагIба гьечIо, биччанте гIадлу-низам букIине, гьекъолдухъабиги дагьлъила, амма тIаде бачIунеб хайирги дагьлъулеб бугоха дир, хIалтIухъабиги дагь гьаризе ккезехъан руго»

Кинабха бугеб гьеб къануналда тIасан цогидазул пикру. Каспийскалда гIумру гьабун вугев Багрутдиница абулеб буго жинда бичIчIулеб гьечIин хас гьабун къаси мехалъ гIаракъи чагъир бичизе гьукъиялъул магIна . Жиндирго кIалъаялда гьев мукIурлъана батIаго кьогIаб лъедехун гьудулъи бугев чи гурин жив, босулин мех-мехалъ хасго багIарараб ридалил заманалъ цIорораб чагIадул шиша босичIого яхI гьабизеги кIоларилан. Амма гьукъулеб бугони тIубанго бичизе бегьулареб куцалда хIадур гьабейинха къанун:

Багрутдин: «Къаси мехалъ бичизе гьукъичIого къад гьукъун букIарабаниги лъикIан гьеб, щай гурелъул къаси гIаданчиясда вихьуларел гIужаз бокьарав чиясе рес букIинаан гьеб босизе. Гьанжеийн абуни къаси гьекъезе щвечIого хутIарал гьекъолдухъаби къад рукIине руго гIадамазе тIагIамбахъи гьабулел».

ГIаракъи чагъир бичулел тукабазде данде рагъ лъазабиялъул чанго батIиял хIужаби рукIана арал соназда Дагъистаналда. Гьедин МахIачахъаялда ругел чанго гьединал тукаби кьвагьизаруна. Гьединабго тукен кьвагьизабун букIана Шамил мухъалъул ХIебдаги. Абулеб букIана гьеб рохьилазул хIалтIи бугилан Алкоголалда данде рагъ лъазабураб гьединаб къагIидаялъул рахъкколев чи цIакъго дагьав вукIана доб мехалъ республикаялда.

Халкъияб мажлисалъ къабул гьабураб къануналда рекъон гIаракъи-чагъир гIадаб мехтизарулеб лъим бичизе тIубанго гьукъулеб буго лъималазул къолъун лъазабураб тIоцебесеб июналда, лъялъул къо 1 сентябралда ва гьединго кIалкколеб Рамазан моцIалъги.